РакIрагьараб гара-чIвари

15 июналда иргадулаб нухалдаги халкъалъул суалазе жавабал кьуна РФялъул президент Владимир Путиница.

Гьелъул хIакъалъулъ информациялъул алатаздасан цебеккунго лъазабун букIиндал улкаялъул бокьарав чиясул рес букIана президентасе суал кьезе, ракIалда къараб загьир гьабизе, пуланал масъалаби тIуразариялъе нухал ратиялъул бицун хитIаб гьабизе.  ПалхIасил, телефоналдасан ахIун улкаялъул президентасе суал кьун буго миллионгун 100 азарго чияс. Гьединго, цогидал алатазул кумекалдалъун, ай SMC хIисабалда яги электронияб почалде битIун бачIун буго кIиго миллионалдасаги цIикIкIун суал. Президентасе кьурал суалазухъ, гьесде гьабураб хитIабалъухъ балагьун, бихьулеб буго аслияб куцалда улкаялъул гражданазда хъинтIулеблъун лъугьун букIин  сундулго багьаби рахунел рукIин, гIадамал мискинлъулел рукIин,  коммуналиял хъулухъазухъ босулеб гIарцуца битIахъе гъанкъулел рукIин, больницабазда ва поликлиникабазда гIадамал сахгьариялде букIине кколедухъ кIвар кьолеб гьечIолъи.

 Гьединго гIемерал суалал рукIана нилъер улкаялъул букIинеселда тIасанги. Масала, гьал гIагарал соназда жаниб кинаб нухдасан нилъер улка ине бугеб, цогидал пачалихъазулгун гьоркьорлъаби цIуниялъе щиб гьабизе ракIалда бугебин абураб магIнаялъул. ГIезегIан суалал рукIана Евросоюзалъ ва СШАялъ лъазабурал санкциязда банги экономикияб кризисалда хъинтIаралги. Мисалалъе, экономикияб кризисалъул бицунаго, В. Путиница чIванкъотIун абичIо кида нилъ гьелдаса рорчIизе бегьулебали. Амма бицана экономикияб рахъ цебетIолеб букIиналъул ва гьеб бутIаялда лъикIал хиса-басиял кколел рукIиналъул хIакъалъулъ.     

«Халкъалъул гIумру гьабиялъул даража мукъсанлъун буго, мискинзабазул къадарги тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго. Гьадинабго, ай гьалдасаги цIакъго квешаб хIал букIана араб гIасруялъул 90-абилел соназда. Дол соназ халкъалъул 40-гIанасеб процент рикIкIине бегьулаан мискинзабилъун. Гьелдаса хадуб дагь-дагьккун ахIвал-хIал хисизабизе кIвана. ГIадамазул гIумру гьабиялъул даража цебетIеялъул рахъалъ бищун лъикIаб хIасил букIанин абизе бегьула 2012 соналда. Ахирал соназдайин абуни, ахIвал-хIал хашлъулеб буго. Нилъер гIезегIан руго тIуразаризе кколел экономикиял масъалаби. Гьел тIуразариялда тIад хIалтIулелги руго. ВВПялъул рахъ беццизесеб хIалалда гьечIониги, бихьулеб буго кварталалдаса кварталалде хIасил кколеб букIин». Улкаялъул президентас мисалал рачун бицана, къадарго бугониги, экономика цебетIолеб букIиналъул хIакъалъулъ. Масала, промышленияб къайи гьаби, инвестициязул лъикIаб бачIин букIин ва, бищунго аслияб жо, президентас абухъе, цIияб Россиялъул тарихалда киданиги букIинчIебгIан дагьаб инфляция букIин.  «Гьелдаго цадахъ централияб банкалъул меседилаб валютаялъул нахърателалъул къадарги саламатго цIикIкIана. Исана гьеб бащалъана 405 миллиард долларалда.  Экономикияб бутIаялда хиса-басиял кколел рукIиналдаго цадахъ, гIемерго дагь гьабизе кIвана эбел ва лъимер хвеялъул хIужаби.  2000 соналдаса нахъе лъимал хвей дагьлъана лъабго нухалда, улбул хвей — ункъо нухалда. Гьединаб хIасил цониги улкаялъул гьечIо. Гьединлъидал абизе бегьула кризисалдаса нилъ рорчIулел ругин», — абун бицана В. Путиница. 
Халкъалъул бищун унтараб суал бугелъул гIумру гьабиялъул даража мукъсанлъулеб букIин, гьелда тIасан кьолел суалал бищун гIемер рукIанин абизе бегьула.  Президентасин абуни бицана лъагIалил байбихьуда щивав пенсионерасе кьураб щуазарго гъуршилги, гьединго социалияб пенсия цIикIкIинабиялъулги. Рехсана процентазул къадарги. Амма 50-100 гъуруш тIадежубаялдалъун пенсионерасул гIумруялда дангъва чIвачIолъиялъул бицинчIо.   
ГIезегIан суалал рукIана цIакъго дагьаб харж щолеб букIиналъул хIакъалъулъ бицарал. Масала, Астраханалдаса яслиялъул хIалтIухъаналъ гьикъулеб буго 7935 гъуршиде кинин гIумру гьабизе бегьулебилан. Пуланаб бакIалдаса почтальонас битIун бачIараб суалалда рехсон бугоан жиндие щолин 3600 гъуруш…
В.Путин: «3600 гъуруш сундухъ ва кин кьолебали лъазабизе ккела. Щайгурелъул улкаялда чIезабураб МРОТалдаса гъоркье хIалтIухъанасе харж кьезе бегьуларелъул.  ХутIарал, ай бюджеталдаса харж щолел гьанир рехсарал «хасабин абулеб катогориялде» гьоркьоре ккечIеб къагIида».  Президентас хадурги рехсана тарихал, бицана процентазул, амма кин мукъсанабго харжалъухъ гIумру гьабизе бугебин абураб суал «гьаваялдаго» хутIана.  
Иркутск областалъул Шелехова шагьаралдаса учительницаялъги цIехана президентасда  гьебго харжалъул. Гьелъие щолеб буго 16,5 азарго гъуруш. 
«Киналго учительзабаздаги лъала, нижеца масъала лъун букIана учительзабазул харжал экономикияб ахIвал-хIалалда бан гьоркьохъеллъун гьариялъул. Иркутск областалда гьеб букIине кколаан 30 азаргогIанасеб гъуруш. ХIакъикъаталда кинха бугеб? Учительзабазе щолел харжал рарал руго школалъул администрациялда.  Гьениб чIезабула премиялги тIаде харжалги кьеялъул суал. Гьайгьай, гIолохъанал учительзабазе, ай стаж дагьазе харжги дагьаб щола. Амма цогидаздаса кIиго нухалъ дагь щай щолебали бичIчIизе захIмалъулеб буго. РакIалде ккола областалъул нухмалъиялъ гьеб масъалаялде кьвар кьелин», — ан жаваб кьуна В. Путиница. 
Россиялде данде гьабураб санкциялъул заман лъагIалицаги халатбахъинабун бугелъул, улкаялъул президентасе кьураб суалги букIана кидаллъагIан гьедин букIине бугебин абураб. 
В. Путин: «Тарихалдасан нилъеда бихьула Россиялда рухI речIчIизе байбихьаралдаса нахъе санкциял лъазарулел рукIин. Гьениб щибго гIажаиблъи гьабизе ккараб жо гьечIо. Щайгурелъул гьезие хIажат бугелъулха загIипаб Россия. Амма санкциял лъазариялъ Россия накалде ккезабичIо. Гьелъул гIаксалда, гьеб нилъее цо рахъалъ лъикIцин ккана. Лъиеха зарал ккараб? ООНалъул баяназда рекъон, нилъее ккун буго 50-52 миллиард долларалъул зарал. Гьебго заманалда нилъеда санкциял лъазабурал улкабазе ккараб зарал бащалъун буго 100 миллиард гъуршида.  Санкциял лъазариялъ нилъеца байбихьана радиоэлектроникаялде, авиастроениялде, ракетаби гьариялде, фармацевтикаялде цIикIкIун кIвар кьезе. Росдал магIишаталъул бицинего бицинарин». 
Суал букIана улкаялда лъимал гьариялъул къадар, 90-абилел соназдаго гIадин, гIодобе ккеялъул хIинкъи букIиналда хурхарабги. 2018 соналде щвезегIан гурони хIалтIизе гьечIин абулеб букIараб «Эбелалъулаб капитал» программа тIасияб соналъги букIине бугищ яги гьеб гьоркьоб къотIизейищ тезе бугеб? Лъабабилеб ва хадусел лъимал гьаруразе букIине бугищ гьединаб кумекин цIехана Уфаялдаса чияс. 
— Нижеца гIемераб хIалтIи гьабуна улкаялда лъимал гьариялъул рахъ лъикIлъизабиялъе гIоло. 
Нилъер гьаниб, Европаялъул улкабазде дандеккун, гьарулел лъималазул къадар гIемерго цIикIкIараб буго. Гьедин бугониги, рохизе гIадал хIасилал гьечIо. Гьелъие буго гьадинаб гIиллаги. Масала, улкаялда лъимал гьарулеб ригьалде рахарал ккола араб гIасруялъул 90-абилел соназда гьарурал лъимал. Гьединлъидал, лъимал гьари гуреб, лъимал гьарулеб ригьалъул руччаби руго дагьлъун.
Нилъеца щиб букIаниги гьабизе ккола.  Нилъер улкаялда гьеб рахъалъ хIалтIизарулел лъикIал къагIидабиги руго. Гьезул цояб ккола эбелалъулаб капитал. Анкьго миллионалдаса цIикIкIун хъизамазе щвана гьеб. Гьединго цо-цо демографиялъул  рахъ нахъеккарал регионазда лъабабилеб лъимер гьабуралъухъ кьолеб буго тIадеги гIарац. Гьеб программа гIумруялде бахъинабуралдаса лъимал гьари 37 проценталъ цIикIкIана гьединал регионазда. Гьелдаго цадахъ ургъизе ккола тIоцебесеб лъимер гьабурай гIолохъанай эбелалъе кумек гьабиялда тIадги. Щай хас гьабун гьезие кумек гьабизе кколеб? Щайгурелъул, тIоцебесеб лъимер гьабурал гIолохъанал хъизамал, аслияб къагIидаялъ, рукIуна жалго жидедаго чIун гIумру гьабизе ресалда гьечIел, гьезие кверчIвай къваригIуна. Ургъизе ккола 30 ва цIикIкIун сонал рарал улбузе кIиабилеб ва лъабабилеб лъимер гьабуралъухъ кумек гьабулеб къагIидаялда тIадги.  
ЦIакъго гIемерал суалал рукIана къватIисеб ва жанисеб политикаялда тIасанги. РукIана хъизан-лъималазда бан кьуралги. Гьес абуна дагьал церегIан къоязда жиндир цояй ясалъ васги гьавунин. Амма бицинчIо гьезда цIарал ва гьел ругеб бакI. «ГIумру гьабун Москваялда руго. Дир ясал руго гIелмуялде машгъуллъун. ТIокIаб баян кьезе лъугьинаро, дун витIун вичIчIа», — ян абуна Владимир Путиница. Гьединго бицана кватIичIого улкаялъул хIакимзаби, «иномаркабиги» тун,  Россиялда къватIире риччарал машинабазда рекIине ругиланги.