ГьитIинаб магIишаталъул кIудияб хIалтIи
Гьал къоязда МахIачхъалаялда, Пушкинил цIаралда бугеб къотIноб тIобитIараб росдал магIишатазул ярмаркаялда гIахьаллъана 38 шагьар-районалдаса 180-гIанасеб магIишат. ГIемерисел нигIматазул багьаби рукIана базаразда ругездаса 10- 20 проценталъ гIодорегIанал. Гьединлъидал батила, дагьаб цIорораб къо букIаниги, гьенире щвана шагьаралдаса гIезегIан чагIи. ГIемерал ЛПХязда гьоркьоб букIана Гумбет районалъул Инхо росулъа МухIамадов Халилил ва гьесул хъизан ПатIиматил магIишатги. Халилилгун буго нижер къокъабго гара-чIвариги.
- Халил, жакъа нужеца щиб бичулеб бугеб?
- ЦIоросаролъалъул ханжу, батIи- батIияб тайпаялъул бакъвазабураб курак, даруял хурдул, магIарухъ ххенараб, ахбазаналъул пурчIуналъул урба.
- Росулъ кинаб магIишат нужер бугеб, кин хIадурулел гьел киналго нигIматал?
- Колхоз биххун хадуб батIи-батIияб бакIалда нижее щвараб ракьалъул гIага-шагарго цо гектар буго. Гьенир руго ахбазаналъул, гIисинаб чIегIераб хурмаялъул гъутIби. Гьенибги аслияб куцалда бекьула цIоросаролъ, гьебги толаро хъабаназ, гьездаса цIуниялъе, гьел нахъе хъамиялъе гьабизе ккола таманаб хIалтIи. БакIарараб гьелъул цо бутIа бичула, цогидалъул гьабула ханжу. МугIруздегун щобазде, гIалахалде гIемер хьвадун, июль- август моцIазда, жеги тIогьолъ ругеб заманалда ракIарула хурдул (сагIан, юшан (полынь), ташкIу, чохьохер ва гь.ц.). Цинги ПатIиматица бакъ щолареб бакIалда ракъвазарула, рацIцIад гьарула, берцинго къачIала.
- Гьалде щвезегIан щиб хIалтIуда мун вукIарав?
- Дица машинаялъул руль кодоб ккуралдаса буго 52 сон, гьабсагIаталдаги дове-гьаниве хьвадула машинаялда. Советияб заманалда шоферлъун хIалтIана колхозалда, сельпоялда, райпоялда, хIалтIичIеб бакI хутIичIо. Хадув 10 соналъ МахIачхъалаялда маршруткаялдаги хIалтIана. Пенсиялде аралдаса нахъе вуго гьаб хIалтIуда.
- Шоферасул хIалтIуда дандеккун жакъа дуца гьабулеб хIалтIи кинаб бугеб?
- Щибаб ишалъул букIуна жиндирго къагIида ва хаслъи. Унев-вачIунев, киса-кивего хьвадулев вукIун тIубалеб шоферасул хIалтIи гIолохъанаб мехалъ гъираялда гьабула, амма гьеб буго захIматаб, къобихьулеб иш. Жакъа - рокъов, метер - хIалтIуда вукIаниги, дун толарев чиги гьечIелъул, гIодове виччан, бицине гIураб гIакъуба бихьичIого гьабулеб гьаб хIалтIи буго дир ригьалда цIакъ рекъараб, кутакалда дандекколеб.
- Гьал киналго нигIматал росулъго ричизе бигьа гьечIищ нужее, рикIкIаде, гьал ярмаркабазде хьвадун гIемер пайда букIунищ?
- ГIеч, гени, микьир, цIибил, гIисинаб хурма нижее гIураб къадаралда росулъ букIуна. ГIураб куракги бакIарула, бакъвазабула щивас, ханжу-урбаги жидецаго хIадурула. Советияб заманалда нижер добехун букIана пихъ къабул гьабулеб кIиго завод - Кьохъ ва ЧIиркъатIа. Гьанже гьелги хIалтIулел гьечIо, гьеб кьезе тIокIаб бакIги гьечIо. Оптовияб къагIидаялда курак босизе дореги рачIуна, амма гьел кидаго рукIунаро ва гьез кинабгоги босуларо. Базаразде ун цо ящик гIодоб лъезецин бакI ниж гIадиназе щоларо, доба кинабго ккун букIуна. Гьединлъидал риидал-хасало нижеца бакIарараб, къачIараб продукция бакI-бакIазде ун бичичIого нижер рес букIунаро. Дун гIадиназ гIезабураб бичизе эркенал бакIал гьечIолъи квеш буго. ГIезабиялдаса захIмалъулеб буго гIезабураб бичизе. Гьедин букIиналъ кIвар бугел, чара гьечIого тIоритIизе кколеллъун рикIкIуна дица гьадинал ярмаркаби. Гьаб буго бичулесеги босулесеги пайдаяб тадбир.
- Дида гьаниб бицана гьаб ишалъул аслияй гIадан дур хъизан ПатIимат йигин, мун вугин гьелъул кумекчи абун. Гьеб лъикIищ бугеб, квещищ?
- ЛъикI гьечIищха, кутакалда лъикI буго. Кумекчиясул жавабчилъиги дагьаб букIунелъул, дир рес буго бокьараб мехалъ гIодов чIезе, лъикI бихьараб мехалда тIаде вахъине. Хъизан хIисабалда рокъой гьай дие мукIурай йиго, гьанив дун гьалъиеги мукIурав вуго.
- Щвараб пенсияги босун, рега-рахъун чIезе заман щун бугин абурал пикраби гIемер рачIунищ духъе?
- ГIумруялъго хIалтIун ругьунав чиясда вега-вахъун рахIаталда чIезе кIоларо. Цо анкьалъ рахIаталда чIани, кIиабилелдаги хIалтIизе бокьуларо инсанасе. Дида мухIканго лъала - нагагьлъун дун гIодов чIани, чIунго хутIизе вуго. Гьединлъидал, сахлъи бугебгIан заманалда, рекъараб куцалда хIалтIиги гьабун вукIина гьаб хIалтIуда.
ГIабаш ГIабашилов