Генерал, депутат ва гIадатияв магIарулав

 

 

  Россиялъул печаталъул къолъун кколеб 13 январалда «ХIакъикъат» газеталъул коллективгун дандчIвана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат ГIабдулхIаким ХIажиев.

 Гьеб тадбиралда гIахьаллъана 2013 соналдаса байбихьун республикаялъул политикаялда гъорлъ вугев ГIалибег ГIалиевги профессор, филологиял гIелмабазул доктор МухIамад МухIамадовги.

«Нилъ рохизе ккола жакъа ГIабдулхIаким ХIажиевги, Сайгидпаша ГIумахановги, Хизри Абакаровги гIадал депутатал Пачалихъияб Думаялда рукIиналдаса. Щайин абуни, гьанжеялдего гьез гьарурал ишазухъ балагьун, гьезул байбихьи лъикIаб буго, ахирги гьединабго батаги», — ян абуна «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановас.

 

  Редакторасул заместитель Зикрула Ильясовасул рагIабазда рекъон, жакъа буго миллаталъул къиматги, къисматги, тарихги, чIухIиги, яхIнамусги нахъе цулеб, лъикIаб гуреб магIнаялде сверизабулеб заман.

  — Амма миллат гьечIони, Дагъистан букIунаро. МагIарул миллаталъулго гIадаб кIвар буго цогидал миллатазулги. Гьединлъидал гьеб суалалъулъ кIудияб кIвар буго рахьдал мацI цIуниялъулги. Жакъасел шартIазда букIине кколеб мухъилъе гьеб бачине захIмат буго, эбел-инсуца лъималазда рокъосанго малъулеб гьечIони. Гьединлъидал дагьабниги рахьдал мацI цIунун хутIиялъе тадбирал гьариялъулъ квербакъи Пачалихъияб Думаялда ругел депутатазги гьабилин абураб хьул буго. Гьединго ГIабдулхIакимил хIакъалъулъ хабар ккедал, цониги чияс гьев квешаб рахъалъ рехсолев рагIичIо дида, — ян бицана З. Ильясовас.

 

   Чанги гучал пачалихъазда накуги чIвазабурал, Надир-шагьасдаги вугеб бакI кIочон тезабурал умумузул наслаби руго нилъилан байбихьана ГIабдулхIаким ХIажиевасги.

  Гьес бицана жив гьаб политикаялде ругьунав чиги гурин, амма хIадурав вугила нилъер миллаталъеги Дагъистаналъеги къваригIараб суалалъ Москваялдаги МахIачхъалаялдаги бокьараб кабинеталде ине.

   — Къого сон буго дир батIи-батIиял хъулухъазда къватIив вугелдаса. Депутатлъун вукIинчIониги, Дагъистаналда хурхараб цониги суал тIубачIого течIо дица гьелщинал соназда жаниб. Гьебги цIаруе гIоло гуреб, Аллагьасе гIоло гьабуна. Дун депутатлъун вищаралдаса ана гIицIго лъабго-ункъо моцI. Дица бачIинахъего суал лъуна дидаго цебе, щиб дица тIаса бищараб абун. Дун хъулухъалдаса нахъе витIулевги вукIинчIо, хIалхьиялде ине жеги 12 сонги буго. Амма дица Дагъистаналъул жамгIияталъе гIоло гьабулеб хIалтIи тIаса бищана, бажарарабгIан куцалда Аллагьасда цебеги цо кинаб букIаниги лъикIаб, гIадамалги разияб иш гьабизе кIвелародайилан. Цеве вукIараб хъулухъалда дица гьабулеб хIалтIи цохIо дидагоги Аллагьасдаги гурони лъалароан. РукIана гьенир чанги гIумруялъе хIинкъи бугел, талихIкъарал минуталги. Аллагьас цIунана. Гьесда гурони нилъ цIунизеги кIоларо, Гьесда гурони хадуб ккезе бугебги лъаларо. Дир метерисеб къисматги Гьесда кодоб буго. Гьединлъидал хьул буго БетIергьанасул кумекалдалъун дирго халкъалъе кIвараб куцалда пайдаял ишал гьаризе, Аллагьас хъван батани, — ян бицана ГI. ХIажиевас.

   2013 соналдаса нахъе республикаялъул политикаялда гъорлъ вукIиналъ жинда лъанин ва рихьанин гIезегIан хIакимзабиги, бичIчIанин хIукуматалъул кинал идараби кин хIалтIулеланигиян бицана ГIалибег ГIалиевас.

   — Рищиязул заманалда халлъана ГIабдулхIаким ХIажиевги. Дие цIакъ асар гьабуна гьев КIудиясда (Дагъистаналъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаев – авт.) аскIов вихьидал. Гьеб мехалда дица ГIумаханидаги («ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор – авт.) абуна унго-унгояв чиясулъ букIине кколеб яхI-намусги, гIаданлъиги, хIалтIизе махщелги, халкъалъул ургъелги загьирлъулеб бугин гьев чиясулъилан. «ХъахIаб Рокъов» хIалтIулеб мехалда дида рихьулел рукIиндалха кинакинал депутатал гьенир хIалтIулел рукIаралани. РакI-ракIалъ кумек гьарун жидехъе рачIарал гIадатиял гIадамал тIаса ккезариялъе жал ургъулаан гьезул цо-цояз. Гьединлъидал гьединал депутатазе мисал бихьизабиялъе, ГIабдулхIаким, дуца гьаб «ХIакъикъат» газеталда цебе дурго вакиллъи щай рагьулареб, гьанив дурго жамгIияв кумекчиги тун? Дуцаго гьарурал ишазул халкъалдаги лъан букIине, жидерго тIалабазул бицун рачIине кколеб бакIлъун гьезда гьаб редакцияги бихьизе, — ан абуна ГI. ГIалиевас.

  Гьанже гIемерисел хъулухъазде закон цIунулел идарабаздаса чагIи тIамулел ругин абураб пикруялда бан, ГIабдулхIаким ХIажиевас жаваб кьуна жиндие бокьилила бокьараб хъулухъалда тезе гьелъие мустахIикъав чи.

  — Лъилали вас вугин гьав, гьединлъидал кивалиго директорлъун яги редакторлъун тейилан абураб жо букIине кколаро. Дун вуго гIиявехьасул вас. Расги нечоларо гьедин абизеги. АнцIго сон барав дир эмен детдомалдаса лъутун вачIун, гIияде ун вуго (гьесул вацги яцги тIагIана гьенир – детдомалда). Гьеле гьеб 10 сон бараб мехалдаса байбихьун, 56 соналъ вехьлъун вукIана эмен. Дицаги гIодосан байбихьана ва сержантлъун вукIарав чи генераллъун вахъана, — ян бицана ГIабдулхIакимица.

    Патриотизмалъул хIакъалъулъ бицунагоги, гьадин абуна Пачалихъияб Думаялъул депутатас:

      — Дица хъулухъ гьабулеб букIана Псковалда, десантазул аскаразда. Ротаялъул старшина вукIана дун. Нижерги Витебскиялъул дивизиялъул анкьабилеб ротаги хIадурлъулеб букIана Афгъанистаналде битIизе. Нижехъа цереккунго росана доре ниж нижеего бокьун унел ругин абурал гIарзабиги. Гьединго лъазабуна кире ритIулел ругелали эбел-инсудаги бицунгеян.

        Гьенире ритIилалде цин къецал тIоритIана кIиябго ротаялда гьоркьор, киназ къо хIехьолебали лъазе. Бергьана Витебскиялъул дивизиялъул рота ва Афгъанистаналде гьел ана. Гьеб жо захIмалъун, нижер Псковалъул дивизиялъул ротаялдаса гIолохъаби анкьица сах-саламатго кьижичIо. Гьединаб жо буго ватIан бокьи. ВатIаналъухъ бугеб унтиялъ цIадулъе инеги нахъе къалел рукIинчIо гIолохъаби.

         Ахиралда ГIабдулхIаким ХIажиевас магIарул газеталдехун рокьиги загьир гьабуна гьелъие подписка гьабиялдалъун.

      Цинги редакциялъул рахъалдасан ГIумахан ГIумахановас генераласе сайгъат гьабуна «ХIакъикъат» газеталъул тарихалда тIасан Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матIу» абураб тIехь. Гьединго Зикрула Ильясовасги кьуна гьесие дагьалъ цебе басмаялда бахъараб «Дагъистаналъул тарихалда 300 машгьурав магIарулав» абураб жиндирго тIехьги.

   З. ХIАЖИЕВА