Исана 35 сон тӀубала БежтӀа участок гӀуцӀаралдаса. Гьелда бан редакциялда ракӀалда буго участокалъул тарихги халкъалъул гӀумруги рагьулел макъалаби газеталда рахъизе.
БежтӀа участокалъул администрациялда церечӀарал масъалабазул хӀакъалъулъ нижее бицана муниципалияб гӀуцӀиялъул бетӀер Шамил Арадаховас.
— Шамил, дуца участокалъе нухмалъи гьабулеб буго ункъо соналъ. Щиб гьабун бажарараб гьеб болжалалда?
— Муниципалитеталъул масъалаби гӀемерлъиялъ, гьел тӀуразариялъе нухал ратеян тӀадкъана ДРялъул хӀукуматалъ гӀуцӀараб хасаб хӀалтӀул комиссиялда. 2023 соналъул сентябралда ДРялъул хӀукуматалъул вице-премьер Нариман ГӀабдулмутӀалимовасул нухмалъиялда гъоркь гьеб комиссия бачӀана БежтӀе. Социалиябгун экономикияб хӀалалъухъги халгьабун, ДРялъул хӀукуматалъ къабул гьабуна участок цебетӀезабиялъе кӀвар бугел суалал жанир рачараб программа. Гьеб гӀумруялде бахъинабиялде буссинабун буго гьабсагӀат БежтӀа участокалъул администрациялъул аслияб хӀаракатги.
Ниж гӀахьаллъана республикаялъул цо-цо пачалихъиял программабазда ва гьелъул хӀасилазда рес щвана росабазул жамагӀатазе пайдаял проектал гӀумруялде рахъинаризе. Масала, «Местные инициативы» абураб ДРялъул Экономикияб цебетӀеялъул министерствоялъул къецалда бергьана нижер проект. Ва министерствоялъул квербакъиялдалъун къачӀана «Гъемилъ» (БежтӀа росулъ) ва «МокӀда» (ХашархотӀа) ругел кьоял.
2025 соналда Бабаюрталъул ракьалда бугеб БежтӀа участокалъул Качалай росулъ, меценатазул гӀарацги хӀалтӀизабун, байбихьана спорталъул кӀалгӀа базе. ГьабсагӀаталда гьелъул къадал ран рахъун руго. Исана гьелъул тӀох базе ккола. Гьенибго хисана басралъараб токалъул кварги.
Байбихьана Качалай, Караузек ва Гъаратюбе росабалъе газ бачиналъул хӀалтӀиги.
— Гъоркьиса гӀемерал гӀарзал рукӀана участокалда ток свинабиялда бан. Гьеб масъала кин тӀубалеб бугеб?
— Басралъарал токалъул кваралги, хӀубалги, трансформаторалги — гьеб буго мугӀрузул тӀолго районазе гӀаммаб масъала. 2025 соналда Дагъэнергоялъул кумекалдалъун хисана НахӀада ва БежтӀа росабалъ трансформаторал. Исана ракӀалда буго 250 киловатталъул къуват бугеб жеги лъабго трансформатор босизе. Хьул буго 2026 соналъул тӀоцебесеб бащалъиялда гьеб масъала тӀубазабун бажариялде.
2025 соналда хисана БежтӀа подстанциялда бугеб трансформатор. Токалъул мухъазда хӀалтӀи гьабулеб буго Болъихъ районалда бугеб Районазда гьоркьосеб токалъул мухъазул (РЭС) идараялъ. Болъихъ районалъул МигӀарсо росулъа байбихьун ЛъаратӀа районалъул Анцухъе щвезегӀан ругел токалъул кваралги, хӀубалги, трансформаторалгун фидералги хисулел руго. Гьелда бан гӀемерлъана участокалдаги токал свинариялъул хӀужаби. Исана гьеб хӀалтӀи лъугӀизе батила.
Амма буго гьадинаб масъалаги. ЦӀунтӀа районалъул Кидеро ва Шаури росабалъе щвезегӀан цӀикӀкӀараб къуваталъул токалъул кварал цӀан руго БежтӀаса. Гьезие хъулухъ гьабулеб буго ЦӀумада районалъул РЭСалъ. БежтӀа яги цӀунтӀадерил росулъ ток свани, цӀумадисел рачӀине кколел руго гьелъул тӀалаб гьабизе. ХӀисаб гьабеха: гьез добеги нахъеги тезе ккола нухлул 152 километр (Кидероса Агъвалибе буго 76 км). Гьелде тӀаде жубазе ккола ток свараб росулъе бугеб нухлул манзилги. ЛъаратӀа РЭСалъеги захӀмалъула бежтӀадерил ва цӀунтӀадерил росабалъе, 100-ялдаса цӀикӀкӀун километрги нахъа тун, токалъул масъалаби тӀураялъе хьвадизе. ЛъикӀаб букӀинаан токазул масъалаби тӀубалеб идара, ай ЦӀунтӀа РЭС, гӀуцӀани.

— Сунде харж гьабулеб бугеб участокалъул бюджет?
— Аслияб къагӀидаялда хӀалтӀухъабазе моцӀрол харж кьеялде. Муниципалитеталъул бюджет мукъсанаб буго ва хӀажат руго республикаялъул дотациял. Масала, гъоркьиса хӀалтӀухъабазе моцӀрол харжал кьезе нижее гӀечӀо 21 миллионгун щунусазарго гъурущ. Муниципалитеталъул социалиябгун экономикияб цебетӀеялъеги, СВОялъул гӀахьалчагӀазул хъизамазе кумек гьабиялъеги ва цогидал тадбиразеги 2026 соналде нижее къваригӀуна 40 миллион гъурущ. Жеги анлъго миллион хӀажалъула участокалъул щуго росдае кьезе. БежтӀа участокалъул администрациялъе босизе ккола оргтехника — гьелъухъ кьезеги къваригӀуна кӀиго миллион гъурущ. СВОялъул гӀахьалчагӀазул хъизамазе кумекалъе ва рагъулал контрактал хъвалезе кьезеги хӀажалъула кӀиго миллионгун ичӀнусазарго гъурущ.
ТӀасан борчӀараб хӀал ккани, халкъалде ахӀи балеб къайи-алат лъезе ккола — гьелъухъ кьезе ккола кӀиго миллионгун щунусазарго гъурущ.
Роспотребнадзоралъ гьоркьоса къотӀичӀого тӀалаб гьабула школаздаги лъималазул ахаздаги медицинаялъул кабинет гьабеян — гьелъиеги хӀажат буго лъабго миллионгун анлънусазарго гъурущ. Гьелде тӀадеги 2025 соналъул ахиралде школазги лъималазул ахазги токалъухъ кьезе кколеб гӀарац бахана цогун бащдаб миллионалде.
Гьединаб захӀматаб хӀал бугониги, нижеца рес батула муниципалитеталъул жанисел нухалниги къачӀаялъе. Нижер гьечӀо хъил тӀун къачӀарал нухал. 2025 соналда нухлул (акцизазул) фондалде бачӀараб гӀарац бикьана росабазда гьоркьоб: цо миллионгун микьнусазарго гъурущ — БежтӀа росдал администрациялъе, 600 000 гъурущ — ХашархотӀа, гьедигӀанго кьуна Гьунзиб ва Кьадал росабазеги.
— Иццалгун лъарал гьарзаяб ракь бугониги, гӀадамазул рукъзабахъе лъим щоларин рагӀана…
— Гьелде кӀвар кьун букӀана 2023 соналда участокалде бачӀараб хӀукуматалъул комиссиягун тӀобитӀараб данделъиялдаги. 2025 соналда хӀадурана БежтӀа, ХашархотӀа ва Кьадал росабалъе лъим бачиналъул проектал. Гьел ритӀун руго ДРялъул БакӀал раялъул, архитектураялъул ва ЖКХялъул министерствоялде. Гъоркьисаго рехсараб министерствоялъ тасдикъ гьабуна БежтӀа росулъ лъим бачиналъул проект. Хьул буго исана гьеб хӀалтӀи байбихьиялде.
Гьединго хьул буго 300 чиясе бакӀги, жаниб библиотекаги бугеб Культураялъул кӀалгӀа БежтӀа росулъ базе байбихьиялдеги. Гьелъул проект хӀадуриялъул тӀадкъай тасдикъ гьабуна республикаялъул пачалихъиял идарабазда.
— Цоги кинал проектал хӀадурун ругел?
— ХӀадурана ва «Цогояб пачалихъияб заказчик-застройщикасул дирекция» абураб ГКУялде кьуна БежтӀа росдал школа цӀигьабун къачӀаялъул проект. Школалъе разе руго спортзалги, богорукъги, данделъабазул залги. ХӀадурун буго Кьадал росулъ цӀияб школа баялъул проектги (100 цӀалдохъанасе бакӀ букӀина гьениб). Гьеб, республикаялъул идарабазулгун дандги бан, тасдикъ гьабун буго ва исана гӀумруялде бахъинабиялъе тадбирал гьаризе руго.
ХӀадурана ва ДРялъул БакIал раялъул министерствоялде кьуна БежтӀа, Балакури ва Кьадал росабалъ лъималазул ахал раялъул проекталги. Балакури лъималазул ах баялъул проектги тасдикъ гьабун буго ва гьеб базе байбихьизе ккола исана.
ХӀадурана БежтӀа, ХашархотӀа, Балакури ва НахӀада росабазул школал кьучӀдасанго къачӀаялъул проекталги. Гьел кьун руго ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӀелмуялъул министерствоялде. 2025 соналда чӀезавуна ХашархотӀа школа къачӀалеб генералияв подрядчикги ва хӀалтӀи байбихьизе буго 2027 соналда.
ХӀукуматалъул комиссиялъул тӀадкъаялда рекъон, хӀадурана БежтӀа участокалъул лъай кьеялъул идарабазда богорукъзал раялъул проекталги. БежтIа участокалъул социалиябгун экономикияб цебетӀеялъул программаялда (2026 ва 2027-2028 соназде) хӀисабалде босун буго НахӀада (60 бакӀ бугеб), ХашархотӀа (60 бакӀ), БежтӀа (130 бакӀ) ва Балакури (110 бакӀ) бугел богорукъзалги квен хӀадурулел бакӀалги разе. Гьезул проекталги хӀадурана ва дандрана ДРялъул БакIал раялъул министерствоялъулгун.
— Пачалихъияб комиссиялъул протоколалда рехсон рукӀана БежтӀа росдал аслияб больницаялъул масъалаби. АхӀвал-хӀал кинаб бугеб жакъа?
— Инсанасул сахлъи цӀунигӀан кӀвар бугеб суал батиларо. Гьединлъидал нижеца тӀоцебесеб иргаялда хӀадурана ва ритӀана «Дирекция развития сети объектов здравоохранения Республики Дагестан» абураб ГКУялде больницаялъул бетӀераб минаги, черолеб рукъги ва богорукъги кьучӀдасанго къачӀаялъул проектал. Гьел росизе кколаан 2025 соналда къачӀазе ва разе ругел проектазул сияхӀалде. Ва гьебго соналъул тӀоцебесеб ноябралде, «Модернизация первичного звена здравоохранения» абураб регионалияб программаялъул сияхӀалдеги росун, къачӀан рахъинаризе кколаан больницаялъул бетӀераб минаги, черолеб бакӀалъулгун богорукъалъул минабиги, машинаби толеб бакӀги ва сверухълъи берцин гьабизе кколаан. Жакъа къоялде гьеб рахъалъ щибниги гьабун гьечӀо! Пачалихъияб комиссиялъул тӀадкъаялъул министерствоялъ сан гьабунгутӀи кин бичӀчӀилеб? Лъаларо…
Гьебго министерствоялъ хӀисабалде босун батичӀо БежтӀа росулъ больницаги поликлиникаги раялъул проекталги. ДРялъул БакӀал раялъул министерствоялъул комиссиялъ халгьабун хадуб (2023 соналъул сентябралда) кӀиго лъагӀел буго поликлиника хӀалтӀуларого — гӀадамазул гӀумруялъе хӀинкъи бугеблъун рикӀкӀана гьеб. Рехсарал объектазул проектал хӀадуриялъул рахъалъ кинабгӀаги пикруги загьир гьабичӀо ДРялъул Сахлъи цӀуниялъул министерствоялъ.
Араб соналъул тӀоцебесеб ноябралда къачӀан бахъинабизе кколаан БежтӀа росулъ бугеб Лъималазул искусствоялъул рукъалъул мина. 2024 соналъул кӀиабилеб кварталалдаго ДРялъул Культураялъул министерствоялде кьуна нижеца гьелъул документал, амма жеги щибниги гьабичӀо.
БежтӀа росулъ буго цӀибараб спорткомплекс. Гьеб хӀалтӀизабиялъе хӀажалъула 18 миллионгун анлънусазаргоялдаса цӀикӀкӀун гъурущ. Муниципалитеталъул гьединаб рес гьечӀо. Гьединлъидал ДРялъул хӀукуматалъ хӀукму гьабуна спорткомплекс ДРялъул Мулкалъул министерствоялъухъе кьезе ва гьезги — ДРялъул Физкультураялъул ва спорталъул министерствоялъул балансалде кьезе. Гьеб масъалаги жеги тӀубан гьечӀо.
Буго цоги тӀубазе кколеб ва БежтӀа, ХашархотӀа, Кьадал росабазул жамагӀатазе кӀудияб кӀвар бугеб масъала. ХъазангӀоралъул ва Балакуринка гӀоралъул рагӀалал щула гьаризе ккола. Гьединаб тӀадкъай кьун букӀана ДРялъул ТӀабигӀиял сурсатазулги экологиялъул министерствоялъе 2025 соналъул сентябралда гьабураб ДРялъул хӀукуматалъул хӀукмуялда. Гьелъие бихьизабураб болжал цебего ана (хӀадуризе кколаан 2025 соналъул тӀоцебесеб ноябралде). Хьул буго исанагӀаги гьелъие проект-смета хӀадуриялде ва 2027-2028 соназданиги хӀалтӀи гьабиялде.
— Анцухъа БежтӀе унеб нух къачӀалеб буго гьабсагӀаталда. Гьеб кида лъугӀизабизе бугеб?
— Нижер халкъалъе кӀудияб рохел буго гьеб. Ахирги байбихьана гьеб кӀудияб кӀваралъул масъала тӀубазе. Проекталда рекъон нух гьабун бахъине ккола 2027 соналда. КӀудияб баркала буго гьеб проекталъе нух кьураб республикаялъул нухмалъиялъеги гьенир хӀалтӀулев щивав чиясеги!
Нижеца гьарун буго, машинаби хьвадиялъе захӀматаб ва хасго хасало хӀинкъи цӀикӀкӀараб Гьинухъ габурлъиялдасан бугеб нухги жибго тун, Кьадал — БежтӀа — Кидеро цӀияб нух баялъул проекталъеги документал хӀадуреян абун. Гьеб бахъизе ккола Жераъ колодасан Кидеро росдал Иша абураб бакӀалде щвезегӀан, Гьинухъ габурлъиги борлъун. Гьелъул халалъи букӀине буго микьгогун бащдаб километр.
Жакъа къоялда къачӀалеб буго «Качалай — Караузек — Туршунай» шагьранухги. ГьабсагӀаталда гьелъул цо километралда хъил тӀун бахъун буго. БежтӀадерие гуребги, гьеб рахъалда ругел магӀарул районазул хъутабазеги кӀвар бугеб нух буго гьеб.
— Исана буго БежтӀа участок гӀуцӀаралдаса 35-сонилаб юбилей. Кин кӀодо гьабизе бугеб гьеб?
— Бокьилаан нижер бищунго кӀудияб анищ тӀубани — участокалъул бакӀалда БежтӀа район рагьани.
Участокалъул юбилей тӀобитӀизе ракӀалда буго. Гьелъие рес балагьизе ккола. Жеги къо цӀан гьечӀо, амма байрамалде хӀадурлъулел руго ниж.
Гара-чӀвари гьабуна Кавсарат Сулеймановалъ

