Республикаялъул Динияб идараялъ баркала загьир гьабуна гIидалъул къоялъ халкъ къватIибе бахъинчIого чIаралъухъ. Рокъоса къватIире рахъунгеян гIадамазда гьарулеб бугелдаса кIиго моцIидасаги цIикIкIун заманги бана. Амма гIемерисез гьеб гьариялъул сан гьабичIо. Сордо-къо батIа гьабичIого добе-гьанибе женжелеб букIана халкъ. Гьелъул кинаб хIасил ккарабали гьаниб такрар гьабиларо. Хваразулги захIматго унта­разулги хIакъалъулъ баян кьечIеб номер букIинчIо нужеца гьабсагIат цIалулеб газеталъулги.

 

Гьебго ахIвал-хIал буго жакъаги. Хасго Каспийскиялдагун МахIачхъалаялда гьоркьоб бугеб нух ра­гьаралдаса тIубанго чIаголъана шагьаралда гIумру. РФялъул Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъ, ахIвал-хIал лъаледухъ лъикIаб рахъалде хисанин абуниги, гIорхъичIваялъул низам бигьа гьаби­зе гIедегIугеян абуна гьал къоязда. Цо ккураб къагIидаялъ, малъарабги гьа­бун, гьикъарабги бицун магIарухъ ру­гин абизе бегьула гIадамал, тадбирал­да хадурги рилъун. МагIирукъалги къана, хабадеги хьвадичIо, рузма­налдеги инчIо. Хасго гьеб тадбир буголъи загьирлъана кIалбиччанкъо тIаде щварабго.

Гьанже щайха ал малъарабги гьа­бун рокъор чIарал? «ЦIикIкIарални киса гурони раккулел, цониги лъи­мер бихьичIо жакъа къватIиб», -илан бицунеб рагIулаан руччабаз, кIалбичанкъоялъул бакъаниде. Гьел божун рукIинчIо, гIакълу гьечIел лъимал кодор къучIбигун жидехъе раккиларин абураб харбида. Гьелъ чангиял цереккунго хIадурун рукIана гьезие кьезе сайигъат-са­ламги къачIан. Амма гIадада ккана гьезул бакъвараб хIаракат. Исанасеб кIалбиччанкъоялъул аслиял «ге­рояллъун» лъимал гурел, рукIана телефоналгун гаджеталги, ватцап­ги, инстаграмгун телеграмги. Ро­гьаралдаса рукIкIинегIан гIидалъул къо баркун цоцазде кIалъалел, аза-азар рисалатал ритIулеб хутIана гIалам. «Гьадинабги заман бачIинилан цо анцIго соналъ цебе бицун букIарабани, щивдай божи­лаан?» Гьеле киназго цоцазда абу­леб букIараб калам.

Сунцаха халкъ кантIизабураб? Гьеб суалалда тIасан жидерго пи­краби гьадин загьир гьаруна нижер редакциялъе экспертаз.

 

КватIун бачIараб кантIи

Халил Халилов, ДРялъул Эко­номикаялъул министерствоялда цебе бугеб ЖамгIияб советалъул вакил:

«Карантиналъул низамалъул би­цунел, Роспотребнадзоралъ рихьи­зарурал тIалабазул хIакъалъулъ документал хIадур гьаричIо хIакимзабаз. Гьеб хурхараб букIине кколаан, сапараздаса руссунел гIадамазда аскIоре къагейин, бертабазде, тагIзиятазде унгейин ва гьел гурел цогидалги малъа-хъваязда. Гьединал тIалабал рукIинчIин гье­зулин абиларо, рукIана, амма кьва­рарал тадбирал гьаричIо. Гьеб ку­цалда кIиго-лъабго моцIида жаниб эпидемия киса-кибего тIибитIана ва гьелъул гIорхъолъа рорчIарал хIасилал рихьарабго гурони халкъ­ги кантIичIо. Цоцада аскIоре ине жалго жидецаго гьукъани гурони, гьаб гIузру тIагIунарилан абураб пикру щулалъана гьезул ботIролъ. Гьелдаса хадуб гIадамал рокъор чIана, бертабалъеги инчIо, гьобол­лъухъеги хьвадичIо, тагIзияталги къана».

 

Тохтурзабиги божулел рукIинчIо

ГIабдула ХIажиев: Республика­ялъул Сахлъи цIуниялъул мини­стерствоялда цебе бугеб ЖамгIияб советалъул вакил.

«КIиго моцIалъ, гьанжего гьан­же гьаб гIузру республикаял­да тIибитIизе байбихьарабго, цо чIванкъотIараб, кьучIаб пикру букIинчIо гIадамазул гьелда тIасан. ГIемерисел божулел рукIинчIо гьеб унти хIакъикъаталдаги хIинкъи цIикIкIараб, цIодорлъи гьабизе кко­леб букIиналда. Цо-цо тохтурзаби байбихьуда божулел рукIинчIо гьел­да. Гьарулел тадбиразулги букIинчIо цо кьварараб низам. Гьелъги хутIа-хутIарабги вас-васалъе ккезабуна халкъ. Сон кIалъан вачIана дирго цо гьудул-гьалмагъ. Больницаялда вугин вегунилан бицана. ВахI, щи­бин ккарабилан гьикъидал, бицана кIиго моцIалъ рокъоса къватIире рахъинчIогоги чIун, анкьалъ цее гIадин базаралде арай чIужу ячIанила унтиги босун рокъое. Гье­ле гьединги кколеб бугоха, кигIан цIуна-къай гьабулелилан рукIаниги дагьаб жо гIолеб буго унти бахине.

Ахирги бичIчIанаха гIадамазда, жалго жидецаго цIуничIони, лъица­ниги мун цIунуларевлъи. ГIидалъул къоялъ умумузул хабаде зияра­талъ инчIогоги, хирияб къо баркун гьоболлъухъе хьвадичIого чIолеб букIинчIеб халкъ кантIана муфтия­сул хитIабалдаса хадуб ва исана гьел рокъор чIана. Рокъор чIана гIемераб жоялъ кантIизарун. ХIадисалда буго, хвелги гьеб вагIза бугин бусур­банчиясейилан. АнцI-анцIккун, къо-къоккун гIадамал холел ругеб­лъи бихьараб мехалъ, чи кантIичIого вукIинищ?»