Босуге гIужие берцинлъи

 

      Киса-кирего магIарухъ, росабазда аскIор ва гьезул рагIал­ лъабаздацин чакъалал кутакалда гIемерлъун ругин, гьез гIисинаб гIи-боцIи толеб гьечIин, батIи-батIиял рахунел унтаби гьездасан тIиритIиялдаги цIикIкIараб хIинкъи бугин абурал лъазабиял редакциялде гIезегIан рачIана. Гьеб суал мухIкан гьабизелъун ниж щвана Экологиялъул ва тIабигIиял сурсатазул министерствоялде. Гьеб министерствоялъул «Дирекция ООПТ, охраны животного мира и водных биоресурсов» РКУялъул нухмалъулевлъун Расул ГIумаров тIамуралдаса буго кIиго моцIгIанасеб заман. Гьесулгун буго нижер жакъасеб дандчIвайги.

 

    — Расул, тIоцебесеб иргаялда, баркула дуда цIияб хъулухъ, баракатаб батаги гьеб. Цо-цо хIакимзабазул кабинетазда рихьулел бакIазда лъун рукIуна пачалихъалъул ялъуни республикаялъул бутIрузул, министразул суратал. Дур гьанибин абуни столалда тIад буго Сталинил гьитIинаб бюст ва къеда бан буго имам Шамилил кIудияб сурат…

   — Сталин вуго пачалихъ цIунарав, вахIшияв тушманасда тIад бергьенлъи босарав чи. Гучаб пачалихъалъул бетIер вугониги, гьев вукIана гIадатияв, ВатIан тIегьазабиялъул, бечед ва щула гьабиялъул гурони, жиндиего щибниги щвеялъул тIалаб букIинчIев инсан.

   Гьединлъидал гьев вуго дирги дун гIадинал гIемеразулги рекIелъ. Шамилги вуго кIудияв имам, кIудияв инсан. Гьев вуго нилъеца кидаго къимат гьабизеги, къадру цIунизеги тIадав, абадиялъго нилъее мисаллъун вугев чи.

   — Киназдаго лъала гьев кIиявго кьварарал нухмалъулел рукIараблъи. Дулъ бугищ гьединаб хасият?

   — Кьвариялъул рахъалъ дие къимат кьела дир нухмалъулез, дунгун хIалтIулез. Амма дие бо­ кьула ритIухълъи, хIехьоларо мекъаб-тIекъаб, данде кколаро гIадлу- низам гьечIолъи. Дун хIалтIулеб бакIалда тIалаб гьабула хIалтIул лъикIал хIасилал.

    — Нужер идараялъ щиб хъулухъ тIубалеб?

   — Нижер вуго 100-гIанасев хIалтIухъан ва бербалагьиялда гъоркь буго 12 заказник.   Республикаялъул батIи-батIиял районазда ругел за­ казниказда чIезарун руго егерал, охотоведал. Нижеца гьенир цIунула гIалхул хIайванал, рекъезабула гьезул къадар, биччаларо лицензия гьечIого чан гьабизе.

  — МагIарухъ ахираб заманалда гIемерлъун руго чакъалал. ГIадамазе бугеб рахIатхвеялда тIаде гIи-боцIуе гьез гьабула зарал. Кинаб гIиллаялдалъун гьединаб хIал бугеб ва гьелда хурхун щиб гьабизе кколеб гIадамаз?

 

    — Гьелъие ругел гIиллабилъун ккола, я гьанал, я къехьалъул рахъалъ чанахъанасе кинабгIаги пайда гьечIел рукIинги, гьел чIвазе биччалеб ва чIваралъухъ пачалихъалъ кьолеб гIарац гьечIолъиги. Кин бугониги, яхI бахъула гьезул къадар рекъеза­бизе.

     — Заказниказда нужеца гьединаб хIалтIи гьабуниги, гьезда гьоркьоре унарел росабазул гIадамаз щибха гьабизе кколеб?

    — Лъазабизе ккола нижеда. Заманалда, сезоналда бараб жоги гьениб гьечIо. Гьединаб гIарз букIун хадуб нижер хIалтIухъаби (чанахъаби) уна гьенире ва чIвала чакъалал. Нижедаги щибго абичIого, жалго лъугьун гьел чIвазе, ялъуни гьезие загьру рехизе лъилго ихтияр гьечIо, гьедин гьабизеги бегьуларо. — Гьелдаго цадахъ пасатго цIикIкIун бугин бацIазул къадарин абунги гIарзал руго гIухьбузул… — ЧIвараб щибаб бацIихъ советияб заманалда пачалихъалъ кьолаан гIарац, гIиял бетIергьабазги кьолаан 1-2 гIиялъажо. Гьеб низам тана ва гьелда рекъон гIемерлъана бацIалги. Амма нижедаги лъазабичIого, чанахъанлъиялъе лицензия (гьеб кьола нижер министерствоялъул хасаб отделалъ), гьелъие хIажалъулеб чанахъанасул билет ва ихтияр бугеб ярагъ гьечIого, гьел чIвазе лъилго ихтияр гьечIо. Нагагьлъун чIвани, цIазе бегьула тамихIалде. Нижеда лъазабун хадуб нижер хIалтIухъабаз тIубала гьеб масъала. КIиабилеб сон буго гьел чIвазе пачалихъалъ гIарац биччаралдаса, ва июль моцIалдаса нахъе байбихьизе буго гьеб хIалтIиги.

    — ГIемерал гIарзал рукIуна ЛъаратIа, ЦIунтIа, ЦIумада районазда чIван лъугIизарулел ругин бисал, ритIучIал абун. Бугищ гьедин?

   — Гьединал гIарзал рукIуна, амма хал гьабидал гIемерисел ратула гьересиял. Камуларо лицензия гьечIого бисал чIваялъул хIужжабиги. Гьел загьирлъун хадуб нижеца толаро тIадаб хIалтIи гьабичIого.

    — Бисал чIвазе лицензия кьеялъе кинаб хIажалъи бугеб?

     — Гьеб буго, дудаго гIадин, дидаги бичIчIулареб жо. БокьарабгIан гIиялги хIайваналъулги гьан бугеб гьаб заманалда, бис гIужие боси дица кинго къабул гьабуларо.

      Гьелдаго цадахъ дие бокьилаан нилъер тIабигIатги рухIчIаголъиги бокьулел гIадамал гIемерлъизе. Квеш ккараб жо буго къойидаса къойиде гьел дагьлъулел рукIин.

      ЦIуне нилъерго тIабигIат, сверухъ бугеб берцинлъи. Гьеб буго наслабазе нилъеца толеб бечелъи.

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ