ХIадисазул квацIи

ГIамрил Салманидасан (р.гI.) бачIараб хIадисалда аварагас* абулеб буго: «ГIагарлъиялъе кьураб садакъаялъул кири кIиго нухалъ цIикIкIун хъвала». (ТIабарани)

• Абу Гьурайратидасан бачIараб хIадисалда аварагас* абулеб буго: «Къиямасеб къоялъ Аллагьасул рагIдукь рукIунел гIадамал ккола жидеца садакъаги кьурал, гьебги балъго тарал, хIатта кваранаб квералъ кьураб жо жидер квегIаб квералдацин лъазе течIел». (Муслим)
• Ибну ГIаббасидасан (р.гI.) бачIараб хIадисалда бицунеб буго аварагас* абунила: «Аллагьас хIакъир гьавизе вуго рихьдае жо гьабуравги гIадамазда гьеб бицаравги. Гьединав чи Къиямасеб къоялда инжитлъизеги вуго, гьединал ишал гьаруни, гьелъухъ кириги щвезе гьечIо». (Муслим)
• Ибну ГIаббасидасан бачIараб хIадисалда аварагас* абулеб буго: «Алжаналде унел руччабаздаса ккола, гIемер лъимал гьарулей, рос вокьулей, хехго гьесде юссуней, жинца росасе, яги жиндие росас зарал гьабуни, росасухъеги ячIун гьесул кверги ккун абулей, АллагьасхIаги дица чадил рекел квинаро мун дида разилъизегIан». (Насаи)