Дагъистаналъул «ЦIум» — улкаялъул багьадур

ХIабиб НурмухIамадовас Дастин Порьеда тIад босана ракIчIараб бергьенлъи

 

Иргадулабги нухалда ХIабиб НурмухIамадовас цIунана UFCялъул чемпионасул рачел. Гьелъие гIоло дагъистанияв UFC-242 турниралда къеркьана Америкаялъул Цолъарал Штатаздаса речIчIухъан Дастин Порьегун. Абу-Дабиялда букIараб гьеб турниралде ХIабибил рахъкквезе ун вукIана аза-азар дагъистанияв. 13 азарго чи жаниве унеб Абу-Дабиялъул кIудияб спортивияб кIалгIаялъул 40 процент нилъераз ккун букIанин абуни мекъи ккеларо. Октагоналде ХIабиб вачIана гIадатияб къагIидаялда, тIад гъалараб, хъахIаб тIагъурги лъун, Сабина СагIидовалъ ахIулеб кочIода гъоркь. Цеве вахъунелъул гьаб нухалъ гьесда аскIов вукIана эмен ГIабдулманап НурмухIамадовги. Къеркьей байбихьана ХIабибил гьужумаздасан. Гьурмалъ чанго нухалъ зарги кьабун, ХIабибица дандияв гIодов лъуна ва гугарулаго гьедин раундги лъугIана. КIиабилеб раундалъул байбихьудаги дагъистанияс дандиясде тIадецуй гьабулеб букIана. Жиндирго къуваталдаги божун цевехун унев вукIарав ХIабибил нилъазул хIамузулъ зар кьабуна американас ва дагьалъ нахъе къазавуна. Амма гьев нахъе къан чIечIо ва кIиабизеги речIчIана дандиясул бохдузулъ ва лъуна гIодов. Гьеб раундалда Дагъистаналъул «ЦIум» НурмухIамадовас дандияв гугарун сваказавуна. Лъабабилеб раундалъул байбихьудаги ХIабибица Порье, добго къагIидаялда, гIодов лъуна ва гъанкъулеб приемги гьабун, бергьенлъи босана. Гьеб лахIзаталда дагъистанияв октагоналъул сеткаялда тIасан кIанцIана. Гьенив Конор Макгрегорги гьечIин, лъие тамихI гьабизедай гьаб нухалда ХIабиб сеткаялда тIасан кIанцIулев вугевин абун ракIалде ккун батиларищха балагьаразда. Турниралда низам цIунулелги дагъистанияв кквезе журана. Амма дагъистанияс гIадлу хвараб жо гьабичIо. Гьев тIоцеве щвана UFCялъул президент Дана Уайтида аскIове ва хадубго, жиндирго командагун цадахъ, кIодо гьабуна бергьенлъи. Къеркьеялдаса хадуб НурмухIамадовас баркала загьир гьабуна жиндир рахъкквезе Абу-Дабиялде рачIарал ракьцоязе ва гьудул-гьалмагъзабазе.
«ТIоцебесеб иргаялда, баркала загьир гьабизе бокьун буго инсуе ва гьединго АКАялъул тренер Хавьер Мендесие. Гьел аскIор рукIинчIелани, жакъа гьаб рачел дихъ букIинароан. Гьединго баркала буго Абу-Дабиялде гIунтIун рачIаразе ва дунялалдаго ругел дир рахъкколезе. Дастин Порье вуго къуватав речIчIухъан. Гьеб гьес бихьизабуна гьабсагIаталда октагоналдаги. ГIезегIан захIмат бихьана гьев къезавизе. Спортсмен гуревги, гьев вуго жамгIияв хIаракатчиги. Гьесул гурхIел-рахIмуялъул фондалъ кумек гьабула дунялалъулго мискинзабазе, къварилъиялда ругел чагIазе. Дица ретIун буго гьесда тIад букIараб футболка. Гьаб аукционалдаги лъун бичила ва гьелъухъ щварабги жеги тIаде жубанги гIарац биччазе буго дица гьесул фондалъе. Метер щиб букIине бугебали ТIадегIанав Аллагьасда гурого лъаларо. Аллагьас сахлъи ва гIумру кьуни, спорталъулгун къо-лъикI гьабизе ракIалда гьечIо. Амма хадубккун щивгун къеркьезе вугевали абизе кIоларо. Ахираб кIиго-лъабго моцI букIана захIматаб. Гьединлъидал, гьабсагIаталда бокьун буго хIалхьи гьабизе», — ян абуна ХIабиб НурмухIамадовас.
Дастин Порьеда журналисталгун кIалъалаго магIу кквезе кIолеб букIинчIо. «Дун гьаб къеркьеялде хIадурлъун вукIана рагIа-ракьанде щун, кидагоялдаса лъикI ва ракIалда букIана рачелгун ВатIаналде тIадвуссине. Амма мурадал, анищал тIурачIо. ХIабибгун къеркьолаго риччарал гъалатIал кидаго кIоченаро. ХIабиб вуго къуватав гугарухъан, греплер. Партералда гьевгун къеркьезе кутакалда захIмат букIана. Амма диеги рес букIана гьесие гъанкъулеб прием гьабизе, габур кквезе щвараб заманалда гьев дица бохдуз данде къазе кколаан. Амма гьелда тIад ургъичIо. Гьеб ккана дир бищунго кIудияб гъалатI. Баркала буго гьесие дир фондалъе кумек гьабизе ракIалде ккаралъухъ. Нижеца яхI бахъулеб буго Угандаялда иццал разе, мискиназе кумек гьабизе», — ян абуна Дастин Порьеца.
UFCялъул президент Дана Уайтил рагIабазда рекъон, ХIабибил хадусев дандиявлъун вукIине бегьула Тони Фергюсон.
UFC 242 турниралда гьединго це­ве вахъана жеги ункъо дагъистанияв ва кIиго чачанав. БакIаб цIайиялда Америкаялъул Цолъарал Штатаздаса речIчIухъан Кертис Блейдсгун къеркьана Шамил ГIабдурахIимов. Эхетун вагъун нилъерас американав толев вукIинчIо. Амма гугарун Кертис бергьунев вукIана. Гьедин, кIиабилеб раундалда гIодовги лъун, чанго зар щвезабуна американас нилъерасда ва судияс къеркьей чIезабуна. ПалхIасил, Шамил гьеб къеркьеялда къуна.
ГIумари АхIмадов дандчIвана СШАялдаса Зак Каммингсгун. Лъа­баб­го раундалда октагоналда тIокI­лъи бихьизабулеб букIана нилъерас. ПалхIасил, судияз бергьенлъи кьуна ГIумарие.
Муслим СалихIов дандчIвана Фран­циялдаса Нурдин ТIалебгун. Къер­кьеялъул тIоцересел минутаздаго байбихьана нилъерас дандиясде гьужумал гьаризе ва гьезул цоялда Са­лихIовас хьвагIараб зар битIахъе ТIа­лебил гьурмалъ щвана. Гьелъул хIа­­силалда парангав нокауталде ккана.
Ислам МахIачев къеркьана Бразилиялдаса спортсмен Дави Рамосгун. Чанго нухалъ нокдауналде ккезавуна Исламица дандияв, амма кинго кIвечIо нокауталде инавизе. ПалхIасил, турниралъул регламенталда бихьизабураб лъабабго раундалъ къеркьана речIчIухъаби ва хIасилалда судияз бергьенлъи кьуна дагъистаниясе.
ХIабиб НурмухIамадовасда цадахъ ругьун гьавулев чачанав Зубайра Тухугов гьеб сордоялъ дандчIвана Англиялдаса речIчIухъан Лерон Мерфигун. ТIоцебесеб раундалда Зубайраца дандияв нокдауналде ккезавун вукIана, амма хехго рекIедеги вачIун, цо-цо мехалъ жиндир техникаялъул тIокIлъицин бихьизабулеб букIана гьес. ПалхIасил, судияз гьеб къеркьеялда спортсменал рикIкIана бащад ккараллъун.
Цогидав чачанав Маирбек Тайсумов къеркьана Бразилиялдаса спортсмен Карлос Диегогун. Чанго соналъ октагоналде вахъун вукIинчIев Маирбек Абу-Дабиялда къуна.
Турниралда гIахьаллъарав Чачан республикаялъул президент Рамзан Къадировас бицана гьадин: «Маирбек Абу-Дабиялде щведал унтана. ХIалихъе вахъана гьев октагоналде. Дица Тайсумовасда абулеб букIана турниралдаса инкар гьабеян, амма кинабго лъикI ккеялде хьулгун вагъана гьев гьенив. КIиабилеб раундалда жиндир рухI лъугIанин бицана Маирбекица», — ян. Гьес ХIабиб НурмухIамадовасда ва цогидалги спортсменазда баркана бергьенлъабиги.
Дагъистаналдаса спортсменаз­да, хасгьабун ХIабиб НурмухIама­довасда бергьенлъаби баркана республикаялъул нухмалъулев Владимир Васильевасги.
Темирхан ХIасанов