Дида жеги рагIун букIинчIо Дагъистаналда алфавиталъе памятник лъунин абураб хабар. РагIун букIана эрмениязул 39 хIарп бугеб алфавиталъе гьел ран ругин Америкаялдагун Франциялда, жибго Эрмениялда рикIкIинчIого, бугин Гуржиялдаги жидерго алфавиталъе бараб памятникин абун. Вацал Кириллицагун Мефодияс кьучI лъураб славяназул кириллицаялъе (алфавиталъе) лъун руго гьел Россиялъул цо-цо шагьараздаги, Болгариялдагун Сербиялдаги. Гьедин хIисаб гьабуни, нилъер ракьцояв, тохтур-травматолог МухIамад ГIабдулхабиров республикаялда тIоцевесев чилъун кколев вуго хъвай-хъвагIай гьечIел мацIазда гьоркьоб чIамалазул мацIгун алфавит кIодо гьабун, районалда гьелъие тIоцебе памятник баравлъун.

ГIемерисез абила киданиги кагъатги бихьичIеб, гIумруялъго кIалзул асар гIадин хIалтIизабулеб букIараб алфавитги абадиялъего хвел гьечIеблъун лъазабун, гьелъие памятникал рай гIададисеб иш бугилан. Амма, дидаго ракIалде ккола, гьеб бугин унго-унгоги мацIги, миллатги, вижараб росу-ракьги бокьулев чияс гурони тIаде босулареб ишилан абун. Гьединлъидалин гIуцIарухъабиги гьелде кутакалда кIвар кьун хIадурлъулел рукIарал.

Ва гьале, шагIир Расул ХIамзатовасул хIурматалда Владимир Путиница 8 сентябралда лъазабураб Россиялъул халкъазул мацIазул къоялда хурхун, Гъоркьгьаквари росдал школалда цебе тIобитIана чIамалазул мацIалъул алфавиталъе памятник рагьиялъул тадбир.

КIиго метралде гIунтIун борхалъи бугеб гьеб къачIан буго хасаб къагIидаялда - жаниб лъун буго алфавитги чIамалазул мацIалда кечIги хъвараб мармаралъул кIиго къоно, сверун къачIан буго гIисинаб ганчIил гьарурал хъаладулги михIмаралъулги сипатаз.

Гьакварисезул рохел гIахьал гьабизе рачIун рукIана райадминистрациялъул хIалтIухъаби, ТIадгьаквари росдал делегация, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат ГIабдулвахIид Лабазанов, гIемерал соназ чIамалазул мацI лъазабиялда тIад хIалтIулев Новороссийск шагьаралдаса Давид Восканян ва цогидалги.

Тадбиралъул «гIайибияв» МухIамад ГIабдулхабировасе гьениве вачIине данде ккечIо. Жиндихъ ралагьун чIун унтаралги студенталги ругин абун, махсара гьабуна гьес. Амма букIана гьесул цIаралдасан бачIараб баркиялъулги вагIза-насихIаталъулги хитIаб. Гьениб гьес росуцоялги, хасго гIун бачIунеб гIелги ахIулел рукIана рахьдал мацI лъазабизе, бичIчIизабулеб букIана мацI бугебгIан мехалъ халкъги, гьелъул миллат-ракьги чIаго букIунеблъи.

- Нилъеда бихьулеб буго жакъа рахьдал мацIазда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIал. ЦохIо амру-буюрухъаздалъун цIунулеб жо гуро миллияб мацI. Гьелда кIалъазе ккола тIоцебе рокъоб, хадуб къватIиб ва школалда. ТIалаб гьабизе ккола школазда магIарул мацIалъул сагIтал цIикIкIинари, тIоритIизе ккола мацIалда хурхарал батIи-батIиял къецалгун хIаял. Памятник школалъул азбаралъуб лъеялъулги кIудияб магIна буго: бичIчIизе ккола лъималазда рахьдал мацI жидер сонисеб тарих гуреб, гвангъараб букIинесеб букIин, - ан абуна ГI. Лабазановас.

МацIалде кьезе кколеб кIваралъул хIакъалъулъ бицарал, жакъа лъималазда мацI лъангутIиялдаса пашманлъи загьир гьабурал кIалъаял гьаруна школалъул директор Руслан МуртазагIалиевас, РУОялъул нухмалъулесул ишал тIуралев МухIамадхIабиб АхIмадовас, ТIадгьаквариса мугIалим ва шагIир МухIамадзакир Абулмуслимовас, гIелмияв хIалтIухъан Давид Восканяница, райадминистрациялъул хIалтIухъан Асият Ибрагьимовалъ, архитектор МухIамад ГIашикъовас, ветеран-педагог Шагьрурамазан Насрудиновас, ТIадгьаквари школалъул мугIалим Сапижат МухIамадовалъ, росдал бегавул Рашид АхIмадовас. Школлъималаз цIалана М.-З. Абулмуслимовасул кучIдул, кицабигун абиял. Хадуб букIана памятник рагьи ва ракIалдещвеялъе суратал рахъи.

ЦIумадагIурухъ, ЦIумада, РичIагьанихъ, ЦIедакь, кIиябго Гьаквари, Гьигьихъ, КIочIали, Агъвали, ГъачIилъ, Гьадири, Гьигьалъ, ГьигьалъгIурухъ, Чачаналда Кванхи - гьитIинаб гьечIо чIамалазул география. Алфавиталъе бараб памятникалъул гьезие буго кIудияб кIвар ва гьелъ гьезие, дандерижи хIисабалда, даимаб сихIкъотIиялдалъун гьаракь борхун, хитIаб гьабулеб буго мацIги, миллатги, росу-ракьги, гьелъул тарихгун гIадат-гIамалги цIунеян. Къисматалъ кире кканиги, хъвай-хъвагIай гьечIеб мацIалъе бараб памятник цIорораб ганчIида бикIкIараб накъиш гуреб, бухIараб рекIелъ бессараб умумузул ирс букIин кIочене тогеян. МацІ буго умумузул хазина, халкъалъул рухІ ва гьелъул къуват.

Хадижат Залимханова