В. Путин: «Нужеца хъачагъазда бихьизабуна халкъ гьелгун цадахъ гьечIеблъи»

12 сентябралда РФялъул президент Владимир Путин вачIана Дагъистаналде

 

Улкаялъул президент республикаялде вачIана халкъазда гьоркьосел террористал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон тIубай кIодо гьабиялъул хIурматалда. Гьелда дандеккана Дагъистаналъул халкъазул цолъия­лъул къоялъул байрамги.
МахIачхъалаялъул аэропорталдасанго Владимир Путин Болъихъе ана ва КIудияб ВатIанияб рагъда, Афгъанистаналда, 1999 соналда халкъазда гьоркьосел террористаздаса ватIан цIунулаго хваразе бараб памятникалда цере тIугьдулги лъуна.

Исана риидал президентасулгун халкъалъул букIараб рагьараб гара-чIвариялда гьеб масъалаялъул бицунеб мехалда, президентас рагIи кьун букIана Болъихъе вачIине. Гьале гьес рагIи ккуна ва пачалихъа­лъул бетIер дандчIвана дол пашманал лъугьа-бахъиназда гIахьаллъарал ополченцалгун, гара-чIвари гьабуна гIадатиял балъхъадерилгун ва ракIалдещвеялъе рахъана суратал.
Ополченцал рагъул ветераназда бащад гьаруралъухъ президентасе баркала загьир гьабуна Болъихъ районалъул гIадамаз ва гьадин абуна: «Дуца цоги нухалда бихьизабуна захIматаб заманалда аскариязда цадахъ ватIан цIунизе къватIире рахъарал гIадатиял гIадамаздехун бугеб лъикIаб бербалагьи. Ниж чIухIарал руго гьединав цевехъан нижер вукIиналдаса», — ян.
«Доб мехалда руччабиги, бихьиналги, хIатта лъималгицин рахъана ватIан цIунизе. Гьеб букIана хъачагъазда халкъ жалгун цадахъ гьечIеблъи бихьизаби. Гьеб букIана Россиялъе кIвар бугеб ишлъунги. Гьел рачIун рукIана исламалъул байрахъалда гъоркь. Гьел къуна, амма долдаса нахъе Дагъистаналда 2000 мажгит бана. Гьезин абуни киданиги балароан 2000 мажгит», — ян кIалъана президент. Гьес бицана районалда жеги гIемераб хIалтIи гьабизе бугин, рищни-къул батIа гьабулеб завод, спортивияб комплекс, футболалъул стадион, лъималазул ах, кIигониги школа ва цогидалги социалиял бакIал ран лъугIизаризе кколилан.
1999 соналъул анкьабилеб августалда, Шамил Басаевасул ва Хаттабил нухмалъиялда гъоркь, изну гьечIого яргъид гIуцIарал хъачагъазул къокъа бачIана Чачаналдаса цин ЦIумаде ва Болъихъ районазде, хадуб ЦIияб Лак районалде. ТIоцере хъачагъазде данде рахъана бакIалъулал гIадамал. Сентябрь моцIалда террористал тIагIинаризе кIвана, хадуб Северияб Кавказалдаго байбихьана террористазде данде кIудияб операцияги.
Гьеб соналъ Болъихъ районалде вачIун вукIана доб мехалда РФя­лъул хIукуматалъул председательлъун вукIарав Владимир Путин. Гьес Дагъистаналъул ополченцазе, федералиял къуватазул идарабазул хIалтIухъабазе Дагъистаналдаса хъа­чагъал нахъе хъамуралъухъ пачалихъиял шапакъаталги кьун рукIана. Рагъ ккаралщинал бакIаздеги щун вукIана гьев, МахIачхъалаялда республикаялъул нухмалъулелгун ва Россиялъул къуваталъулал ведомствабазул бутIрулгун данделъиги тIобитIун букIана. 2019 соналъул кIиабилеб августалдайин абуни, РФялъул президентас гъоркь гъулбасана Дагъистаналъул ополченцазе рагъул гIахьалчагIазул цIар кьеялъул законалда гъоркь.
КIудияб ВатIанияб рагъда, Афгъанистаналда ва 1999 соналда халкъазда гьоркьосел террористаздаса ватIан цIунулаго хваразе Болъихъ мемориалияб комплекс рагьана 11 сентябралда. Гьеб ккола Дагъис­таналъул мустахIикъав художник Хизри Асадулаевас Белорусиялда гьабураб памятник. Мемориал буго КIудияб ВатIанияб рагъул солдатасул, рагъухъан-интернационалистасул ва ополченцасул сипат загьир гьабураб. Гьелъул хьалбазда лъурал къаназда хъван руго Болъихъ районалдаса хванщинал рагъухъабазул цIарал, памятникалда цебе бакун буго Даимаб цIа. Комплексалъул тIоцебесеб ярусалда букIине буго рагъулаб реццалъул музейги.
Художникас памятник гьабуна ункъо моцIида жаниб. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана Хизри Асадулаевас: «Гьенив вугев солдатас жиндаго тIадаб иш тIубазабуна ва гьев валагьулев вуго цогидазухъ – щибха, гьанжесеб гIел, нужеца гьабизе бугебиланги абун. Рагъухъан-интернационалист вуго кодоб автоматгун. Гьес абулеб буго, хIажат ккани, жив жеги гIолохъанго ва хIадурав вугин гьанжесеб Россиялъул солдатасда цебе бугеб масъала тIубазе. БухаритIагъур лъурав чи ккола магIарулав. Гьесие бокьула жиндирго гIагараб ракь ва бокьараб лахIзаталда ватIан цIунизе хIадурго вуго гьев. Гьес тушманасдаги абулеб буго: «ХIалбихье цоги гали тIамизе – нужеда бихьила кьолеб жаваб», — ан.
Ополченцазул гIахьаллъигун тIо­битIараб дандчIваялда пачалихъалъул бетIерас бицана ватIаналде дагъистаниязул бугеб рокьул. «Баркала нужее дун гьоболлъухъ ахIаралъухъ. Баркула нужеда, пашманаб лъугьа-бахъин букIаниги, доб заманалда хъачагъазда тIад босараб бергьенлъи. 20 соналъ цебе халкъазда гьоркьосел хъачагъалгун къеркьолаго нужеца бихьизабуна унго-унгояб цолъи, бахIарчилъи», — янги абун, ополченцазул хIурматалда лълъарги рехана РФялъул президентас.
Данделъаразе цоги нухалда баркалаги загьир гьабулаго, президентас абуна гьанже жив ХIабибида (НурмухIамадов) бергьенлъи баркизеги ине кколин ва гьедин къо-лъикI гьабуна балъхъадерилгун.
ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ