Добго хурив довго… чи
РощногохIаз ханлъи гьабурал ракьал хвасар гьарун бажариладай?
15 январалда, Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда бицана, рищни бакIариялъул ва баччиялъул рахъалъ тIоцебесеб январалдаса нахъе цIиял къагIидаби хIалтIизарулел рукIин. Муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулез рихьизаризе ккола рищниялъул гIадлу-низам гьабизе кколел регионалиял операторазе хIалтIизе бакIалъул (площадки) схема. Данделъиялда бицана, Дагъистаналда рищниялъул гIадлу гьабулеб ва гьелдаса цогидаб къайи гьабулеб анкьго завод базе бугин. Исана заводал разе ракIалда буго МахIачхъала, Дербент, Каспийск, Хасавюрт шагьаразда.
Россиялъул ТIабигIиял нахърателазул ва экологиялъул министерствогун къотIи-къай гьабулеб буго рищнидул цогидаб къайи гьабиялъул завод баялъе гIарац биччаян абун. Данделъиялда бицухъе, гIаммаб къагIидаялда, республикаялда базе ракIалда буго ункъо полигон, рищни батIа гьабулеб микьго комплекс ва рищнидул цогидаб къайи гьабулеб завод. 20 февралалде республикаялде бачIине буго рищни баччулеб 20 хасаб машина. МахIачхъалаялда рищни баччизе хIалтIизаризе руго гьел.
«Рощнол» закон
Рищни-къулалъул хIакъалъулъ хасаб закон къабул гьабун букIана 2017 соналъул 31 декабралдаго. Гьелда рекъон, доб заманалдаго гIадамал ругьунлъизе кколаан рищни-къул батIа гьабиялъул цIияб къагIидаялде. Амма закон гIумруялде бахъинабун бажаричIо тIубараб лъагIалида жаниб. Гьединлъидал, цIиял тIадежураялгун, рищни-къул батIа гьабиялъул закон билълъанхъизабулеб буго 2019 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе. Гьеб масъалаялъулъ реформа гьабиялъе гIиллалъунги ккана щибаб лъагIалида жаниб рищниялъул 70 миллион тонна бакIарулеб букIин ва гьеб базе бакI гьечIолъи.
Рищни-къул батIа гьабиялъул мурадалда къабул гьабураб закон хIадурун букIана улкаялъул экологияб рахъ лъикIлъизабиялъул мурадалда. БатIа гьабураб рищни хIалтIизабизе кколаан цогидаб материал гьабизелъун. Гьелъие гIоло разе кколаан заводалги. Гьелин абуни Россиялъул цо-цо регионазда гурони гьечIо.
Рищни батIа гьабизе ккани, хIажалъулел руго хасал къалал (контейнерал), щибалда тIадги хъван букIине ккола щиб ва кинаб къолонибе базе бегьулебали. Гьелдалъунги гьеб иш лъугIуларо, рищни батIа гьабураб гIоларелъул, гьелъул щибалъул тайпа батIа-батIаго баччизе ккола заводазде ва гьединго букъизе ккола ракьулъ. Гьединлъидал чан батIияб тайпаялъул рищни батаниги, батIа-батIаго баччизе кколеб буго гьеб рищни баччулеб машинаялъ. Гьеб хIалтIи гIумруялде бахъинабизе ккани, щибаб азбаралда ругел рощнол къалазул гIадлу-низам гьабизе ккола, кинаб къолонибе кинаб тайпаялъул рищни базе кколебали баянги хъван. Жиндир заманалда рищни нахъе баччун бажаруларел компанияз гьебщинаб хIалтIи гьабиладай? Шагьаралъул къватIазда ругел рищнидул хварал къалалцин, гIадамаз ахIи бахъинабун гурони хисулареб мехалда, гьеб хIалтIи гьабиялда щаклъизе бачIуна.
Январь моцI бащалъаниги, Дагъистаналъул шагьараздаги хисараб жого бихьулеб гьечIо. Республикаялда заводал разе ругин бицунелдаса гIезегIан сонал ана. Гьединлъидал кинго бичIчIуларо кин гьеб закон гIумруялде бахъинабизе бугебали. Гьебщинаб хIалтIиги гьабизе заводалги разе кисадай гIарац балагьизе бугеб? Гьелда сверухъ гIемераб ахIи-хIур буго Интернеталдаги.
ЦIиял къагIидаби
Рищни-къул батIа гьабиялъул реформаялда рекъон, заводазде гьеб баччизе ккола ГЛОНАСС абураб спутникалъулаб къагIида жидеда рекъезабурал хасал машинабаз. Гьелъ кумек гьабула машина кибе унеб бугебали балагьизе. Гьеб закон гIумруялде бахъинабизе байбихьун буго Астрахань областалда, Мордовиялда, Карелиялда ва цо-цо регионаздаги. Дагь-дагьккун Россиялъул киналго субъектаздаги гьеб билълъанхъизабизе бугин рагIи кьолеб буго хIукуматалъул нухмалъулесги.
РФялъул щибаб субъекталда тIасавищула, рищни нахъе баччиялъул жаваб кьолев ва гьелъул цогидаб материал гьабулев оператор. Цебе рищниялда ТБО (рукъалъул рукIа-рахъиналъул хутIелал) абулеб букIун батани, гьанже ТКОян (коммуналиял хутIелал) абула. Рищни баччи цебе рукъалъулгун рукIа-рахъиналъул хъулухълъун букIун батани, гьеб гьанжеялдаса нахъе коммуналияб хъулухълъун ккола. РукIа-рахъиналъул хъулухъазухъ багьа нухмалъулеб компаниялъ (УК) чIезабизе бегьула, коммуналиял хъулухъазухъин абуни багьаби пачалихъияб даражаялда рекъезарула. Гьанжеялдаса нахъе рищни (ТКО) баччаралъухъ гIарац кьезе кколеб буго газалъухъ, токалъухъ ва лъехъ кьолеб къагIидаялда рекъон. ГIумру гьабулеб бакIалда ремонт гьабиялъухъ багьа дагьабго учузлъизе буго, щайгурелъул гьелда гьоркьоса рищни-къулалъул хъулухъ нахъе босун бугелъул.
Дагъистаналдаги, ТIабигIиял нахърателазул ва экологиялъул министерствоялда тIобитIараб тендералъул хIасилалда, тIасарищана рищни баччизе ва гьеб къачIазе регионалиял операторал. Рищниялдаса бакIал рацIцIад гьариялъул схемаялда рекъон, республикаялда бищунго рищни гIемераблъун рикIкIунеб МахIачхъала шагьар централияб мухъалде (зона) гъорлъе ккола. 10 соналъ тахшагьар ва централияб мухъалде гьоркьоре кколел шагьаралгун районал (Каспийск, Буйнакск, Гъизилюрт шагьарал ва районал, Унсоколо ва Хъумторхъала районал) рищниялдаса рацIцIад гьаризе республикаялъ къотIи-къай гьабуна «Лидер» УКялъулгун. Гьединго северияб мухъалда хIалтIи гьабизе буго «Дагэкосити» — 1, ОООялъ, Югалъулаб мухъалда – «Экологика» ОООялъ, мугIрузул мухъалда – «Даг-Эко-Дом» ОООялъ.
Гьел компанияз рищни баччизе ккола гьеб рехулел хасал бакIазде, гьединго рищни хIалтIизабизе ккола цогидаб материал гьабизелъунги. Республикаялъул анлъго мухъалда гIуцIизе руго официалиял полигоналги.
Республикаялъул шагьараздагун районазда рищни-къул баччиялъул рахъалъ гьарулел хъулухъал рикьана ункъо батIияб фирмаялда гьоркьор. Рищни баччиялъул хъулухъал гьарулел бакIазда гьоркьор руго республикаялъул киналго районалги. Шагьаразда ва чIахIиял росабалъ рищни-къул гIемер букIине рес буго, амма рищни-къул жидецаго батIа гьабулел ва тIагIинабулел росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазухъаги гIарац бакIари битIараб букIинадайха?
ЦIиял тамихIал
ДРялъул ТIабигIиял нахърателазул ва экологиялъул министерствоялъул баяназда рекъон, экологиялъулин лъазабун букIараб 2017 соналда, Дагъистаналда тIагIинабизе кIвана ихтияр гьечIого гIадамаз рищни бараб 200 бакI. Рищниялдаса бацIцIад гьабуна 50 гектар ракьул. 2017 соналда тIатинабун букIана ихтияр гьечIого рищни балеб 300 бакI.
Ихтияр гьечIого рищни бан бугел ракьазул бетIергьабаз жаваб кьезе буго гьенибе бан бугеб чороклъиялъул. Пуланав чиясул бетIергьанлъиялда гъоркь бугеб ракьалда ихтияр гьечIого рищни бан батани, регионалиял оператораз гьелъул хIакъалъулъ лъазабула ракьул бетIергьанасда. Ракьул бетIергьанас, жиндирго гIарацги хвезабун, бацIцIад гьабизе ккола гьеб бакI рищни-къулалдаса. Нагагь ракьул бетIергьанчи гьечIони, ихтияр гьечIого рищни бараб бакI бацIцIад гьабизе тIалъула муниципалитеталда.
Рищни-къул баччаралъухъ гIарац кьечIого тезеги рес гьечIин лъазабулеб буго реформа гIуцIараз. Гьеб хъулухъалъухъ гIарац кьечIого таразде 2000 гъуруш гIакIа къотIизе буго.
ПатIимат СултIанмухIамадова