Божилъиялъул парадалдаса – ватIанияб рагъде

КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьаралдаса нилъер рагъулал къуватазул тIоцебесеб парад

 

Исана 76 сон тIубана 1941 соналъул 7 ноябралда Москваялда БагIараб майданалда СССРалъу­л яргъилал къуватазул парад тIобитIаралдаса. Гьеб букIана тушман нилъер улкаялъул тахшагьаралде гIагарлъулев вукIараб заман. Чара гьечIого хIажат букIана унеб бугеб рагъулъ бергьенлъи босизе.
Советиял гIадамазул къей гьечIолъиги ВатIан цIунизе гьезул бугеб гъираги бихьизабизе парад гIуцIиялъул букIана кIудияб рагъулаб операция гьабиялъул гIадаб кIвар ва гъваридаб магIна. Гьеб букIана КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьаралдаса нилъер рагъулал къуватазул тIоцебесеб парад.
1941 соналъул хаслихъе Москваялда аскIоб загьирлъулеб букIана ватIаналъул къисмат кин ккезе бугебали. Гьеб заманалда Советияб Армия захIматал шартIазда багъулеб букIана фашистазде данде. Цо-цо бакIазда биял гIодоре тIолеб фронталдаги Москваялъул къадаздаги гьоркьоб бугеб манзил къокълъулеб букIана 30 километралде щвезегIан. Гьеб заманалда парад гIуцIизе лъиданиги ракIалдегицин кколеб букIинчIо, амма И. Сталиница 28 октябралда лъазабуна парад тIобитIизе кколин.
Къокъаб заманалда жаниб гьелде хIадурлъи гьабуна цIакъ балъгояб къагIидаялда. 6 ноябрялда метроялъул «Маяковская» станциялда тIобитIараб данделъиялдаса хадуб ТIадегIанав Главнокомандующияс партиялъул нухмалъулездаги рагъул командираздаги лъазабуна метер кида парад байбихьизе бугебали. Рагъул аскаразде гьеб буюрухъ щвана къаси сагIат 11-ялда. Парадалде ахIулел захIматчагIазухъе гьеб хабар щвезабуна 7 ноябралъул радал сагIат 5-ялдаса байбихьун.
Тушманасда балъголъи загьирлъиларедухъ, щибаб соналъ КIудияб Октябралъул Социалистияб революциялъул хIурматалда сагIат 10-ялда гьабулеб букIараб парад тIобитIана радал сагIат 8-ялда.
Парадалъул заманалда БагIараб майданалде самолетаз бомбаби рехиларедухъ, 5 ноябралдаса байбихьун нилъераз кьаби щвезабулеб букIана фашистазул сверухъ ругел аэродромазде. Гьединлъидал гьеб байрамалъул къоялъ Москваялде щвечIо цониги гитлерилазул самолет.
7 ноябралда 7 сагIатгун 50 минуталда Ленинил мавзолеялъул трибунаялде рахана Иосиф Сталинги Москваялда хутIарал советияб хIукуматалъул членалги. КIудияб Октябралъул социалистияб революциялъ 24 сон тIубаялда бан гьабулеб парад байбихьана сагIат 8-ялда.
Парадалъе нухмалъи гьабулеб букIана тахшагьаралъул гарнизоналъул нухмалъулев генерал-лейтенант Павел Артемьевас ва парад къабул гьабулеб букIана Совет Союзалъул маршал Семен Буденныяс. Рагъулаб гIуцIиялъул гIахьалчагIазде хитIабгун кIалъазе вахъана оборонаялъул пачалихъияб комитеталъул (ГКО) председатель, СССРалъул яргъилал къуватазул ТIадегIанав нухмалъулев, Оборонаялъул нарком Иосиф Сталин. Гьес бицана Москваялда сверухъ унел ругел кьварарал рагъазулъ нилъер яргъилал къуватазул бергьенлъабазул ва, тушманасул «Тайфун» операцияги хвезабун, гьесул гьужум чIезабун букIиналъул хIакъалъулъ. Парадалда солдаталгун, офицералгун цадахъ гIахьаллъана Советияб Армиялъул бугеб къуватаб техника, артиллериялъул, танказул, рекIаразул боял ва ветераназул гIуцIаби. Гьелъ халкъалъул рекIелъ щула гьабулеб букIана бергьенлъиялде бугеб божилъи. Гьединлъидал батила, аскаразул гьеб парадалдаги халкъалъ «божилъиялъулабилан» цIарчIвараб.
ГIурусазда цадахъ Москваялда гIагарлъухъ ккарал рагъазулъ гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул лебалал васазги. Гьел ккола: Агъул районалъул Тпиг росулъа МухIамад Гъандаев, Гъарабудагъкент районалъул Доргели росулъа АбусагIид ГIисаев, Догъузпара районалъул Усух-чай росулъа Хаирбек Заманов, Хасавюрталдаса маршал Михаил Воробьев ва Мамат Аджимуратов, Дербенталдаса Совет Союзалъул БахIарчи Владимир Громаковский, Казбек районалъул Гертма ва Инчха росабалъа МухIамад ГIабдуллаев ва Ата Мирзабегов, Гумбет районалъул Аргъваниса МухIамад Сайпудинов, Болъихъ районалъул Гъагъалъа ГIусман Аслуев ва гьел гурел гIемерал цогидалги.
1941 соналъул 7 ноябралда букIараб гьеб рагъул парадалда, нижехъ ругел баяназда рекъон, гIахьаллъи гьабуна Лак районалъул Ханар росулъа ХIажи Бугъановасги Буйнакск шагьаралдаса танкист ГIалибег Жамалудиновасги. Гьел гьенисанго рагъдеги ана. Гьелдаго цадахъ, абизе ккола, ХIажи Бугъанов вахъана Совет Союзалъул БахIарчилъун, ва гьев гIахьаллъана 1945 соналъул 24 июналда гьебго майданалда тIобитIараб Бергьенлъиялъул парадалдаги.
Кинабниги гьеб хIурматияб гIуцIиялда гIахьаллъи гьабуна 28 500-ялде гIагарун чияс, 16 тачанкаялъ, 296 пулеметалъ, 18 минометалъ, 12 зениталъул пулеметалъ, 140 гIарадаялъ ва 160 танкалъ.
Гучаб гьуригун гIазу пулеб букIи­налъ парадалда гIахьаллъи гьабичIо авиациялъ.
Парадалъул цIилъиги политикияб кIварги букIана нилъер яргъилал къуватал гьенисанго рагъде унел рукIиналъ.
Парад халатбахъана гIицIго 25 минуталъ, амма гьелъ бихьизабуна нилъер гIадамазул рекIелъ къвакIи букIин ва тушманасда тIад бергьенлъи босизе бугеб таваккалалъул щулалъиги. Гьенир гIахьаллъана къватIисел пачалихъазул гIемерал журналисталги.
Хадусан Гитлерил армиялъул ко­ман­диразул хъвай-хъвагIаязулъ ба­тулеб букIана фашистазе кинаб кIу­дияб квалквал гьабураб гьеб лъугьа-бахъиналъали.
1941 соналъул 7 ноябралда гьединалго рагъулал парадал тIоритIана Куйбышевалдаги (гьанже Самара) Воронежалдаги.
Зикрула Илясов