ЗахIмат бихьичIони, рахIат букIунаро

«Дидо» продукция лъала, Дагъистаналда гуребги, тIолабго Россиялда

 

МагIарухъ гIуразда гьоркьов къанагIатги ватиларо урбаялъул хIал­бихьичIев, гьелъул пайдаял рахъал лъаларев чи. Ахирал соназда гIемер дандчIвала батIи-батIиял къагIидабаз хIадурараб, пайдаял тIадежураяз бечед гьабураб, санагIатаб цIарагIалъуб лъун бичулеб гьеб нигIмат. Гьелда гьоркьоб хасаб бакI ккола «Дидо» абураб цIаралда гъоркь бичулеб урбаялъги. Дида гьеб дандчIвана Дагъистаналда гуребги, гьеб тун къватIибги. Дида лъалаан гьеб Гъизилюрт районалъул Комсомольское росулъ хIадур гьабулеблъи, амма дунго гьениве жеги щун вукIинчIо. Жакъа щвана, рихьана цехалги, гьабалги, гьабулеб хIалтIиги. Киналъулго хIасил гьабун къокъго абуни, хIалтIи гIуцIун буго берцинго, низамалда, кванил нигIматаздехун ругел тIалабал цIунун. Гьениб «Дидо» ОООялъул директор ГIизраил МухIамадовасулгун гара-чIвариги гьабуна дица.

— ГIизраил, фирмаялда «Дидо» абураб цIар лъеялъе гIилла щиб ккараб?
— 1953 соналда ЦIунтIа район абун цIар лъуниги, умумузул кидаго букIараб цIар буго Дидоэтия, гьелдаса бачIараб буго дидойцал абураб цIарги. Район, миллат бокьиялъул, гьеб рекIелъ цIуниялъул цо гьитIинабго бугониги бутIа хIисабалда, гIемермиллаталъулаб Дагъистаналда ва гьеб тун къватIибехун лъикIаб, пайдаяб рахъалъан ниж лъай мурадалда лъуна гьеб цIарги.
— Щиб жанибе бачунеб нужер фирмаялъ?
— МагIарухъ буго «Нево» (цIунтIадерил мацIалда Мокъокъ росдал цIар) фермеразулаб магIишат. Гьелъ гIезабула цIоросаролъ, бакIарула ахбазаналъул пурчIун. Гьаниб нижер буго 20 гьобо. Гьабула урбаялъул 25 ва ханждал 12 тайпа, гьезда цадахъго риччала батIи-батIиял нахал, гьарула хурдузул чаял. Гьеб киналъего нижер вуго 7 хIалтIухъан. Гьаб хIалтIуе байбихьи 1994 соналда лъуна дир инсуца.
— КъватIире риччарал нигIматал кир нужеца ричулел?
— ТIоцересел соназда, жиндирго ролъ, цIоросаролъ, лъелъгун урба, ханжу гьабизе ва гьабураб босизе гIадамал гьанире рачIунаан. 2005-2006 соназда нижеца байбихьана гьел Гъизилюрт тун къватIирги, ай тIолабго Дагъистаналда ричизе. 2011-2012 соназда нижер нигIматал лъана Россиялъул цоги регионаздаги, гьабсагIаталда гьел лъала Россиялъул 65-70 шагьаралда. Гьел уна Казахстаналде, Белоруссиялде, ритIана Турциялде, ГIизраилалде, Китаялде.
— Ругьунаб гуреб нигIмат бугелъул, урба кин къабул гьабулеб къватIисел пачалихъаз ва захIмат бихьулищ гьенибе гьеб битIизе?
— Дора бокьарал нигIматал ругониги, гьезулъ буго химиялъул, сахлъиялъе заралиял тIадежураязул кIудияб къадар. Гьединлъидал доз балагьулеб буго химия гьоркьоб гьечIеб, тIабигIияб нигIмат. Гьеб рахъалъ щибха бащалъилеб нилъер урбаялда. ГьабсагIаталда, гьанжего-гьанже байбихьун бугелъул, дораса кIудиял заказал рукIунаро, гьединлъидалги батизе бегьула, гIиси-бикъинал захIмалъаби рехсечIони, бицине гIурал квалквалал таможениялъ гьаруларо.
— Дагъистаналда гIезегIан руго урба гьабулел гIадамал. Багьа-даража хIисаб гьабун, кинаб бакI гьезда гьоркьоб нужеца кколеб?
— Конкуренция буго, гьеб кидаго букIинеги ккола, гьелдаса хIинкъизе ккараб хIал нижер гьечIо. Нижер нигIматазул лъикIаб даража буго, гьеб гIодобе ккезе толаро, рекъараб багьаги буго. Жакъа гIемераб хайир щвезейин жуварав, метер заралалде ккола. Ниж инчIо гьеб нухдасан. Нижеда битIараблъун бихьана дагьаб бугониги хIалаллъи бугеб, тIаде-гIодобе кколареб хайир щоледухъ хIалтIи гIуцIи. Нижеда батана ва нижеца ккуна нижерго бакI. Республикаялда, цониги нухалъ нижер нигIматазул хIалбихьаразда цохIо лъикIаб рахъалъан лъала «Дидо» цIар ва гьелъул хIалтIи.
— Мун вуго гIолохъанчи, дур буго 21 сон. Гьаб жавабчилъи бугеб, гIезегIан захIматаб хIалтIиги тун, жакъа гIолохъанаб гIелалъе цIикIкIун бокьулеб шагьаралъул «бацIцIадаб» хIалтIудехун ракIцIаларищ дур?
— Нижер росулъ (Мокъокъ-Нево) букIана лъел гьобо, дир кIудияв эмен хIалтIулаан гьенив. Дие цIакъ бокьулаан гьевгун цадахъ гьениве ине, доб мехалъго берцин бихьулаан гьеб хIалтIи. Хадуб, гIодоблъиялде гочиндал, дие бокьун букIана дунго бетIергьанаб хIалтIуда вукIине. Гьаб буго дир умумузги гьабулеб букIараб, дие бокьулеб, дида лъалеб, дие данде кколеб хIалтIи. Дир буго кIиго лъимер, буго тIадегIанаб экономикияб лъай, вукIана МахIачхъалаялдаги. Дора гIемерал гIолохъаби руго, хIалтIиги гьечIого, хIажат гьечIел ишазда, гьелда рекъараб хьвада-чIвадигун. Гьеб дие данде кколаро. ХIалтIул захIмалъиялъул бицани, гIадада гурелъул абулеб — захIмат бихьичIони, рахIат букIунарин.
— Пачалихъалъул рахъалдасан кумекго щванищ нужее?
— Ниж чанго нухалъ лъугьана къарзалъе гIарац босизеги, грантазда гъорлъе лъугьинеги, амма нижеда бичIчIана, «откатал» дора тун гурони, гIарац щвезе толареблъи. Гьеб къагIида нижееги бегьуларо, гьедин хIалтIун ругьунал гьечIо ниж.
— Халгьабияз бизар гьарулищ?
— Гьел гIемер рукIуна, гьезде ругьунлъун руго ниж. Гъоркьиса нижехъе щвана Москваялдаса кIиго комиссияги — нижее лъикIаб къимат кьун гурони, гIунтIизабизе гIайиб гьезул букIинчIо. 2012 соналда Москваялда тIобитIараб «Меседилаб хасалихълъи» выставкаялда нижер урбаялъе щвана меседил медаль. Гьединабго выставкаялда 2014 соналда щвана мазгарул медаль, 2015 ва 2016- абилел соназда — гIарцулал медаль.
— Нужер нигIматал лъикIаб даражаялъул ва гьел «Дидо» цIаралда гъоркь риччалел рукIиналдаса чIухIи букIунищ дур?
— Дун вуго хIалтIулев чи, бусурбанчи. Бусурбанчиясул жиндасаго, жиндирго хIалтIудаса чIухIи букIине бегьуларо. Дир чIухIи буго дирго халкъалдаса, дир умумуздаса, нус-нус соназ, захIматал шартIазда гьал миллиял кванил нигIматал къватIире риччаялъул иш хвезе течIого цIунизеги цIунун нижехъе кьеялдаса.
— Кинал ругел хадусел планал?
— Гьаб хIалтIи гIатIид гьабун, даража борхизабун гурони, гьеб тезе ракIалда гьечIо. ГьабсагIат гIемерал гIадамазул, хасго гIолохъанаб гIелалъул аслияб масъала буго хIалтIи гьечIолъи. ХIалтIуца ккун вугев чиясул квешлъиялда, чорокал ишазда тIад ургъизе заманги, ресги, хIажалъиги букIунаро. ХIалтIи ва тарбия — гьеле гьелъ цIунула гIолохъаби къваригIел гьечIел пикрабаздаса ва ишаздаса. Дие цIакъ бокьилаан гьеб кIвар бугеб ишалъулъ цо гьитIинабго бутIа нижецаги лъураблъун букIине.
ГIабаш ГIабашилов