ВатIаналда сан гьабичIеб Рубол жавгьар

Жамиля ДАГИРОВА,

искусствоялъул тарихчIужу, Кав­казалъул рагъул заманалда Ф. Рубол творчествоялъул ва гьесул панорамаялъул тарихалъул цIех-рехчIужу.

 

 

Исана 1 июналда 130 сон тIубана машгьурав художник Франц Рубоца «Штурм Ахульго» абураб сурат-па­норама бахъаралдаса.

 

Гьелъул хIакъалъулъ лекциял цIализе байбихьана Дагъистаналъул Миллияб музеялъ Инстаграмалда бу­геб жидерго гьумералдасан ва You-Tube каналалдасан. ТIоцебесеб лекцияги тIобитIана 5 июлалда.

 

 

Кида бахъараб суратдай гьеб букIараб? Кинаб къисмат гьелъул ккараб? Гьединал суалал гIемер рижула Рубол гьеб сураталъухъ балагьидал.

 

ГIурусазул би чорхолъ бугев парангав Франц Рубоца (1856-1928) 1890 соналъул май моцIалда Мюнхеналда, гьалмагъзабазда ва кумекчагIазда цадахъ рагIалде бахъинабураб хIалтIи ккола «Штурм аула Ахульго» абу­раб сурат. Гьелъул борхалъи буго 12 метр, халалъи — 120 метр.

 

 

Гьениб бихьизабун буго Кавка­залъул рагъул бищунго захIматаб мех – гIурус пачаясул аскаралъ 80 къоялъ сверун ккун букIараб АхIулгохIде гьабураб тIаде кIанцIи. Гьелде щвезегIанги Кавказалда хур­хараб микьго кIудияб сурат бахъун букIана Рубоца.

 

Гьеб магIнаялда рахъарал суратаз­да гьоркьоб бищунго щвалде щва­раблъун авторасги гьесул махщел­цоязги рикIкIунаан «Взятие Ахульго 22 августа 1839 года» абураб сурат. Гьеб бахъун букIана 1888 соналда.

 

 

Доб заманалда панорамаби рахъи модаялда букIана Европаялда, хас­го Германиялдагун Франциялда. Гьелъги тIаса бищун батила Рубоца панорама бахъиялъул къагIида.

 

Гьединал панорамабазда рихьиза­рулел рукIана тарихиял, культуриял хIужаби, тIабигIат ва цогидабги.

 

Мюнхеналда цIакъ машгьурав чи вукIана Рубо. Гьединлъидал, пано­рама бахъизе хIажатаб ххамги, релъеналги, кумекалъе рачарал худож­никазе кьезе гIарацги хехго батунги буго гьесда.

 

 

Гьес сурат бахъулелъул жин­дирго пикру загьир гьабун буго Мюнхеналдаса банкирал Шойер ва Макс Шмедереразе. Гьеб киналъего хIажалъулаан 35000 гъурущ. Гьелда гьоркьоса 15000 гъурущ гьесие кьун буго банкираз. ХутIараб къарзалъ босула. Абула немцазе кутакалда ин­терес букIанин гьеб сураталъулилан.

 

Тифлисалда биччалеб «Кавказ» газеталда, 1889 соналъул 2 августал­да, гьадин хъван буго:

 

«Мюнхеналдаса цо предпринима­телас квербакъизе буго кутакалда кIудияб панорама бахъиялъе. Гьелъие сюжетги босулеб буго Кавка­залъул рагъулабгун тарихияб му­зеялъе Рубоца бахъараб «Штурм Ахульго» абураб сураталдаса.

 

Рагъ ккараб бакIги бихьизе, доб су­раталда гъорлъе росичIого хутIарал гIисибикъинал хIужабиги хIисабалде росизе художниказ Кавказалде са­пар бухьана ва Дагъистаналде, рагъ букIараб бакIалде, ана», -ян.

 

 

Панорама бахъана щуго моцIида жаниб. 1890-1892 соназда гьеб бихьи­забуна Мюнхеналдагун Парижалда.

 

Гьебги босун Европаялъул цоги­даб шагьаразде айин абулеб букIун буго Рубода ишцояз. Амма гьесие бокьула панорама Россиялда бихьи­забизе. Гьедин, 1896 соналда регент Луитпольд Баварскиясул квербакъи­ялдалъун, панорама кIвана Нижний Новгородалда, ТIолгороссиялъул художествиябгун промышленнияб ярмаркалда бихьизабизе. Гьелъухъ балагьизе вачIун вукIана император НикIалай КIиабилевги.

 

КватIичIого панорама босана Рос­сиялъ ва Кавказалъул рагъулаб окру­галъухъе кьуна.

 

 

1897 соналда гьеб босана Тифли­салде. Гьениб букIараб Реццалъул КIалгIаялда аскIоб гьелъие хасаб павильон базе кколаан. Амма гьеб бачIо ва гуризеги гурун панорама музеялъул подвалалъуб бегун тана 1909 соналде щвезегIан.

 

Живго тIад хIалтIараб сураталъул къисматги бихьун, Рубоца хIалбихьула гьеб гIадамазда бихьизабизелъун къватIибе бахъизе. Гьес къотIи гьабула Севастополалъул нухмалъиялъулгун. Гьениса Петербургалде, императорас­да бихьизеян, босула гьесул «Оборона Севастополя» абураб цогидаб пано­рама. Хадуб Рубоца къотIи гьабула Санкт-Петербургалде гьеб цояб пано­рама босиялъеги. Марсово поле абу­раб бакIалда гьелъие павильонги бана, 1911 соналъул ахиралдаса байбихьун гIадамазда бихьизабулебги букIана гьеб.

 

Дагъистаналъул Изобразитель­нияб искусствоялъул музеялъул ди­ректор ПатIимат ХIамзатовалъулги хIалтIухъабазулги кумекалдалъун, хIалицаго къачIазе кIвараб гьеб пано­рамаялъул лъабго фрагмент бихьиза­буна халкъалда гIицIго 1991 соналда. Гьелдаса нахъе лъабабго фрагмент жакъалъагIанги музеялдаги буго.

 

 

Гьелде щвезегIан щибха ккараб?

 

Революциялдаса хадуб, 1922 со­налда, панорама Петербургалда, Павловасул казармаялъул рагьтIе рехун тун батана, гьебгиха -бакI-бакIалдасаги тIутIун. Гьеб мехалда артиллериялъул музеялдеги кьун, гьелъул хIалтIухъабаз гIезегIан бер­цинго бацIцIадги гьабун, гуризеги гурун, музеялъул гьороб лъуна.

 

1924 соналда зарал ккана гьелъие лъим кIанцIиялъул хIасилалда. Ха­дуб музеялъул хIалтIухъабаз бакъ­вазе бана гьеб ва лъагIалидасан кIалъан рачIана гьелъул бицун Дагъ­истаналде. Гьелъул хIасилалда, 1928 соналда, Рубол панорама респу­бликаялъул Краеведазул музеялде битIунги бачIана.

 

 

Лъай кьеялъул нарком ГIалибег Та­хо-Годиги музеялъул директор Дми­трий Павловги кигIан къеркьаниги, панорама хвасар гьабизе кIвечIо.

 

1934 соналда художник Н. Хри­стенкол нухмалъиялда гъоркь Москваялдаса бачIараб комисси­ялъ хIукму гьабуна, «техникиял хIажалъабазе гIоло чанго фрагмент­ги къотIун, гьеб сурат утилалде кье­зе». Гьедин гьеб лъабабго кесек (30,6 кв.м.) музеялъул бищун рикIкIад бу­геб бокIнилъе рехун тана.

 

1960 соналъул байбихьуда респу­бликаялда рагьана Изобразительни­ял искусствабазул музей. Гьелъул директорлъунги тIамуна ПатIимат ХIамзатова. Панорамаялъе хIукму къотIулеб мехалда цере рукIарал музеялъул хIалтIухъаби чIаго рукIаниги, гIицIго Аскар-Сарыджа абулев художникас гурони бицун гьечIо директоралда нахъе къотIун лъурал фрагментазул хIакъалъулъ. Пат1иматица байбихьана гьелъул цIех-рех гьабизе ва 1970 соналда лъа­на гьел лъураб бакI. Гьороре рехун ратарал фрагментал «сах гьаризей­ин» абуни къваригIана 20 сон.

 

 

1929 соналда музеялъул директор­лъун вукIарав Д. Павловас, панора­маялъухъ хал гьабулаго, хIукму гьа­бун буго гьеб хвасар гьабизе кколин ва бихьизабизе цебе лъезеги бегьу­лин абун. Амма кIун гьечIо яги бо­кьун батич1ого букIинеги рес буго.

 

1932 соналда профессор Городец­кияс лъазабун буго нилъер заманал­де данде кколареб идеология бугин Рубол, гьединлъидал, панорамаялъе реставрация гьабиялъул биценго букIинеги кколарин.