Гьал къоязда 75 сон тIубана машгьурав гIалимчи, филологиял гIелмабазул доктор, РАНалъул тарихиялгун филологиял цIех-ре­хазул отделалда цебе бугеб Россиялъул тюркологазул комитеталъул член, ДФИЦалъул ИЯЛИялъул адабияталъул отделалъул ва Расул ХIам­затовасул адабияб ирсалъул цIех-рехазул централъул нухмалъулев АхIмад МуртазагIалиев гьавуралдаса.

АхIмад гьавуна 1951 соналъул ункъабилеб октябралда Буйнакск районалъул ТIаса Жунгут росулъ. КватIичIого гьесул эбел-эмен гочана МахIачхъалаялде, ва АхIмад цIалана тахшагьаралъул школалда. Советияб армиялда рагъулаб борчги тIубазабун, гьев цIалана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталда. 1978 соналда лъугIизабуна гьелъул гIурус-Дагъистан отделение ва 1990 соналда – Москваялда Лъай кьеялъул миллиял масъалабазул институталда цебе бугеб аспирантура. 1994 соналда цIунана «МагIарул школалда Расул ХIамзатовасул поэзия малъи» абураб темаялда педагогиял гIелмабазул кандидатлъиялъе хъвараб диссертация ва 2007 соналда – филологиял гIелмабазул докторасул диссертацияги («Турциялда гIумру гьабулел дагъистаниязул адабият: генезис ва художествияб хаслъи» абураб темаялда).

1980-1991 соназда А. Мурта­за­гIалиев хIалтIана Дагъистаналъул учительзабазул лъай камил гьабиялъул институталда цин методистлъун ва хадувккун – рахьдал мацIазулги адабиятазулги кабинеталъул заведующийлъун. 1991-2000 соназда хIалтIулев вукIана ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб Дагъистаналъул Педагогикаялъул гIелмиял цIех-рехазул институталъул кIудияв гIалимчилъун.

2000 соналдаса нахъе А. Мур­та­загIалиев хIалтIулев вуго РАНалъул ДФИЦалъул ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб МацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталда (ИЯЛИ). 2001 соналда гьев вищана рехсараб отделалъул нухмалъулевлъун ва 2005 соналда гьесда тIадкъана Расул ХIамзатовасул адабияб ирсалъул цIех-рех гьабиялъул централъе нухмалъи гьабизеги.

АхIмадил гIелмиял хIалтIабазул аслияб тема буго Дагъистаналъул ва магIарул адабияталъул тарихгун цебетIей, къватIисел улкабазда гIумру гьабулел дагъистаниязул адабияталъул цIех-рех гьаби, Дагъистаналъулги Турциялъулги адабиятазул ва маданиятазул бухьенал машгьурлъизари, тексталъул масъалабазда тIад хIалтIи ва гь.ц. Гьесул хIаракаталдалъун Дагъистаналъул адабият лъазабиялъул гIелмуялда загьирлъана цIияб рахъ – къватIисел улкабазда ругел дагъистаниязул адабияталъул цIех-рех гьаби.

2006-2008 соназда А. Мурта­за­гIалиев гIахьаллъана «Дагестан в контексте русско-европейских и русско-восточных историко-культурных связей XVIII–XX вв.» абураб гранталъулаб цадахъаб темаялда тIад хIалтIиялъулъ. Гьединго нухмалъи гьабуна «Дагъистаналъул халкъазул адабияталъул тарих» абураб темаялда тIад хIалтIулел гIалимзабазул хIаракаталъеги. Гьес хIадурана «Дагъистан» абураб энциклопедияб справочникалъе макъалаби, хIалтIана Истамбулалда басмаялда бахъараб турк-гIурус словаралда тIад, хIадурана ва басмаялда бахъана «Писатели дагестанского зарубежья» абураб справочник. Гьединго АхIмад ккола 300-ялдаса цIикIкIун гIелмияб макъалаялъул авторги: гьел рахъана Анкараялда, Истамбулал­да, Бакуялда, Владикавказалда, Грозныялда, Москваялда, Магасалда, Майкопалда, Тюменалда, Тобольскиялда, Черкесскиялда ва цогидал бакIазда тIоритIарал гIелмиял дандеруссиназул кьучIалда.

А. МуртазагIалиев мустахIикъ­лъа­на кIиго гранталъе: РФФИялъул (2013) ва ДРялъул бетIерасул (2019) ва Расул ХIамзатовасул медалалъе. Гьев вуго ИЯЛИялъул ГIелмияб Советалъул член, «ИЯЛИялъул вестник» абураб ва цогидалги гIелмиял басмабазул редколлегиялъул член. Ахирал соназда гьев жигаралда хIалтIула «ХIакъикъаталъул» редакциялдаги.

ГIумруялъул 75 сон тIубайги баркун, нижеца АхIмадие суалал кьуна. Гьес бицана Расул ХIамзатовасул адабияб ирсалъул цIех-рех гьабулеб централъул (хадубккун – Центр) ва магIарул адабияталъул къисматалъул, гьединго гIумруялде бугеб бербалагьиялъул хIакъалъулъ.

Расулил центрги ракI

бохулареб адабиятги

- Рес букIарабани, щиб хисизабизе букIараб дуца дурго гIумруялда?

- Нахъа тараб гIумруялъул хIисаб гьабуни, гIемерал хиса-басиял дица гьарилароан. ТIоцебе босани, киданиги тIаса бищилароан филологасул махщел. Амма гIумруялъул жиндирго законал рукIуна, ва нилъги гьезда рекъон хьвадула. Инсул малъа-хъваяз вачана дун гьеб ишалда гьоркьове. ХутIарабщиналда дун разияв вуго, шукру Аллагьасе.

- ГIолохъанлъуда цIакъ бокьун букIараб, амма гIумруялде бахъинабизе бажаричIеб щиб бугеб?

- ГIолохъанлъи буго инсанасул гвангъараб, талихIаб заман. Анищалги гIемер рукIуна гIолилазул. Дир анищ букIана дунялалда тира-сверизе – нилъерго улкаялъул батIи-батIиял шагьараздеги къватIисел пачалихъаздеги щвезе ине. Бокьун букIана дирго ракIалъ тIасабищараб махщелалъе цIализе, амма бажаричIо. Кин бугониги, дир гIемерисел анищал тIурана, ва дун гьелдаса рази вуго.

- Щай хIажат букIараб Р. ХIам­затовасул адабияб ирсалъул цIех-рехалъул центр рагьизе?

- Гьеб рагьиялъул хIакъалъулъ пикру тIоцебе загьир гьабуна 2003 соналда ИЯЛИялъул директорлъун вукIарав ХIажи ХIамзатовас. Гьес дун ахIана жиндихъе ва абуна: «Дир вац гуревги, Расул ккола дунялалдаго машгьурав шагIир. Гьесул ирс бакIаризеги, гьелъие гIелмияб къимат кьезеги, гьелда тIад хIалтIизеги хасаб идара къваригIуна», - ян. Дунги гьелда разилъана.

Гьеб пикру къабул гьабуна Россиялъул ГIелмабазул академиялъги. Дозул разилъиялдалъун ва Дагъистаналъул бетIерлъуда вукIарав Му­хIамадгIали МухIамадовасул ука­залдалъун 2006 соналда рагьана Центр. Гьенив хIалтIулев вуго щуго чи. Гьезул хIаракаталдалъун хIадурана Расулил асаразул 15 том. Гьезда руго шигIраби, публицистика, хабариял ва драмаялъул асарал, гьединго миллияб ва цогидал газетазда рахъарал очеркал-макъалаби ва кIалъаял. Гьеб ккола кIудияв шагIирасул тIоцебесеб гIелмияб басма.

ШагIирасул асарал рахъи гуребги, Централъ гьабуна кIудияб хIалтIи: басмаялда рахъана Расулил гIумруялдаги поэзиялдаги хурхарал батIи-батIиял темабазда хъварал монографиялги.

- Кинаб къимат кьелеб дуца нилъер жакъасеб адабияталъе?

- ЦIакъ бечедаб букIана нилъер це­бесеб адабият, амма жакъа гьелъул буго къваридаб, пашманаб хIал. Гьелъул рухI бахъулеб бугилан абуниги, мекъи ккеларо. ТIубанго тIагIана жанр хIисабалда драматургия. ЗагIипго, хIинцго цебетIолеб буго проза, амма ругел асаразги гIемер кIудияб рохел кьолеб гьечIо. Проза хъвалел чагIи дагьлъун руго. Гьез хъвалел асаразги рекIее кIудияб асар гьабулеб гьечIо: букIине кколеб куцалда рорхулел гьечIо миллаталъе кIвар бугел масъалаби. КучIдул хъвалел магIарулал гIемер руго, амма гьезда гьоркьосаги цо-кIиго цIар буго рехсезе мустахIикъаб, дир хIисабалда, пагьму-гьунар бугел шагIирзабилъун тезе бегьулел. Абизе бегьула, критикаги тIубанго лъугIанилан. ЦIиял асаразе, рахъарал тIахьазе, хIужа-далилалги рех­сон, къимат кьолев чи гьечIо. ЛъугIун буго таржамаялъулаб адабият: къадарго гурони рихьуларо цогидал мацIаздаса магIарул мацIалдеги нилъер мацIалдаса батIияб ма­цIал­деги руссинарурал асарал.

Кинаб букIинесеб бугеб нилъер адабияталъул – дида лъаларо. Адабияталъул аслияб жо ккола мацI. МацIги загIиплъулеб, гьелъул къиматги холеб бугони, жамагIаталъул гIумруялда жаниб гьеб хIалтIизабулебги гьечIони, гьединаб кьучIалда камилаб адабият бижизе рес гьечIо. Нилъер машгьурал хъвадарухъаби гьаруна, гIуна ва гьезул пагьму цебетIун ана бищунго мацI камилаб заманалда. Жакъа гьединаб заман гьечIо. ШигIраби хъвалел цо-цоял рокъор хъизамалда рахьдал мацIалда кIалъаро. ГIемерисел гьединал авторазул кучIдул цIализецин цIалуларо дица – гьезул хIаракаталъул хIасил буго жалгоги цIалдолелги махсараде кквей.

- Ахирал соназда гIемер тIахьал рахъулел руго магIарул мацIалда. Гьеб лъикIищ, квешищ?

- Гьеб лъикI буго: мацI хIал­тIи­забулеб букIиналдаса рохизе ккола нилъ. МацI чIаго букIиналъе нугI­лъи гьабула гьелъ. Цадахъго бече­лъулебги батила гьеб. Амма кин гьеб мацIалдаса пайда босулеб бугеб? Гьеб буго батIияб суал.

- Бищунго къиматаб эбел-инсул насихIат кинаб бугеб?

- Гьез дида малъана ва дие даимаб дарслъунги хутIана гьаб пикру: дуего бокьулареб чидае гьабуге. Дир эбелалъул инсуца, гIалимчияс, абулаан, воре дуца миллаталъул къадру, росу-жамагIаталъул къимат цIунеян, нуж рижараб бакI, нужерго ватIан кIочон тогеян. Гьес малъулаан диналъе ритIухъаллъун рукIине. «Аллагь ккурав Аллагьасги ккола», - ян абулаан гьес. Нилъ, магIарулал, руго дин ккурал чагIи. Гьелъие мисал буго нилъер кIудиял гIалимзаби, наибзаби, имамзаби рукIин, тарихалъги гьелъие нугIлъи гьабула. Диналъул нухдасан айилан малъана дидаги, дицаги гьедин малъула дирго лъималазда.

- Лъимал, хъизан – гьеб щиб кколеб дуе: ахир гьечIел масъалабазул гьирищ яги рекIее парахалъи кьолеб гьулакищ?

- Гьеб буго дир кIудияб талихI. Дунгоги гьавуна ва гIуна кутакалда лъикIаб хъизамалда, лъикIаб жа­магIаталда гьоркьов. ЛъикIал эбел-эмен, вацал-яц рукIана дир.

Дунги вичIчIулей, дир адабги гьабулей хъизан щвана дие. Гьелда цадахъ 46 соналъ гIумру гьабулевги вуго. Нижер вуго цо вас. Щибаб какда хадуб Аллагьасе шукру гьабула дица, гьединав лъикIав васги яслъун нижее лъугьарай нусги кьуралъухъ. Гьевги гьесул лъималги руго бищунго дун вохизавулел ва, ракIалде щвейгун, гьурмада гьими кунчIизарулел гIадамал. Гьез ниж рохизарураб гурони цониги лахIзатги букIинчIо. Гьел гьединал рукIиналъ гъира базабула жеги гIумру гьабизе. Аллагьас сахлъиялда таги дир хъизан-лъималги тIолго магIарулалги.

Гара-чIвари гьабуна Кавсарат Сулеймановалъ.