Республикаялъул хIукуматалда

Нухалги къачIазе руго, гIадлуги букIине буго

 

Республикаялъул хIукуматалдаВладимир Васильев гIенеккана улкаялъул президентасде хитIаб гьабурал дагъистаниязухъ

27 июналда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас къабул гьаруна дагъистаниял.
Гъизилюрт шагьаралда диализалъул центр рагьеян гьарулеб букIана Гъизилюрт районалдаса Шагьрурамазан ХIасановас.

Гьелда бан ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъ кьураб баяналда рекъон, Гъизилюрт шагьаралдаги Гъизилюрт районалдаги вуго ургьисалаби унтарав 34 чи. Гьединлъидал рехсараб шагьаралда рагьизе бегьула 10 чиясе бакI бугеб диализалъул центр. Гьел унтаразе медицинаялъул кумек гьабсагIаталда гьабулеб буго цогидал шагьаразда.
Шагьрурамазаница бицана унтаразе хIажатал дараби щоларинги. Гьесухъги гIенеккун, Васильевас гьикъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовасда диализалъул центр баялъул хIакъалъулъ. Карибовас жаваб кьуна исана сентябралда гьеб центр рагьизе бугин.
Дербент районалдаса Умрайгьан Айдиевалъ гьарулеб букIана васасул ясалъе сакъатлъиялъул группа чIезабизе кумек гьабеян. Гьелъухъги гIенеккун, Васильевас, кумек гьабеянги абун, гъолбасана «Главное бюро медико-социальной экспертизы по РД» ФКУялъул нухмалъулесухъе Айдиеваз хъвараб кагътида.
Хасавюрт районалъул Къуруш росдал жамагIаталъе лъим бачиналъул масъала борхана Эмирхан Эмировас. Гьеб масъала тIубаялъул хIакъалъулъ бицана ДРялъул вице-премьер Идрис ХIасановас. «ИчIго соналъ бан бахъунарого буго Хасавюрт ва Бабаюрт районазул 20 росулъе лъим бачунеб мухъ. 2018 соналъул ахиралде гьеб бан бахъине буго ва Къурушалдеги лъим щвезе буго», — ян бицана гьес.
Гьайбатулагь МанатIиловас гьикъана СтIал-Сулейман районалъул Эминхюр росулъ школа кида бан бахъине бугебилан. «БукIана 1966 соналда бараб школалъул мина. Гьеб биххана, лъималазе хIинкъи бугинги абун. Гьелъул бакIалда цIияб школа бан бахъинабуни, бокьилаан. Бокьилаан росулъ бугеб чIобогояб минаялда жаниб лъималазул ахги рагьани», — ян абуна гьес.
Школа бан бахъинабизе бугин рагIи кьуна ДРялъул вице-премьерасги лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумаровалъги. Жакъа къоялде гьеб школалъул 85 процент хIадурго бугинги абуна гьелъ.
МахIачхъалаялдаса Аминат Идрисовалъ бицана, Шамилил къватIалъул 89 «А» адресалда бугеб минаялъул азбаралда лъималазе расандизеги чIахIиязе хIухьбахъизеги бакIго хутIун гьечIилан. ХIасан Идрисовас рагIи кьуна гьеб масъала тIубазеги.
ГIабдулхIалим Иманшапиевас гIарз бахъа-на МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул хIалтIухъабаз инкар гьабулеб бугин, изну гьечIого бараб мина биххизабиялъул хIакъалъулъ гьабураб судалъул хIукму тIубазе.
Казбек районалдаса МухIамад ГIабдулаевас гьарана Дилим-Инчха-Миякьоб шагьранух къачIаян абун.
Муса Азаев