Умумузул дарсаз куцарал васал

ЦIумада районалъул росабалъ гьарурал ва гIурал васаз медалаз­далъун бечедаб бачIин бакIарана 2019 соналда тIоритIарал спорти­виял тадбиразда.

 

 

Байбихьана санайилго тIобитIулеб халкъазда гьоркьосеб «Иван Ярыгин. Гран-при» турнирал­дасан. Гьениб бергьенлъи бо­сана ТIиндиса МухIамадрасул ГъазимухIамадовас, Хъварщини­са МухIамадрасул Идрисовас ва КIванадаса Шамил Мусаевас. Ев­ропаялъул чемпионлъун вахъана Гьадириса Сайпудин МухIамадов.

 

Гьебго соналъ нилъ рохизаруна UFCалъ тIобитIараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ тIадагьаб цIайиялда Россиялдаго тIоцебесеб чемпионасул рачел босарав Силди­са ХIабиб НурмухIамадовас. БахIрейналда тIобитIараб квержуба­раб рагъул рахъалъ дунялалъулго чемпионлъун вахъана Гьигьалъа МухIамад МухIамадкаримов ва рагъулаб самбоялъул рахъалъ кIиабилеб нухалдаги чемпионасул цIар босана МухIамад Шагьруди­новас.

 

 

2019 сон бергьенлъабаздалъун бечедаб букIана ветераназда гьор­кьор Россиялъул чемпионаллъун рахъарал Агъвалиса ГIабдурашид ГIабдурашидовасеги Лъондодаса МухIамад Бадрудиновасеги.

 

ЦIумада районалда спортивияб гIумру цебетIезабиялда кIудияб бутIа лъурав чи ккола Гьигьалъа тренер ТIалхIат ГIабдулбасиров.

 

1986 соналда хIалтIизе лъу­гьана КIванада росдал школалда учительлъун ва гьенисан байби­хьана спорталде тIоцебесеб гали тIамизеги.

 

 

— 2007 соналда тIобитIана ДРялъул спорталъул, лъай кьеялъул ва гIелмуялъул, экономикаялъул ми­нистерствабазул хIалтIухъаби ва районазул спортивиял гIуцIабазул нухмалъулел гIахьаллъараб дан­делъи, — ян бицана гьес. – Гьениб дица загьир гьабуна ЦIумада рай­оналда спортсменал хIадур гьари­ялъул база гIуцIун лъикIин абураб пикру.

 

Гьелъул рахъ ккуна, рагIи кьу­на, амма рагIудаги ишалдаги гьор­кьоб кьватIел лъугьана.

 

Хадуб баянлъана жалго спор­тсменазул хIаракаталдалъун гьеб иш гIуцIараблъи. Гьайгьай, спорталде рокьи бугел ва гьелъие гьабулеб харжалда хадур хача­дизе ругьунлъичIел, сахаватал гIадамазул квербакъиялдалъунха! Масала, Хуштадаса ХIажиевазул хъизамалъ гьабун буго чан­го рукъ, столовая ва цогидалги бакIал гъорлъе рачараб спорти­вияб «гьитIинаб шагьар» жидерго росдада гIагарлъухъ.

 

 

Риидалил заманалда гьенире рачIуна спортсменал.

 

Гьев тренерас хъван буго «МоцIрол календаралда рекъон гIисинал гугарухъабазул физиче­скияб хIадурлъи» абураб тIехьги. Жеги лъилго кIвар буссинчIеб гьеб гIелмияб бутIаялъул гIемерсоназулаб цIех-рехалъул хIасилалда ТIалхIатица чIезабун буго моцI цIилъараб, бащалъиялде гIагарлъараб, бащалъараб ва бащалъиялдаса араб мехалда тIубанго батIи-батIияб асар гьа­булин балугълъиялде рахинчIел гIисинал гугарухъабазул спор­тивияб хIадурлъиялъеян. Бихьи­забулеб буго моцI цо хIалалдаса цоги хIалалде сверулеб заманал­да цIикIкIун кIвар кьезе кколин. ЧIванкъотIун абуни, гьел ругин моцIрол календаралъул микьабилел, анцIила щуабилел, къоло кIиабилел ва къоло ичIабилел къо­ял.

 

Нилъер мугIрузулаб улкаялъул цIар дунялалдаго рагIизабурал ЦIумада районалдаса спортсменал хIадур гьариялъулъ кIудияб бутIа лъуна ТIалхIат ГIабдулбасировасул тренерлъиялъулаб хIаракатчилъиялъ.

 

 

Гьев вуго ДРялъул физическияб культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан, РФялъул мустахIикъав тренер. МустахIикълъана ДРялъул бищунго тIадегIанаб шапакъаталъе — «Республи­каялда цебе гьабураб хъулухъалъе гIоло» орденалъе.

 

Гьаниб ахиралда рехсечIого тезе рекIее къабуллъичIо Рос­сиялъул Спортивияб гугариялъ­ул федерациялъул президент, Олимпиялъул чемпион Михаил Мамиашвилица гъоркь гъулбас­ги гьабун, 2011 соналъул 28 ию­налда кьураб Грамотаялда ругел рагIаби: «ЦIумада районалъул Са­гид МуртазагIалиевасул цIаралда бугеб спортивиябгун методики­яб централъул директорасе ша­пакъатлъун кьолеб буго эркенаб гугари цебетIезабиялъулъ лъураб гIемерсоназулаб бутIаялъухъ ва дунялалъул, Европаялъул чемпи­он, Олимпиялъулал хIаязул при­зер, ТIолгороссиялъулал къецазул гIемерал чемпионал ва призерал тарбия кьун гIезаруралъухъ», — ан.