БатIияб талихI Аллагьасдаги гьариларо

МахIачхъалаялда гIумру гьабун руго Запир ва Гулжанат. Буго гьезул щуго лъимерги: ункъо яс ва цо вас. 
Гулжанатица лъугIизабуна кооперативияб техникум, амма хIалтIизе рес ккечIо – цоцада хадуб гьабуна лъабго лъимер. Гьелго соназда лъугIизабуна ДГПИялъул технологиялъулгун экономикияб факультет. 
Запирицаги лъугIизабуна ДГПИялъул математикаялъул факультет. Гьев хIалтIулев вуго ДРялъул МВДялъул транспорталъул отделениялда. ГIемерал соназ гьев вукIана кадрабазул отделалъул нухмалъулевлъун.
 

— Щуабилеб лъимер гьабидал, нижее кьезе кколаан анцIазарго гъурущ. Гьебги цIакъго кватIун кьуна. ТIокIаб батIияб кумекги нижее гьабичIо. Нужер гIадинал хъизамал МахIачхъалаялда гIе­мер ругин абулаан кумек гьарун собесалде хитIаб гьабидал. Щоларо нижее лъималазул пособиеги – хъизамалъе гIураб хайир бугинги абун. Вас гьавураб мехалда щвана эбелалъул капиталги, — ян бицана Гулжанатица.
2004 соналда босана гьез Семендералда ракь. Рес гIолеб бу­кIинчIо хIалтIи-пишаго гьаби­зе. Лъималазе, рукъалъе хIа­­жатаб къайиялда хадуй Гул­­жанат хьвадулаан Бакуял­де. Кваниеги хутIаралъеги хIал­тIи­забулаан росасе щолеб харж. Амма гIолел лъималазе кколеб къварилъи бихьун, Гулжанат яхъана хIалтIизе. Ругьунлъана ретIел лъутIизе, букъизе. ХIал­тIана юкъарухъанлъун, хадуб рагьана жинцаго ателье. Гьебги рагьун буго мухьдахъ ккураб бакIалда.
КIудияй яс Аминатица лъу­гIи­­забуна Гуманитарияб педколледжги ДГПИялъул психологиялъул факультетги. Айза­натица лъугIизабуна Москваялда Финансазул университет. Фатима цIалулей йиго Дагъистаналъул росдал магIишаталъул университеталда, юридикияб факультеталда. МухIамадги РабигIатги цIалулел руго школалда. 
Пачалихъалъул рахъалдаса щвезе кколеб кумек тIалаб гьабуларо Габоваховаз. «Коммуналиял хъулухъазухъ кинабгIаги бигьалъи гьабуларо нижее. ГьечIо гIемерал лъимал ругеб хъизамалъе кьолеб свидетельствоги. Кумек хIисабалда, пачалихъалъ рес кьолебани дие хIалтIизе. Масала, ижараялъе ккураб рокъоб гуреб, дунго бетIергьанаб бакIалда букIарабани дир ателье, щибаб моцIалъ 15 азарго гъурущ тIокIлъилаан хъизамалъе. 
Шукру Аллагьасе, ра­къ­у­н­­-къечон, ратIликъ хутIичIо. Лъимал кьурабго гIадин, кьуна ТIадегIанас гьел хьихьизе къуватги ресги. Нижедасаги ресукъго гIумру гьабулеб буго гIемерал хъизамаз. Аслияб жо буго – хъизамалда парахалъи букIин, лъималазул сахлъи. Аллагьасе рецц, захIматал унтабаздасаги, квешаб хасияталдасаги цIунана нижги нижер лъималги», — ян бицана гьелъ. 
Нижер гара-чIвари гьоркьоб къотIизабуна школалдаса тIадруссарал МухIамадицаги РабигIатицаги. Гьезие цIакъ бокьун букIана школалда ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ эбелалда бицине. Гьел рачIиналдаса йохун, гьезда хурхун чIана гьитIинай Фирдасги – Аминатил яс. 
ЦохIо вугев МухIамад дагьавго гогьдаризавулев вуго инсуцаянги бицана Гулжанатица. «Нижер лъималазда лъаларо барщун рукIине. Цоцалъ барщун ратараб мехалда, дица гьезие гIадлу гьабулаан: нуж яцал-вацал кколин, цоцазе кумекалъе хIадурго рукIине кколин, цоцазулъ къацандизе бегьуларин абун. Амма МухIамадил рукIуна цо-цо тIалабал. Масала, жиндир расанкIабазда цогидаз квер хъвазе бокьуларо гьесие, хасго чияр лъималаз. Жиндасаго чIахIиял ругониги, яцазул тIалабалдаги вукIуна гьев. Инсуца лъазабун буго гьесда: дун рокъов гьечIеб заманалда мун ккола рукъалъул кIудиявин абун», — ан бицана эбелалъ.
КIудияб хъизамалъул баракатлъун Гулжанатица рикIкIуна цоцазул адаб гьабизе лъимал ругьунлъи, эбел-инсул бадире ралагьун гьел гIолел рукIин. 
— Дир цо берзул балагьи гIола ясазе. Диде данде жеги рагIи абичIо гьез. Гьединлъидал, къваригIелалъ магIарухъе аниги, къватIир сардал раниги, дир ракI парахатго букIуна. Дида лъала,  лъималазухъа бажарула рукъ тIубанги, вачIарав чиясе гьоболъи гьабунги. БатIиябги талихI Аллагьасда гьаризе намуслъула», — ян абуна гьелъ.