ТIубараб гIасру ана долдаса нахъе

Исана 100 сон тIубала РСФСРалда гьоркьоб Дагъистаналъ жибго жиндаго чIараб республика хIисабалда автономия лъазабуралдаса.

Расул ХIамзатовас абулаан Дагъистаналъул гIемерисеб тарих хвалчабаз хъвараб бугилан. Жалго жидедаго чIарал шагьарал ракки, хадуб Кавказалъулаб Албания абураб пачалихъ гIуцIи, сасанидал, гуннал, гIарабал, туркал-сельджукал, монголал, иранал рачIин… дагьал рукIинчIо гьелъул гIумруялъулъ политикиял ва экономикиял хиса-свериял.
Республикаялъ ракълилаб гIумру гIуцIиялде лъурал галабазул цояб ккола Советияб власть бергьун хадуб республикаялъе автономия лъазабиги.
Гьеб тарихияб тадбир лъазабизе 1920 соналъул 13 ноябралда Темир-Хан-Шура шагьаралда тIобитIана Дагъистаналъул халкъазул чезвычайнияб съезд.
РСФСРалъул хIукумат (СНК) гIуцIана 1917 соналъул октябралда. Лъабго сон ун хадуб, республикаялда граждан рагъ унеб бугониги, 1920 соналда Дагъистаналда байбихьана рехсараб съездалде хIадурлъизе. Гьеб букIана Северияб Кавказалда Советияб пачалихъалъ миллиялгун пачалихъиял суалал гIумруялде рахъинаризе байбихьараб мех.
Хадуб, съездалъул хIукмуги кьочIое босун, 1921 соналъул 20 январалда бахъараб ВЦИКалъул декреталъ юридикияб нух рагьана РСФСРалда Дагъистаналъул Автономияб Советияб Социалистияб Республика (ДАССР) гIуцIиялъе. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда Дагъистан ккана бакъба-ккул халкъазул автономия кьурал республикабазул кIиабилеблъун. ТIоцебе гьединаб автономия щвана Азербайжаналъе.
ВКП(б)ялъул Централияб Комитеталъул ва Советияб пачалихъалъул цIаралдасан Дагъистаналъе Советияб автономия кьеялъул хIакъалъулъ Декларация цIалана РСФСРалъул миллиял ишазул рахъалъ Халкъияв комиссар И. В. Сталиница. Гьенибго кIудияб кIалъай гьабуна С. Орджоникидзецаги. Гьеб Декреталда бихьизабулеб буго Дагъистан АССР РСФСРалде гъорлъе унила кинабниги Дагъистан областалъул букIараб ракьгун, Терский областалъул Хасавюрт округ ва Каспий ралъдал рагIаллъиги тIаде жубанилан.
Хадусеб, 1921 соналъул 12 февралалда Дагъистаналъул делегация В. И. Лениница Кремлялда къабулги гьабуна. Ленинилгун букIараб данчIваялдаса хадуб щуго къо инелде мугIрузул улкаялъул захIматчагIазул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ суал гьоркьоб лъуна Москваялда ВЦИКалъул данделъиялда. Гьеб халгьабиялдаса хадуб Дагъистаналде бачIана мануфактураялъул ва промышленнияб къайи, тIагIел-алат, станокал, хъарщи-цIул ва типографиялъул къайи-цIаги.
Заманалъул тIалабалги хIисабалде росун, республикаялъул суалал тIуразе Россиялъул тахшагьаралда хIажат букIана хасаб идара. Гьединлъидал 1921 соналъул 26 маялда РСФСРалъул миллиял ишазул Халкъияб Комиссариаталда (Наркомнац) цебе гIуцIана Дагъистаналъул вакиллъиги. Гьел тадбиразул хIасилалда гIицIго 1920-1923 соназда нилъер республикалъе Ленинил амруялдалъун 400 млн гъурущ щвана бакъараб халкъалъе кумек гьаби мурадалда ва цо млн гъурущ меседалдалъун — халкъияб магIишат цебетIезабиялъе хIалтIизабизеги.
Дагъистаналъе автономия кьея-лъул доб заманалда букIана цIакъго кIудияб кIварги. Республикаялъе рес щвана тIоцебесеб жиндирго Конституция къабул гьабизе. Автономия кьуралдаса хадуб, 1921 соналъул декабралда ахIараб Советазул Учредительнияб съездалда Дагъистаналъул гьеб Аслияб закон къабулги гьабуна. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналда Советияб хIукумат законалъул кучIалда щула гьабуна. Конституциялда бихьизабуна республикаялъе нухмалъи гьабизе рукIине кколел гIуцIабазул къагIидаги, къабул гьаруна республикаялъул тIадегIанал идарабиги — ЦИК (централияб исполнительнияб комитет) ва СНК (совнарком).
Республикаялда бищунго тIаде-гIанаб идаралъун бихьизабуна ТIол-годагъистаналъул Советазул съезд.
Гьелдаса хадуб ана тIубараб гIасру. Гьеб заманалда республикаялъул политикияб, социалиябгун экономикияб, жамгIияб ва культурияб гIумруялда жанир ккана чIахIиял хиса-басиял. Гьелги хIисабалде росун, Дагъистаналда 1927, 1994, 2006 соназда къабул гьаруна цIиял Конституциялги.