Лъималазе гIоло

Хьул къотIизе биччаларо

 

Регионалда бищунго кIудияблъун ва бищун лъикIаблъун рикIкIуна лъималазул
сахлъи рукIалиде ккезабиялъул «Надежда» центр

Гьеб бана лъабго соналда жаниб ва гьелъие харж гьабуна 218 миллион гъуруш. Гьелъул лъикIаб рахъ ккола ралъдада аскIоб букIинги. Гьенир чIезарун ругел ресазул, церечIарал суалазул ва масъалабазул бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна централъул директор МухIамад Ибрагьимовасулгун.

 Гьелъул лъикIаб рахъ ккола ралъдада аскIоб букIинги. Гьенир чIезарун ругел ресазул, церечIарал суалазул ва масъалабазул бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна централъул директор МухIамад Ибрагьимовасулгун.

— МухIамад, бокьилаан дуца нухмалъи гьабулеб идараялъул хIалтIул хIакъалъулъ къокъго бицани.
— 200 лъимадуе бакI бугеб централде къабул гьарула нервабазул системаялъе жагъаллъи ккарал, опорниябгун двигательнияб аппарат унтарал, Даунил синдром ва кIалъаялъе къварилъи бугел 18 сон тIубачIел лъимал ва гIолилал. Централъул хIалтIул аслияб мурадги ккола гьезие кумек гьаби. Гьеб мурадалда хIалтIулеб буго диагностикияб, социалиябгун медицинаялъулаб рахъ рукIалиде ккезабиялъул, психологиябгун педагогияб кумекалъул ва стационарияб отделениял.
Сахлъи рукIалиде ккезабиялъе гьарулел хъулухъалги гьезие хIажалъулел алаталги къойидаса къойиде цIикIкIунел руго. ТIоцебесеб иргаялда, гьеб ккола медицинаялъулаб бутIа. Гьезда гьоркьобе уна массажалъул цо чанго батIияб тайпа. Руго щивав унтарасул жагъаллъи
хIисабалде босараб программа жаниб цIунараб, мугъзагьод цIалеб цIияб тайпаялъул кIиго алат, ДЦПялъ унтарал лъималазе цIакъ пайдаяб «Баланс-мастер» тренажер, эхетиялъул ва хьвада-чIвадиялъул гIунгутIаби ругел лъималазе тренировкабазе къваригIунеб вертикализатор. Дагьаб цебе босана жидерго чIаголъиялдалъун рилълъанхъизе бажаруларел лъималазе пайдаяб Гроссил кIиго тренажер. Централда буго спелеокамера (цIамул рукъ). Жигаралда хIалтIизарула цIамул грелкаби.
Хадусеб ккола логопедиябгун дефектологияб бутIа. Нижеца пайда босула логоритмика абулеб методикаялдаса. Фланелеграфе абулел занятиязда загIипал лъимал ругьун гьарула рагъа-рачаризаризе, гаргадизе. Психологиябгун педагогикияб бутIаялда педагогаз пайда босула салул терапия, арт-терапия, сказкотерапия, трудотерапия, пластилинография ва цогидалги къагIидабаздаса. ПалхIасил, лъималазул сахлъи рукIалиде ккезабиялъе хIажатабщинаб централда буго.
— Нужеца пайда босулищ цогидал бакIазда хIалтIизаруларел, ай къанагIаталин рикIкIунел батIиял-тIокIал къагIидабаздаса?
— Босула. ГIакълу мукъсанал лъималазе (аутисты) (нижер централъ гуроги гьединал лъимал къабул гьаруларо) кумек гьабиялъе хIалтIизарула хасал программаби: Концепция DIR — унти чIезабиялъе ва хадуб гьабулеб хIалтIи гIуцIиялъе, PECS система -кIалъазе лъаларел лъималазе ва гь.ц.
— Лъималазеги гьезие хъулухъ гьабун ругел улбузеги централда кинал шартIал гIуцIун ругел?
— Буго хIаязул рукъ ва майдан, библиотека, нусго чи цадахъго кваналеб столовая, актовияб зал. Къокъго абуни, жалго лъималги гьезул улбулги гьел шартIаздаса рази рукIуна. Ва бищунго аслияб жо, централда кинабго гьабула чIобого.
— Сахлъи рукIалиде ккезабиялъе централде восиялъе лъие инкар гьабизе бегьулеб?
— ЗахIматал психиатрикиял ва рекIел унтаби ругел чагIазе, наркоманазе ва гьединго рак, эпилепсия ва бахунеб унти бугел чагIи гьанире росуларо.
— Централде киса лъимал рачIунел ва кинал документал къваригIунел?
— Лъимал рачIуна республикаялъул шагьараздасаги росабалъаги. Гьезда цадахъ рукIине ккола: социалияб хъулухъ гьабиялъе къваригIунеб хасаб индивидуалияб программа, паспорт яги гьавиялъул хIакъалъулъ свидетельство ва гьелъул копия, сахлъи рукIалиде ккезабиялъе дандеккунгутIи гьечIилан абун, медицинаялъул идараялдаса справка, амбулаторияб картаялъул выписка, инвалидлъиялъул справка, прививкаби гьариялъул карта, анализал ва флюорография.
— Лъималазе ракIгъеялъулал тадбирал тIоритIиялъе кинал ресал ругел?
— ТIоритIула экскурсиял, уна театразде ва выставкабазде. Централда гIуцIун буго музыкалиябгун драмаялъулаб ва ясикIабазул театрал. Азбаралда руго, резиналъул маталги гIодор тIамурал, хIаязул майдан ва инвалидал-колясочниказе хасал аттракционал. Гьелъие хIалтIизабула лъедезе ва салудаса ине бажарулеб инвалидазул коляска.
Ругьун гьарула рокъор тIуразаризе кколел хIалтIабазе: квен гьабизе, ретIел къачIазе, рукъ бакIаризе.
— Спонсоразул кумекго щолищ централъе?
— Щола, центр цебетIезабиялъе ва гьелъие алатал росизе 2017 соналда спонсораз гьабуна 300 азаргоялдаса цIикIкIун гъуршиде кумек.
— Цо лъагIалида жаниб чан лъимералъе кумек гьабун бажарулеб?
— 2017 соналда нижеца къабул гьабуна 1641 лъимер, ай цебесеб соналде данде- ккун 258-ялъ цIикIкIун лъимер.
Нури Нуриев