Мурадцоязул пикру цолъун бахъунеб гьечIо

Жакъа миллиял мацIал цIуниялда сверухъ гIемераб хабар бицунеб буго. Гьалделел руго пикраби. Гьел хIалуцун, цоцалъ речIчIун, гьалаг­лъараб гIоралда цебе бугеб цо сангар тIезабун бажаруларого ругел гIадин руго. Гьеб тIезабичIого, гIорги цолъиялъул ралъдахъе щолеб гьечIо. Гьеб къеркьеялъул цебесеб кьердаги руго магIарул мацIалъул мугIалимзаби, хъвадарухъаби, шагIирзаби, мухбирзаби. Цо-цояз абизе бегьула гьезухъа чед бахъулеб бугилан. Гуро. Гьезухъа бахъулеб буго гьез ургъун тIаса бищараб рухIияб бечелъи, гIумруялъул магIна. Гьезда бичIчIулеб буго мацIалъул бугеб кIвар. Гьеб лъугIани миллат лъугIулеблъи. Аралда та­манча речIчIун хутIичIого, букIинеселда гIарадаги речIчIулеблъи.

 

 

Амма гьеб хIалуцараб, ритIухъаб къеркьеялде данде чIарал къуватал, рагьун гIемераб жоги бицинчIого, жанисан къеркьолел руго. МацIал лъугIизариялъе гьез пайда босулеб буго жалго тIалъиялъул хъулухъазда рукIиналдаса, гIадамазул жагьил­лъиялдаса, дагь-дагьккун миллиял мацIал рагIулел бакIал къаялда­са ва загIип гьариялдаса. МагIарул мацIалъул мукъулукъида, гьеб гъан­къизе, квер лъун буго гьез.

Гьединаб ахIвал-хIалги букIаго, дида бичIчIулеб гьечIо цо-цо кIалъаязда рагIулел пикрабазул магIна. Цолъеян ахIи банилан, мацIал цIунеян ахIдонилан, гIадамал цолъу­ларо, мацIалги цIунулароян рахъуна цо-цоял. Рази вуго. ЦохIо ахIиги бан руцIцIун чIолел ругони ва щибго гьа­булеб гьечIони, хIасил кколаро. «Шко­лазда миллиял мацIал малъичIони щиб? Гьениб грамматика малъиялъ­ищ нилъер цересел шагIирзабазда кучIдул хъвазе лъалел рукIарал? ГIухьбилъун рукIаразги гьаруна кучIдул, школаздаго цIаличIезги гьа­руна!» -ян чIола цогиял. «Аслияб жо, эбел-эмен рокъор рахьдал мацIалда гаргади буго, школалъ малъун мацI лъида лъалеб?» -ан абула лъабаби­лез. Киналго ритIарал руго. Амма гьел киналго пикрабазул мукъсанлъи буго, гьел цонигияз ратIаго росун, халкъалъулго мацI цIунуларо.

 

ЦIунула, пачалихъазул бутIрузда ва депутатазда рагIулеб хIалалъ ахIиги бани, эбел-инсуца ва жалго магIарулаз рес бугебщинаб бакIалда жидерго мацIги бицани, школаз­даги мацI малъулел мугIалимзабаз жакъа къоялъул тIалабазе жаваб кьоледухъ дарсалги кьуни. Гьезие дарсал лъикI кьезе лъай кьеялъул идарабаз, тIадчагIаз квалквалги гьабичIони. Школазда магIарул мацI кьеялъе нухалги рагьани. Байби­хьул классазда киналго предметалги магIарул мацIалда кьуни ва школа лъугIизегIан рахьдал мацIалъул ва адабияталъул дарсалги кьун, гьез магIарул мацIалда тIахьалги ка­зият-журналалги цIалулеб хIалги гьабуни. МагIарул прессаялъ, кази­ят-журналаз, радио-телевидениялъ магIарул мацIалда хъвараб жоялъул даража бокьулеблъунги гьабуни. Ин­тернеталдасанги миллиял мацIазда хъвалеб жо гIемерлъиялде кIвар кьуни. Миллияб театралъги хIалтIи лъикIлъизабуни, гьелде рачIунел магIарулал гIемерлъуледухъ хIалтIиги бачани. МагIарул мацIалда тIад хIалтIулел гIалимзабиги гIемерлъани, гьелъ мацI гъваридго халкъалда лъа­ялъе квербакъиги гьабуни. ЦIунула, гьебги гьеб гуреб азарго тIадеги, ца­дахъ киназго гьабуни ва рес бугевщи­нас магIарул мацI цIуниялъулъ жи­дерго бутIаги лъуни.

Гьениб хасаб кIвар буго шко­лалъул нухмалъулезул, районазул бутIрузул, лъай кьеялъул киналго хIалтIухъабазул ва умумузул.

 

Хъвадарухъабазул союз гьелда тIад хIалтIулеб буго. ШагIирзабаз тIахьал хъвалел руго. Абизе кко­ла лъикIал поэталги хъвадарухъ­абиги нилъер ругилан. Жакъасез­де гIей гьабуларезе, гьезул асарал цIализе бокьичIезе, гьезул даража гIодобегIанаблъун бихьулезе, дуня­лалъулго даражаялда хъвадарарал магIарул шагIирзабиги хъвадарухъа­биги нилъер руго. ЦIали буго мурад.

ГIумруялъул чвахиялъулъ къо­ялъе цо бащадаб сагIат бате, магIарул тIахьал, казиятал ва журналал цIализе. Щибаб номер цIалани, гIакълуги цIикIкIунеб, мацIги бечелъ­улеб Хъвадарухъабазул союзалъ бич­чалеб «Гьудуллъи» журналги буго. Руччабазе -«МагIарулай», лъималазе «Лачен» журналалги руго. МагIарул мацIалда рахъулел республикаялъ­ул ва районазул, цо-цо росабазулцин казияталги руго. МагIарул мацI гу­ребги, адабги Аллагьасде гIагарлъизе нухги малъулел «Ас-салам», «Нурул-ислам», «МугIалим» исламиял казия­талги руго. Нилъее кинабго дагь буго. МацI лъазе бокьаразе гуребха.

 

Гьелде тIадеги, щибаб моцIалъ цо нухалдаса дагь гьечIого, дун ккола Хъвадарухъабазул союзалъ гIуцIаралги, гьезда гIей гьабичIого, жидецаго шагIирзабаз гIуцIаралги тIахьазул церелъеязде, «Поэзиялъул театралда» рукIунел шагIирзабазул ва хъвадарухъабазул церерахъиназде.

Масала, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб библиотекаялда букIана гье­динаб данделъи. Цебелъеялъе босун букIана Дагъистаналъул Халкъияй шагIир Баху-Меседу Расуловалъ 15 шагIирасул кучIдуздасан данде гьа­бураб «Сариназул си» абураб тIехь. Гьенир кIалъазе рахъараз тIадчIей гьабуна цо-цо жидее цIикIкIун рекIее гIурал авторазда, рихьизаруна гIунгутIаби, гьаруна малъа-хъваял. ГIемерисез борхана магIарул мацI цIунизе ккеялъул суалги.

 

МагIарул мацI цIуниялъе кIвар бугеб цоги лъикIаб иш ккана гье­нибго. Гьенире рачIаразе рикьана МухIамаднаби Ибрагьимовас хъва­раб «МагIарул Лиза» абураб тIехь. «Сариназул си» цIалун бахъарабго, дирги йикIанин гIурус учительница, гьелъулго гIадаб гIумру букIун ба­тилин гьалъулгиян дица байбихьа­на «МагIарул Лиза» цIализе. ТIехь хъван буго бацIцIадаб, рекIелъе бортулеб мацIалда. Дица, цIалун бахъинчIого, гьеб гIодоб лъечIо. Дие дарсал кьурай гIурус учитель­ница Чуева Александра Иванов­налъулги гьей «МагIарул Лизалги» гIумруялъул гIаммал бакIалги гIемер ругоан. Дие цIакъ асар гьабуна, Хьаргаби букIараб зоналияб дан­делъиялда гьелъ магIарул мацIалда МахIмудил кечIги рикIкIун, гьел рагIаби жинда батIияб мацIалда ричIчIизе рес букIинчIилан абиялъ. Гьаб тIехьги ккана магIарул мацI цIуниялъул къеркьеялъулъ бакI кко­леб, кIвар бугеб ишлъун.

Гьадинал ишаз магIарул мацI цIуниялъе щивас бахъулеб хIаракаталъ жиндирго бутIа лъела. Амма хIажат буго цере чIарал масъалаби мухIканго лъалев Аваразул милли­ябгун маданияб автономиялъул нух­малъулев МухIамад МухIамадовасда сверухъги гъункун, магIарул мацI цIуниялъул киналго масъалаби ва ишал цо рахънире руссинаризе ва хIасил кколедухъ иш гIуцIизе. ХIажат буго «ликбезал» рагьунги, мацI малъулел хасал школал, курсал рагьунги хIалтIи гIуцIизе.