МРОТалдаса дагьаб гуреб бищун гIодобегIанасеб моцIрол харж

«Россиялъул Федерациялъ адаб гьабула гражданазул захIматалъул ва хIакълъунго цIунула гьеб рахъалъ гьезул ихтиярал.

Пачалихъалъ тIаде босула Россиялъул тIолабго Федерациялда хIалтIизе бажарулел гражданазул бищун гIодобегIанасеб моцIрол харж моцIалъ гIумру гьабизе хIажалъулеб гIарцул къадаралдаса дагьаб гуреблъун гьабизе», — ян тIаде жубан буго Конституциялъул цIияб редакциялъул 75-абилеб статьяялде.
Гьеб статьяялдалъун мухIкан гьабун буго Конституциялъул анкьабилеб статьяялда кьураб гьадинаб баян: «РФялда цIунула гIадамазул захIматги сахлъиги; чIезабула чIванкъотIараб бищун дагьаб моцIрол харжги; пачалихъалъ кумек гьабула хъизамалъеги, эбеллъигун эменлъиялъе ва лъимерлъиялъеги, сакъатазегун ригь арал гражданазеги; церетIезарула социалиял хъулухъал, чIезарула пачалихъиял пенсияби, пособиял ва социалияб рахъалъ цIуниялъе цогидал шартIал».