ХIажат бугищ «Дагъистаналъул эбелалъе» памятник?

«ХIакъикъаталде» битIун ба­чIараб СМСалда цIехолеб буго: «КъваригIун бугищ «Дагъистана­лъул эбелалъе» памятник лъезе, улбузул ахIи лъидаго рагIулеб гьечIеб мехалда? Чан эбелалъ балагьулеб бугеб араб бакI лъачIого тIагIарал, чIварал жидерго васал ругеб бакI? ХIасанхIусеновазул эбел чан къоялъ эхетарай тахшагьаралъул аслияб майданалда? Щив гьелда аскIове вачIарав ва лъица гьелъул суалазе жавабал кьурал?»

«Эбел» абураб рагIудаса берци­наб цоги рагIи ракьалда батиларо. Щиб мацIалда гьеб абуниги, гьелъулъ буго хIалимлъиги, хIайранлъиги, хинлъиги, недегьлъиги. Инсанас чан сон баниги, гьесие къваригIуна эбел, гьелъул хIеренлъи, балагьи. КигIан кIудияб рокьи эбелалдехун батаниги, гьедигIанго рохалилаб ва талихIаб букIуна инсанасул гIумру.
Нилъее рокьула яцалги, лъудбиги, ясалги, амма къварилъиялде ккедал, «эбелин» ахIула бухIараб ракIалъ. «Инсанасулъ бугеб лъи­кIаб­щинаб Аллагьасдасан ва эбелалъул рахьдадасан буго», — ян абун буго цо гIакъиласги.
«Эбел чIаго йигебгIан мехалда нилъ лъималлъун рукIуна, ай ни­лъедаса талихI рикIкIаде унаро. Эбелалъул адаб гьабичIони, гIа­ламалъ рогьо бала ва херлъидал дуцаго дуде нагIанаялъул хIацIуги тула», — ян абуна цоги гIакъилас.
«Дида лъай лъалелдего хун ятана эбел, гьелъул хинлъи лъачIого, гьелъ каранде къачIого гIуна дун. Жакъаги, лъабкъойидаса арав дир, эбелалъ беэдулеб лъимада ракIбахиллъун, бадиб магIу хулула», — ян бицана цо херас.
Берзул нурлъунги, рекIел дарманлъунги вукIана эбелалъе АхIмад. Бесдаллъи бихьизе течIо гьелъ васасда, гIадамалъе вахъинавуна, бертин гьабуна. БахIаралъе якьадгун цо рокъой йикIине бокьичIо, хIилла-макру гьабун, гьелъ рос, эбел херазул рокъое кьезе тIамуна. Васасул хIалихьалъи хIехьезе кIвечIей пулан, рекIел унтиялъ, заман иналдего къадаралде щвана. Росуцоязул гIайиб-гъвелалдаса лъутун, АхIмад шагьаралде гочана…
Нахъасан чи гьечIей гIадан йикIана ГIайшат. Жигарав, цIодорав, лебалав вас Баширидаса чIухIун йикIунаан гьей. ЛъикIал къиматазда школаги лъугIизабун, тахшагьаралде цIализе ана гьев. ЦIалулаго хIалтIулевги вугилан, къанагIат гурони эбелалъухъе щолароан. Хадуб, жавабияб хъулухъалда вугин, чанго соналъ вачIинчIо росулъе. Эбел унтун йигин мадугьалас кьабураб телалъ вачун, кватIараб гIужалъ щвана гьев росулъе. Гьениве щведал лъана эбел камурайлъи. Хадуб мадугьалас бицана: «…захIматаб унтиялъ чарахвезабун букIана пакъиралъул. Амма щибаб къойил, гIанса гIунтIун, хIалалъ яхъунаан росдада цебе бугеб гохIде, канлъи ссварал бералги нухда лъун, «дир Башир вачIунев гьечIодай» абун, къоялъ балагьун чIолаан».
Чанго къоялъ хабаде хьвадана Башир, тIаса лъугьаян гьелда гьардолаго, гIемераб магIу тIуна, гьелда хадуб садакъа гьабуна, хабатIа мармаралъул зани эхетана. Эбелалъе гьелдаса гьечIеб пайдаха?! Жиндаго ккараб гIайиб бецIизелъун гьабулеб жо букIана гьеб кинабго.
Гьединал, ай эбелалда аскIоб хияналъи биччарал, эбелалъухъе нух къосарал чагIи жакъа Дагъи­станалда гIемер руго. Руго, цеего эбел камун йигониги, гьелъухъ бугеб гIорхъи гьечIеб чIалгIеналъ «огь, эбел, мун дие камун йигеб куц» абун, гьелда хадур угьдулелги. Гьединазе къваригIуна гьей ракIалде щвезелъун ва рехсезелъун квер гIунтIулеб бакIалда букIине эбелалъул сурат, сипат, памятник.
Щибаб шагьаралда, райцентралда ва росулъ эбелалъе лъураб памятник букIине ккелин рикIкIуна дица.
Гьайгьай, памятник баялъул проект бахъиялъе лъазабизе ккела къец, скульпторазул ва халкъалъул вакилзабазул цадахъаб жюриялъ тIаса рищизе ккела данде кколел эскизал. Гьедин тIаса бищараб памятник лъезеги ккела бищунго борхалъуда.
Гьединаб памятник лъугьинаан яхI-намусалде гIадамал ахIулеб, улбузе лъикIлъи гьабизе гIолилал куцалеблъун. Гьелъ кумек гьабилаан гIолохъанаб гIелалъе битIараб тарбия кьеялъеги.
ХIурматиял цIалдолел, гьаб макъалаялда загьир гьабулеб пикруялъе нужеца кинаб къимат кьолеб? Хъвай нижехъе, бице нужерго улбузул хIакъалъулъ.