Инсанасул къисмат

Рокьул къуват

ГIурус учительницаялъул хабар

 

Александр Костюнин

Дун гьаюна Курск областалда. Хехго бесдаллъана. Амма доб къо, жакъа гIадин, буго берда цебе. Бана кутакаб цIад. Эбелги вац Федяги – дидаса лъабго соналъ кIудияв – рекерана гIурухъа хъазил тIанчIи рокъоре рачине. Цо заманалдасан къотIносан бахъана чIичIи, екерун ячIана мадугьал:
– Настя-а-а!.. Дур баба… чIвана чва­хун­цIадалъ!
Федя цо чанго метралъ довегIан рехизавун вугоан, гьев чIаго хутIана. Эбелалде тIаде ракь хъвана, ток ракьулъе инелъун, гьей хвасарлъилин абураб хьулалда. Хвасар гьайизе кIвечIо.
Лъади гьечIого мех барав инсуца ячана гIолохъанай гIадан. Рукъ ккана бесдал эбелалъул цIобалде. ЛъагIел бана цадахъ. Байбихьана рагъ. Дица бан букIана ичIго сон. Эмен рагъде ана ва тIагIана. РакIалда буго тIоцебесеб нухалда бомбаби тIаде ралел рукIараб заман. Аллагьас цIунаги! Нижеда лъалеб букIинчIелъулха рагъ щиб жояли. Цо минаялда нахъа бахъа­на кьвагьи… Байбихьана кинабго гьалдезе, бухIизе. АхIи-хIур, хъуй, угьи, зигара, гIоди, лъукъарал, чIварал… Ва самолетаз ралел рукIана бомбаби. Киреха инел дунги вацги? Гьоралда нахъа кIусана. Федяца къахIан ккун букIана дир квер. Гьениса ниж рекерана ракьулъ гьабураб рокъоре. Заманалдасан Федя къватIиве ваккана, ва гьес абуна Иконниковазул тIох бухIулеб бугин.
Радалалде сихIкъотIи лъугьана. Цинги цо-цоккун рачIана немцал: гьез ралагьулел рукIана партизаналги коммунисталги. Балугъ­лъиялде вахарав вукIинчIониги, Федя вачун ана Германиялде. Дун хутIана бесдал эбелгун. Гьей йикIана мадугьалихъ бугеб росулъа. ГIемерисеб мехалда, дунги тун, гьей унаан жидерго чагIазухъе. Дун хутIулаан цIорораб, чIобогояб рокъой.
Жидерго рокъоб гIадин, хважаинлъи гьа­булеб букIана немцаз. Цин гьез квана хъа­зал, ордекал, гIанкIуял. Гьел лъугIидал, байбихьана хIайваназде – хъвехъун рана гIачи, болъонал. Азбаралдаго хIадурулаан жидеего квен. ЦIул гьечIони, росун унаан стол, тахбакIал, къотI-къотIулаан ва цIа бакулаан. Нижеца хIаракат бахъулаан гьезда рихьунгутIизе. Риидал рахчулаан батIи-батIиял бакIазда, хасало – печалда нахъа. Я гьелгун къацандизе, я рагIи абизе, я щибго цIехезе кIолароан.
Рагъ лъугIун хадуб вац тIадвуссана. Федорица киданиги бицунароан доб гIумруялъул хIакъалъулъ. ХIинкъулаан гьелда тIасан хабар гьабизецин. Асирлъуда вукIун хадуб гьесие букIана цохIо нух – колхозалда хIалтIи.
Лъимерлъудасаго дир анищ букIана учительницалъун яхъине, бокьулаан тIахьал цIализе. Школа лъугIун хадуй цIализе лъугьана педучилищеялде. ЛъугIизабуна кIикъоялда микьабилеб соналда. ЦIали лъугIизе моцI хутIараб мехалда нижехъе вачIана Дагъистаналъул Минпросалъул вакил. КъамартIав чи вукIана: цIудул гIадинаб мегIер, цоцада рекIарал лахIчIегIерал кьунсрул, кеп букIунаан гьес гIурус мацI бицунеб мехалда: «Ми вас хотым…», абун. Бана гьес школалъул хъорщода СССРалъул карта, бихьизабуна Дагъистан. Байбихьана беццизе мугIрузулги, мацIазулги, миллатазулги улка… Дида доб мехалда гьелъул хIакъалъулъ щибго лъалароан. Кьуна пачалихъиял экзаменал. Нижер выпуск битIана Кавказалъул республикаялде. Дагъистаналъе хIажат рукIана гIурус мацIалъул гурелги специалистал. РукIинчIо тохтурзаби, финансазул хIалтIухъаби, росдал магIишаталъул махщелчагIи. Жидерго ясал магIарулаз ритIулароан цIализе, руссинчIо рагъдаса гIемерисел васал … Щибха нижеца гьабизе букIараб? ГIолохъанал махщелчагIи ритIулаан тахшагьаралде, МахIачхъалаялде. Щвана нижер къокъа гьенибе, унел рукIана къватIахъан, рахъ-рахъалде ралагьулаго… ДандчIвана цо гIурусай. Ниж, рохун, гьелда аскIоре ана гьикъаризе. Долъул сипатго хисана: «Хириял, кире нуж ккарал, кире унел ругел? МагIарухъе!.. Дора чIвала, хъамула, зулму гьабула». ХIинкъизарунаха гьелъ! Ниж­ги цIакъ хIинкъана… Амма щибха гьабизе букIараб? Байбихьана районазде рикьизе. Нижее гьел цого гIадал рукIана, кире ритIаниги, батIалъи лъалароан. Амма цо-цоккун ине хIинкъана. Нижер выпускалъул ункъояй йитIана Унсоколо районалде. РОНОялъул нухмалъулес лъабго яс йитIана детдомалде, дун – ГIашилтIа росдал анкьгосонил школалде, гIурус мацIалъулги адабияталъулги учительницалъун. Дида заврайонояс абуна:
– Жакъа гьанив вуго ГIашилтIа школалъул вакил – Мирзабегов, завхоз – гьесда цадахъ ине бегьила росулъе щвезегIан, — ан.
«Цадахъ», ай лъелго. Унсоколоса ГIашилтIе буго 18 километр, кодоб къайигун – солдатасул юргъаналда тIаджемун букIана квар ва гьелда бан – цIулал гIоркь. КъвачIиниб букIана бищунго хирияб жо: рокьулел тIахьал, бусадул къайи, гурде, хьитал… Бокьун букIана гьанжезаманалъул гIадан гIадин йихьизе дунго, ниж цIакъ гIолохъанго рукIиндалха. Цо квералъ баччулаан юк, свакарабго, цогидалъухъе кьолаан. Мирзабеговас цIакъ хIаракат бахъулеб букIана дир ракIгъезабизе: харбал рицун, махсараби гьарун. Нухда батана цIорораб лъар, рахъун тIаса хьиталгун бахана гьеб. МаркIачIуде щвана росулъе. ГIемер свакаялъ, тарталей йикIана дун. Иццухъ рукIарал руччабазда йихьана дун тарталей йикIин. Гьез руцIцIун чIун, бадибчIваялъул бераз нухарегIана ниж…
Завхозас дун щвезаюна гIурус рагIиго лъаларей херай Сакинатил дое. Гьелъухъго йикIана Москваялдаса Валяги – гIурус учительница, дидаса лъагIелалъ кIудияй, байбихьул классазе дарсал кьолаан гьелъ. Гьелъ гьабуна дие кумек. ГIемер свака­ялъ, кIалъазе кIолеб хIал букIинчIо. ТIаса ретIелги бахъун, гьебсагIатго егана ва кьижун ккана. Нахъисеб къоялъ щвана школалде, «Нолъ росулъе ячIун йиго мехтарай гIурус учительница», — ян абураб. квешаб хабар дидасаги цебе щун бугоан добе. АхIичIого ячIарайлъунги ккана дун. Педагогияб лъайго гьечIей директорасул чIужуялъ кьолел ратана математикаялъулги гIурус мацIалъулгун адабияталъулги дарсал, гьанже долъухъа рахъиларищха сагIтал. Директор хучарав гIадин лъугьана, амма цогидал учительзабаз – гьенир хIалтIулел рукIана аслияб къагIидаялда бихьинал – дир рахъккуна. Досухъаги бажаричIо щибго гьабун, РОНОялдаса кагъатги цадахъ букIиндал.
Байбихьана гIурус мацI малъизе. Малъизе кколаан килщазул, берзул алатазул кумекалдалъун. Классалде босулаан темаялде рекъонкколеб кинабго – цIам, чед, цIоросаролъ. Лъималазе бокьула берзул алат. Бицунаан гIурус мацIалъ сунда щиб абулебали. РОНОялъул инспекторас дида малъана магIарул мацI лъазабизе хIаракат бахъейилан. Гьедин цIалдана цадахъ: дица – дозда, доз – дида малъун. Завхоз Мирзабегов вачIунаан аскIове, гьикъулаан цониги жо, гIенеккулаан жавабалъухъ ва унаан нахъе. Ихдал, цIалул сон лъугIулеб заманалда, гьес абуна: «Цебе дида кколаан, “настя” – лъикIаб гьава-бакъ бугин, “ненастя” — квешаб», — ан. Ниж ракI-ракIалъ релъанхъана ва хадубккун чанцIулго ракIалдещвезабулаан гьеб. Хасало цIалдолаан мокърукь рарал нартил чирахъазул канлъухъе. БукIинчIо щакъиги. Гьеб гьа­булаан лахIуде гъорлъе лъимги жубан, гьелъ хъвадарулаан. Хасало классазда квачан букIунаан, маххул печь бакулаан, тIинцIиги лъун, гьелъги хехго хинлъи кьолароан. Лъимал рукIунаан тIад тIингъалги ретIун. Амма школалде лъимал, рачIунгутIи гьелда бараб букIинчIо, цIалдохъабазул эбел-инсул гIемерисез лъимал хасго ясал, ритIулароан цIализе. ЦIалдохъан дарсазде вачIинчIони, лъазабулаан сельсоветасда, гьес гIадлу гьабулаан. ТамихI хIисабалда бахъулаан рукъалъе хIажатаб къайи-алат. Школалъул директор хьвадулаан щивасухъе рокъове, эбел-инсулгун гара-чIвари гьабулаан.
– Кинаб хайир бугеб гьел дарсаздаса? — ян гъулгъудулаан херай Сакинат. – Къуръаналъул лъабго сурат лъазабуни – гьеб лъик­І! Мунги гиназ, дунги гиназ, лъица хер базе бугеб чуязе?
Гьей йитIарай йикIана, амма букIана батIияб хIакъикъатги…
Анкьабилеб классалда цIалулев вукIана, МутIалибил вас АхIмад. Вахъинавулаан гьев дарс бицине:
– Дица лъазабичIо.
– КIийилаб.
Цо дарсги гьоркьоб тун, нахъеги вахъинавулаан.
– ЛъазабичIо…
– Щай, АхIмад лъазабичIеб? Дарсаздаса хадув дихъе вачIа.
Киналго рокъоре унаан, дунги довги цIалдолаан. Кинго бажарулеб букIинчIо досухъа чияр мацI лъазабун, амма гьес хIаракат бахъулаан. Ахир-къадги бажарана, битIизабуна кIийилаб, байбихьана щуйилал росизе. АхIмадица школа лъугIизабуна, гьесул вахъана улкаялдаго маш­гьурав профессор. Жакъаги гьес дида абула кIиабилей эбелилан…
Амма гIадлу хваравги вукIана АхIмад, васазул гьедин букIунелъулха. Цо нухалда вихьана учительзабазул хIажатханаялъул кIалтIа. Мун щиб гьабулевин гьикъидал, лъутун ана. Заманалдасан къватIиве лъугьун вачIана историялъул учитель, ворхатав, кьварун вакъварав херав чи. Кваранаб кодоб буго парччи, квегIаб – шакъиялъ белъун… ХъитIизарун бохдулгун, ана учительскаялде ва лъималазда бичIчIулареб Пушкинилгун Лермонтовасул мацIалда биччантанаха жиндирабго…
Дица АхIмадида цIехана щиб ккарабилан. Гьединги бихьулищ, Азербайжаналдаса рачIун рукIарал щакъидул гаразул цояб гьес лъел цIураб парччиялъубе рехун букIун буго…
Дагъистаналде дун нухарегIулаго, вацас лъазабун букIана цIодорго йикIайин. Дицаги хIаракат бахъулаан цIодорго йикIине. Лъай-хъваял гьарулароан, дандчIваял рукIунароан. Амма, университетги лъугIун, росулъе тIадвуссун вачIана Жалил. Рокьун ратила ниж цоцазе… КIиго лъагIелалъ дандчIвана. РачI гIадин вукIунаан дида хадув гьев, ва цо къоялъ дихъе ритIун рачIана имгIалги, школалъул завхоз Мирзабеговги, гьесул лъади РахIинатги. Сакинат-кIодоцаги Валяцаги къачIана стол.
БитIараб бицани, хIинкъун йикIана. ЦIалул сон лъугIидал, бихьизабураб болжал (лъабго сон) лъугIулеб букIаралъул, ракIалда букIана гьениса нахъе ине.
Жалилги вукIана бесдалав: гьесул эбел-эмен хун рукIана. Гьев вукIана бихьиназда гьоркьов бищун кIудияв. Гьесул яц Эспет гьедана: «Дун чIаго йигебгIан мехалъ, мун лъицаниги къварид гьайиларо, разилъе. Мун гьаниса ани, гьев – кинабго рехун тун – дуда хадув вахъине вуго. Мина, хъизан, гIисинал лъимал гIадада хвела», -ян. Гьебмехалда дунги разилъана ва киданиги гьелдаса ракIги бухIичIо. Дир Жалил гIадав, тIалаб-агъаз гьабулев рос цоги ватиларо ракьалда…
ГIемер гIарац гьечIониги, букIине кколеб куцалда къачIана дие «бахIаралъул партал».
– Гьаб буго «бахIаралъул ретIел», — ан бичIчIизабуна Жалилица. – Гъоркьан ретIелги, хъабалоги, хъахIаб шалгун крепдешинги.
Бертин гьабуна ГIашилтIа. Мадугьалихъ росабалъаги гьалбал рачIана. Хъумторхъа­лаялъул цIолбол чагъирги, «сахлъиян» рорхулел лълъаралги, зурмагун къалиги лъабго къоялъ гьоркьоб къотIичIо. Кьурдулезул букIана цин лъабго свери, хадуб цоял цогидазде данде кьурдулаан. Камилищ­ха гъоркьан речIчIизарулел бералги, «Кин гьеб: гIурусай ячана?!» — ян рицунел харбалги. Бертадаса хадуб Эспетица ахIана кинабго гIагарлъи, гIуцIана гьарзаяб тепси ва, дида къвалги бан, лъазабуна магIарулги гIурусги мацIазда:
– Настя йиго дир вацасул лъади. Дир адаб­ги гьабулев, дунги йокьулев чияс гьа­бизе ккола гьелъулги адаб, йокьизе ккола гьейги.
Гьелдаса нахъе лъугIана дир бесдаллъи. Гьеб бицунагоцин щакърахуней йиго… Кьураб рагIи ккуна Эспетица. Цониги чияс дун киданиги къварид гьайичIо.
Гьаниб буго гьадинаб закон: бертин гьа­бун хадуб, тIубараб моцIалъ цIиял бахIарал гIагарлъиялъ ахIула жидехъего гьоболлъухъе, лъикIаб квенги гьабун, кьола сайгъатал. Гьезул тухумалде ккарай дун талихIай йиго. Гьез дун цIунулаан, адаб гьа­булаан, дида гурхIулаан гьел. Дица цIализаруна гьесул гIисинал яцалги вацги. Гьез киназго дида абулаан «Настя-эбелилан». Киназдаго кIочана дир отчество – Ивановна. Гьезие дун йиго Настя-эбел. Цониги чияс жеги абичIо дида: «Дурго ракьалде а! Щай мун ячIарай?» — абун. ЛъагIалидасан дун ячана Унсоколо росдал школалда хIалтIизе.
ЩуцIул вачIана Дагъистаналде дир вацги. ТIоцеве вачIараб мехалда росас гьесул адаб гьабуна, вачана гIагарлъиялъухъе, хъуна куй, ана авлахъалде, рохьоре квана-гьекъезе. Дунги живгоги гурони гьечIеб бакIалда Федорица дида абуна:
– Кин гIумру гьабулеб дуца гьаб ганчIил къолониб? Асирлъун гьаюла гьез мун!
– Дун гьаний чияр чIужу гуро.
– Дида бихьуларогуйищ… Нижеда цадахъ столалда нахъа гIодой чIечIо, гьекъечIо, кечI ахIичIо.
Гьекъейищ аслияб жо, гьаниб цоцазе кумек гьабула, гIажаибго лъикIал гIадамал руго. Нагагь щибниги ккани, рекерун рачIуна. АхIизе кколаро. КъотIносан унаго, дандчIварас гьикъула:
– Иш кин бугеб?
– Баркала, лъикI буго!
Дун гьитIинаб мехалъ ячун йикIана килисаялде, насранияй йигониги, кинабго гьабуна шаргIалда ва бакIалъул гIадатазда рекъон: абизе рачIана, магьари лъуна, бертин гьабуна. Кьуна дие бусурманаб цIарги – Нуржагьан – турк мацIалда «дунялалъул канлъи». Гьелдаса нахъе дицаги цIунула гьазул гIадатал. ЦIуничIого бегьилищха? Чияр килисаялде дурго уставгун хьвадуларо. Дицаги кверал рорхула, «бисмиллагь» гурони батIияб жо лъачIониги. КIаз чIвазеги ругьунлъана – ботIрода гьеб гьечIони, бетIер хIулун бугин ккола. МахIачхъалаялъул насраниязул килисаялде щвана кIиго-лъабго нухалъ, гьаний хьвадула мажгиталде. Дир Аллагь кидаго вуго дир рекIелъ! Бегьуларо хъачIлъизе, квешлъиялде данде хучизе, гьедин гьабуни нилъеда гьоркьоб бугеб батIалъи бихьизе гьечIо. Рокьи цциналдаса къуватаб буго!
Буссинабуна
Кавсарат Сулеймановалъ.