Лъади мукIур гьайизе бокьани…

Дурилалин абула гьидерица хIалтIулъ ретIулел хварал хьитазда.
ГIиси-бикъинаб дараналда базаралда йикIуней дирго лъадухъе щварав дида ячIинахъего гьей лъачIо. КIалалъул лъугьун бугоан, гьалъаб тIадехун рехсараб, дурил гIадаб, гIажаибго коцокъаб жо, бералги магIил цIун ругоан.

 

— Щиб лъугьараб, хирияй? Лъица дур кIал чIвараб, вихьизаве дида гьев чи, — ян хIалуцун лъугьана дун.
— ЧагIаз гьабураб жо гуро гьаб, — илан щакърахана лъади, — дица босараб лимонадалъул шишаялда жаниб букIун буго гIалхул на. Гьелъ щвезабуна дур хирияй лъадуде цо лъикIаб удар. Дару гьабе, ХIусен, хIехьезе кIолеб гьечIин.
— Даруни дуе тохтурас гьабилин, на кибе араб?
— Доле доб «Византия» абун тIад хъвраб ашбазалдехун боржун ана.
Дун, гурун гъуждулгун, кIудияб гъазаваталде унев гIадин, лъадуца бихьизабураб направлениялдехун векерун ине лъугьана.
Жий сабаблъун цо кIудияб кьал ккезе гурилан хIинкъараб къагIида, хадуйго гьейги ягъарана. БитIун ашбазалъул кIалтIа кквезе щвана.
— Дуца киб цIехолеб эб тушман, цебего ун батиларищ унелъубе. Рилълъа гIадада дурго заманги здоровьеги хвезабичIого рокъоре, — ян гьардезе жуяна гьей.
– Нет, — илан тIирун чIана дун.- Рес гьечIо гьеб цIехечIого.
Гьеб батичIони, гьелъул бацниги щвезе батилагури. Дица гьеб рокъобеги бачун хьихьизе буго. Мун ахIдезе, семизе лъугьарабго, гьеб дурил гIадаб кIалалда хIанчIизе рехизе. Гьелъ гурони дур кIал чIезабичIо. Дур хIалчIахъаяб на, гьеб гьунар дуца цебего гьабун букIарабани, гьадигIан хехго хъахIлъилароан дир бетIер, – илан мекъдаризе жувана дун.
— Дун тIокIай киданиги дуда данде кIалъазе гьечIо. А, хIурматияв, рокъове, — йилан щурулеб букIана лъадул кIалалда релълъараб жоялъ.
Дун рокъове вилълъана. Гьелдаса нахъе рекIее кIудияб парахалъи ккана. Рокъобги рекъелги полни покойги рещтIана. Цо-цо кIочон ккун, жиндирабго гьабизе лъади лъугьарайго, дица найил сураталде килищ битIула. Гьей пуланалъул калам къотIула.
Бахьикъосарал лъудби къавулъ ругел россазе къиматаб советги кьолеб буго дица. Яги найил тIулби росе, гьудулзаби, яги наязул суратазул выставка гьабе рокъоб.