ГIабдулхаликъ ХIажиев – магIарулазул Джеймс Бонд

Дир гIумруялда жаниб бищун асар гьабулел гIадамал щалилан гьикъани, бер къапичIого жаваб кьела: ганчIида рухI лъун бажарулел устарзабиги, дипломаталги, разведчикалгиян. Щаяли лъаларо, гьел лъабазего Аллагьас кьун бугеб махщел-гьунаралъ кидаго асир гьавулаан дун. Хасго ахирисел кIигоял - дипломаталги разведчикалги. КIиго пачалихъалда гьоркьор ракълилал къотIи-къаял гьарулел цоял ва нилъерго пачалихъалъе кIвар бугел баянал ралагьизе гIумруялдаги сахлъиялдаги барахщичIого, къаси-къад чIечIого хIалтIулел разведчикалги. БатIиял гIадамал руго гьел.

Гьеб кIиябго махщел жиндилъ цолъарав, хIикматаб къисматалъул ва гIажаибаб гIумруялъул инсан вукIана Хунзахъа разведчик ва дипломат ГIабдулхаликъ ХIажиев. Иса­на гьев гьавуралдаса тIубана 90 сон. Дагъистаналдаса КГБя­лъул системаялда гъорлъ хIалтIарал чагIазда гьоркьов бищун машгьурав чилъун рикIкIуна дица гьев.

ТIадежоялъе гьев вукIана нилъер республикаялдаса тIоцеве вахъарав разведчикги. 1970-абилел соназда гьев хIалтIана разведчикасе бищун захIматал пачалихъазул цо­яб СШАялда, хадуб букIана Ливан, рагъул гъугъай гIемераб заманалъ жаниса къотIичIеб, гIарабазул пачалихъ. ЦIакъ хIалхьи гьечIеб гIумруги хIалтIиги букIана гьениб ГIабдулхаликъил.

ГIабдулхаликъ ХIажие­васул хIа­къалъулъ бицунеб ра­гIана 2003 со­налъ. Жиндирго гIумрудул хIа­къа­лъулъ гьес хъвараб «Честь Имею» абураб тIехьалъул презента­ция букIана МахIачхъалаялда. Доб мехалъ гьеб презентациялде ккечIо, амма чанго соналдасан ГIабдулхаликъил кIудияв вас ХIа­жимурадихъа щвана дие гьеб тIехь. Петербургалъул музеялъуб цIунун бугеб Шамил имама­сул машгьурав наиб Хунзахъа ХIа­жимурадил гвангвара ватIаналда букъизе ккеялъул суал борхизе 2015 соналда МахIачхъалаялде вачIарав гьесулгун лъай-хъвай ккана.

ТIоцеве вихьулев вугониги, лъимадулаб гIадатлъигун гьес квер босараб куцалъ асар гьабурав чияс гьикъана инсул гьадинаб тIехь бугилан рагIанин, гьеб щвезе рес букIинародайилан. «Валлагь, букIунебха, дуеги кьечIеб гьеб жиндие щай», - иланги абун, магIаруласе хасиятаб куцалъ гьимана гьев.

Гьедин ккана ГIабдулхаликъ ХIа­жиевасулгун ва гьесул вас ХIа­жи­мурадилгун лъай-хъвай.

Дагьал церегIан къояз редакциялдеги вачIун вукIана ХIажимурад. Инсул хабадеги щвезе, гIагараб Хунзахъ росдал цо къватIалъе цIарги кьезе, отпускалъул заманалъ Да­гъистаналде вачIарав гьев щвана «ХIакъикъаталъул» редакциялдеги.

- Инсул хIакъалъулъ бицинеги хъвазеги жо, хIакъикъаталдаги, гIе­ме­раб буго, амма гьесие жиндиего гьабулеб рецц-бакъ цIакъ бокьулароан, - илан бицана ХIажимурадица нижергун букIараб гара-чIвариялда. Гьев вукIана кутакалда ритIухълъи хирияв инсан. ТIекълъи, цIекIлъи, гьединго гьереси гьесда хIехьезе кIолароан. ТIекъаб жо гьабулеб бихьани, гьелда разилъун чIезеги гьесда кIолароан. Чи вищичIого, хIакъаб рагIи гьесул бадибе абулаан гьес.

Гьединаб тарбия кьун гIезару­на гьес нижги, - ян бицана ХIажи­мурадица.

Изображение

Разведкаялде нух байбихьараб куц

БитIараб бицани, разведчиказул гIумруялъул дие кидаго интерес букIунаан. Лъимерлъудаго ругьунлъана гIурусазул машгьурав разведчик Максим Максимович Исаевасул хIакъалъулъ бицунеб, Штирлицил киноялъухъ валагьизе. Балугълъуде вахиндал, цIалана Япониялда хIалтIулев вукIарав цIар рагIарав Рихард Зоргелил хIакъалъулъ тIехь. Дагьаб хадуб инсуца сайигъат гьабуна 1960-абилел соназ Италиялда «Известия» газеталъул хасав мухбирасул цIаралда гъоркь хIалтIулев вугев цоги гьунар бугев разведчик Леонид Колосовасул тIехьги. Гьанже лъана Хунзахъа ГIабдулхаликъ ХIажиевги. Хунздерил тIалъуда гIурав, ракъарал рагъул соназ гIицIал хIатIалгун школалде хьвадулев вукIарав гьесул чанго соналдасан вахъана гьунар бугев дипломат ва разведчик.

1963 соналъ ДГУги лъугIизабун, гьенивго аспирантураялда вукIарав гьесул цо къоялъ киналго планал хисизарула пуланав чияс. Гьале гьелъул хIакъалъулъ гьес жиндирго тIехьалда бицунеб бугеб куц:

«Дол соназ ДГУялде мех-мехалъ ваккулаан КГБялъул хIалтIухъан Сайгим Илясовович Сулейманов. Цо къоялъ, гара-чIварулел рукIаго, гьес дида гьикъана КГБялъул рахъалдасан Москваялде цIализе ине бокьиларищан. Гьеб лахIзаталдаса байбихьун, дир гIумру тIубанго хисанин абизе бегьула. Ургъизе заман бугищ дирилан гьикъидал, бугин абуна Сайгим Илясовичас. Амма лъиданиги бицунгейила нилъер дандчIваялъул хIакъалъулъ. Гьел шартIал цIунун дихъа бажаричIо ва, рокъове щведал, чIужуялда ва Казбек районалъул Дилим росулъ хIалтIулев вукIарав вацасда дандбана кинабго. Вац дандечIун вукIана, инкар гьабейин тIаделъун вукIана диде. Амма гьесул тIирунчIеялъ жеги хIалакинабуна дир пикру, ва 1964 соналъ, лъиданиги цIарги бахъичIого, дун Москваялде ана цIализе».

Гьениса байбихьана ГIабдул­ха­ликъ ХIажиевасул разведчикасул захIматаб, амма кутакалда интересаб гIумру. Москваялда КГБялъул тIадегIанаб школаги лъугIизабун, гьев цин лъабго соналъ Дагъистаналда хIалтIула. 1969 соналъ, бищун бажари бугев ва цеветIурав хIалтIухъан хIисабалда, Москваялде, Ю.В. Андроповасул цIаралда бугеб Разведывательный институталде цIализе витIула. ТIокIлъиялда гьебги лъугIизабун, цо лъагIалица КГБя­лъул тIоцебесеб бетIераб управлениялдаги хIалтIун, витIула разведчикасе бищун ва захIматаб ва, амма дол соназда бищунго къадруяб пачалихъ СШАялде.

Кавказалдаса вукIин рекIее гIечIеб къагIида

Дие цIакъ асар гьабуна тIехьалда гьес Нью-Йоркалде ине хIадурлъулев вукIараб куцалъул хIакъалъулъ бицарал мухъаз.

«Доб мехалъ улка тун къватIиве унев чияс рахине кколел чанго батIиял идарабазулгун хасал гара-чIвариял тIоритIулаан. КГБялъул кадрабазул аппараталдаса бахъараб, ЦК КПССалде щвезегIан. ГIе­ме­рисеб мехалъ гьенир рукIана, хIухь­дул гIадин, жидеда кутакалда гIемер жо лъалеб гIадин, гIакъилал куцалги гьарун рукIине бокьулел гIадамал.

РакIалда буго КГБялъул кадрабазул аппараталъул нухмалъулев генерал Сторожевасулгун букIараб кIалъай. Гьес дида гьикъана кин ракIалда бугеб СШАялда разведчикасул хIалтIи бачине абун. Дица абуна Вьетнамалъулгун букIараб рагъдаса хадур, СШАялда дагьал гьечIин президент Р. Никсонил политикаялда рекъечIел гIадамал. Гьеб гуребги, Америкаялъул халкъ бугин гIарац хириял чагIи, гьебги хIисабалде босун, рес бугин гьезулгун хIалтIи щула гьабизе. Дида бичIчIараб бакIалдаса гIебеде генераласе рекIее гIунин ккола жаваб. Амма кабинеталъуса дун араб сагIаталъ, гьес ахIун буго дир нухмалъулев Анатолий Киреевасухъе, гьев гIолохъанчи жиндаго ракIчIарав, гIамал кIудияв чи вихьулин, гьев СШАялде гурев, Африкаялде витIизе кколин хIалтIизеян. Дир нухмалъиялда кIудияб къо бихьун буго, СШАялде витIизе дун нусго чиясда гьоркьоса тIаса вищарав, тIадчIун куцарав чи кколилан гьев генераласда бичIчIизабулаго.

Балагьараб мехалда, гьесие рекIее гIун гьечIо дун Кавказалдаса вукIин. Амма дида жакъа ракIчIун абизе кIола гIумруялда жаниб дица гьабураб хIалтIул цо нусил бутIацин гьесухъа гьабун бажаричIилан. Кабинетал хинлъизарулел гьединал генералал сабаблъун, чан бажари бугев разведчикасул карьераялъе квал­квалха ккараб доб мехалъ.

Нахъа тана ахирисебги «болъодул хIокI» - КПССалъул ЦКялъул чагIазулгун букIараб хасаб гара-чIвари, ва дицаги хъизамалъги халатаб сапаралъе чемоданал «кьолозе» байбихьана. Цебе букIана «город желтого дьявола» Нью-Йорк, (гьединаб цIар лъун букIана советиял газетазда дол соназ гьелда). Ункъо-щуго сон гьениб тIамизе хъван батана къисматалъ дие. Амма бажариладай улкаялдаса дунги дидаса улкаги разияб хIалалъ гьенив хIалтIизе. КIвеладай партиялъги раз­ведкаялъги тIадкъараб борч ракI­ба­цIцIадго тIубазе. Гьединал пикрабаз рахIат толеб букIинчIо дие самолеталде вахиндалги».

ЦIакъ интересаб гIумру букIун буго ГIабдулхаликъил Нью-Йоркал­да. СССРалъул КъватIисел ишазул рахъалъ министерствоялъул, ООНал­да бугеб вакиллъиялда лъабабилев секретарь хIисабалда лъалаан гьев официалияб къагIидаялъ. Амма хIакъикъаталдайин абуни гьев вукIана КГБялъул тIоцебесеб управлениялъул хIалтIухъан.

«ООНалъул штаб-квартира дол соназ релълъун букIана НухIил га­мида. Чан батIияв чи дида гье­лъул жанахIалъув дол соназда данд­чIва­рав? Чанго батIияб пачалихъа­лъул аралги, ругелги, рукIинеселги нухмалъулел рихьизе рес щвана. РакIалда вуго доб мехалъ СШАя­лъул ООНалъул миссиялъул нухмалъулевлъун вукIарав, хадув 41-абилев президентлъун вахъарав Джордж Буш (кIудияв), лъалесдаги лъаларесдаги жидерго мацIалда «хай» абун, салам кьезе цIакъ бокьулаан гьесие. Палестинаялъул нухмалъулев Ясир ГIарафатги, Ливиялъул бетIер ва хадув такъсирчагIазул квердаса хварав Муаммар Къаддафиги, Китаялъул вукIинесев президент Дэн Сяопинги. Лъидаха ракIалде ккелеб букIараб, ООНалъул халатаб жанахIалъув хъалиян бухIулев вукIарав гьев чияс, чанго соналдасан Китаялъул экономика цогидалги бахиллъулеб борхалъуде бахинабилин абун?»

Ясир ГIарафатгун ГIабдулхаликъ хадув дандчIвана Ливаналда хIал­тIулел соназги. Гьеб букIана хадуб. Амма, СШАялда щугогIан соналъ хIалтIун хадув, 1975 соналъ гьеб пачалихъалъул персона нон граталъун лъазавуна ГIабдулхаликъ ХIажиев. Латин мацIалдаса буссинабуни, гьелъул магIна ккола жидер пачалихъалда тIокIав вихьизе бокьиларев чиясда хурхун абулеб рагIи. Гьеб термин гIемер хIалтIизабула дипломатазда хурхунги. Гьедин ккола нилъер ракьцоясулги. Гьесдасаги тIадехун вугев жавабияв хIалтIухъан сабаблъун, ГIабдулхаликъица балъго гьабулеб букIараб хIалтIи къватIиб чIвала. Ва гьев СШАялдаса нахъе ине ккола. Гьелъул хIакъалъулъ гIа­тIидго бицунеб буго тIехьалда. Редакциялда нижергун букIараб гара-чIвариялда гьелъул хIакъалъулъ бицен ккана ХIа­жимурадилгунги.

«Инсуда гьеб кинабго хIалалдаго лъалеб букIараб гIадин, эбелги нижги (лъабавго вац) самолеталдеги ра­хинарун, ватIаналде ритIана гьес доб мехалъ. Чанго къоялдасан вачIа­на живгоги», - ян ракIалде щвезабуна гьес.

Изображение

ГIарабазул ракьалда магIарулазул вакил

ТIокIалъ СШАялде ине нух къан хадуб, 1980 соналъ ГIабдулхаликъ витIула Ливаналде, резидентасул заместительлъун. Улкаялда гьоркьоса къотIичIого граждан рагъ унеб мехалда ккола гьев гьенивеги. Анлъго соналъ хIалтIун вуго гьединаб хIалуцараб ахIвал-хIалалда.

«Ливан - гьеб буго гIажаибго берцинаб улка. Амма гьеб берцинлъиги улкаялда бугеб парахалъиги теларин, рагъуе къали бухулел чагIи рукIиналъ, гIемерал соназ къотIичIо гьениб кьвагьулеб ярагъалъулги рихъулел бомбабазулги сас. Гьениве щварав дун тIоцебесеб къоялъ ворчIизавуна кьвагьулеб гIарадаялъул сасалъ», - ан байбихьулеб буго гьес гьениб араб гIумруялъул хIакъалъулъ бицине.

Ливаналда хIалтIулеб мехалъ гIум­руялъе хIинкъи цIикIкIараб ахIвал-хIалалдеги ккана гьев чанги. Гьелъул хIакъалъулъ гIатIидго би­цунеб буго тIехьалдаги. 1985 соналъ ГIабдулхаликъиде тIаде ккола террористаз гъоркьлъалие росарал, гьенир хIалтIулел рукIарал нилъеразул ункъоял хвалдаса хвасар гьаризе. Гьезул кIигоял рукIана ГIабдулхаликъида цере хIалтIулел рукIарал пишацоял. Гьеб ишги гIумруялде бахъинабизе кIола гьесда.

Гьединаб бечедаб, интересаб, кутакалда асар гьабулеб биография буго ГIабдулхаликъил. Гьесул тIехь дица жакъаги тIад-тIадвуссун цIалулеб буго. Щибаб нухалъ мисал босизеги пикру гьабизеги жо гьениб гIемераб батула. ГIабдулхаликъил хIакъалъулъ газеталъул цо-кIиго гьумералда бицун рагIалде бахъунаро. Гьев вукIана батIияб заманалъул ва хIикматаб къисматалъул инсан. Гьединазул хIа­къалъулъ батила чIахIияз абулеб: «Гъодинал гIадамал тIокIалъ ра­хъунаро, - ян».

Ашахан Юсупов