Такъсир ва тамихI

Киб бугеб мун, ритIухълъи?

24 сентябралдаса нахъе тахшагьаралъул аслияб майданалда эхетун руго чIварал вацал ХIасанхIусеновазул эбел-эмен

Набиги (17 сон) ХIасанхIусенги (19 сон) ХIасанхIусеновал чIвана 2016 соналъул 23 августалда Шамил районалъул Гьоор-Хьиндахъ росда­да гIагарлъухъ. Гьеб лъугьа-бахъин ккун хадуб къуваталъулал идарабаз хIаракат бахъулеб букIана вацал террористал ругин ва жидеде данде кьвагьдей сабаблъун гьел чIванилан бицине. Хадуб баянлъана хIакъикъат батIайиса букIараблъи…
Жакъа къоялъги чIваразул эбел-инсуца тIалаб гьабулеб буго ри­тIухълъи. Хъизамалъул бетIер МуртазагIалица абулеб букIана, жидеда тIа­салъугьаянгIаги гьарани, гIелилан. Амма гьезухъе тIасалъугьаян гьарун чи вачIинчIо. ХIалтIудаса вахъичIо РОВДялъул нухмалъулевги – гьев витIана батIияб районалда хIалтIизе.
Чара хварал ПатIимат ва МуртазагIали ХIасанхIусеновал 24 сентябралда рачIана аслияб майданалде. Гьеб къоялъ унеб букIана республикаялъул Халкъияб Собраниялъул данделъиги. Гьенире рачIарал депутатаз яги республикаялъул идарабазул хIакимзабаз гьезие кьечIо: «Нуж щай гьанир эхетарал?» абураб суалцин. Гьезда аскIове вачIана гIицIго ДРялъул спорта­лъул министр МухIамад МухIамадов. Телефоналдасан цо чанго бакIалдеги кIалъан, гьес хIалбихьана Владимир Васильевас ХIасанхIусеновал тIаде къабул гьариялъе кумек гьабизе, амма гье­лъул хIасил ккечIо. «Ниж гьанир эхетизе руго ДРялъул бетIерас къабул гьаризегIан. Гьединабго пикет нижеца гьабуна март моцIалдаги. Ниж къабул гьарун рукIана ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровас. Гьес рагIи кьуна нижее кумек гьабизе, ва ниж берцинго нухарегIана ДРялъул прокурор Денис Поповасухъе. Гьебги гьабуна, майданалдаса ниж нахъе ритIиялъул мурадалда: хадусеб къоялда Дагъис­таналде вачIине кколаан улкаялъул президент Владимир Путин. Гьанжесала ниж гьаниса кирениги кьуризе гьечIо. ХIажалъани, шагьранух къазеги рахъина – батIияб нух батулеб гьечIо нижеда», — ян абуна МуртазагIалица.
Къварилъиялъ чIварал эбел-инсуца чанго нухалда хитIаб гьабуна РФялъул президентасдеги. Гьезие бокьун буго васазул дело президентас бербалагьиялде гъоркье босизе. «Нижеца духъе ритIана 13 кагъатги видеоматериалалги. Нижер масъалаялъул хIакъалъулъ бицун кIиго чи вукIана президентасул аппараталде унги, амма дур рахъалдасан кинабгIаги жаваб щвечIо. Нижер васал чIваралдаса ана кIиго лъагIелги цо моцIги, духъе гьарурал хитIабаздаса хадубги дагьаб заман инчIо, амма хIасил ккечIо. Нижеца тIалаб гьабулеб буго бажаранагIан хехго гьеб вахIшияб ишалъул цIех-рех гьабеян», — ан нихъеги Владимир Путиниде хитIаб гьабулеб буго МуртазагIалица.
Вацал ХIасанхIусеновал чIваялда бан рагьараб уголовияб дело къан буго. Гьелъул цIех-рех гьабизе СКФОялъул цIех-рехалъул комитеталде битIеян гьабураб эбел-инсул хитIабалъеги, щаялиго, инкар гьабун буго.
Муса Азаев