ХIарщулъ къан ругел машинабиги нухлул рагIалда эхетарал гIадамалги

Нилъ кинаб гIасруялда ругониги, бокьараб заман рагьдухъ рещ­тIаниги, нухазул суал, ригъарал ругънал кинигин, кидаго хутIулеб буго аслияблъун. Хашал нухал рукIин лъугIулареб бетIер унти буго бокьараб муниципалияб гIуцIиялъул бетIерасеги.

Бабаюрт мухъалда бугеб ЦIумада районалъул Шава росулъе унеб нух буго гьабсагIат бихьизе нечараб хIалалда. 1970 соналдаго бахъараб шагьранух букIаниги, гьенибе жеги хъил киса гурин тIолеб, букIине кколедухъ ва киса-кибего чабахцин бан гьечIо.

Грайвералъухъ балагьун салиги, салуда гурхIун цIадги чIечIо

ХIарщулъ къан, церехун рорчIизе ресги гьечIого ругин гьенисан хьвадулел машинабигиян бицана «ХIакъикъаталъе» Шаваялда гIумру гьабун вугев ЦIумада райсобраниялъул депутат ИсмагIил ГъазимухIамадовас:

— Бащдаб гIасругIанасеб заман аниги, лъабго-ункъо болжал ун буго гьеб нух букIине кколедухъ къачIачIелдаса. МоцIалъ цебе, декабралъул анцIабилел къоязда, жамагIаталъ гIарацги данде рехун, нижецаго гьабун букIана гьениб хIалтIи.
Росу бихьулеб бакIалде щвезегIан бугеб нухлул цо бутIа къачIан букIана Бабаюрталъул ДЭПалъ (нухал къачIалеб идара) ахирал соназда. Жидеца тIаде чабах (грайвер) базе букIине, гъоркье салиги бан къачIан тейин, росулъе жанибе щвезегIан бугеб нухлул гвендахарал бакIалин абуна гьез нижеда. Бана нижеца гьенибе салиги, батIи-батIияб техникаги бачун букIана гьенибе. ХIасил щибха ккараб? ДЭПалъ грайверги баччичIого, тIаде цIадги бан, салиги хIарщуде сверана, машинабиги гьенир къан хутIана, нижер хIаракатги гIадада ккана. ГIага-шагарго 500 000 гъурущниги букIана жамагIаталъ гьенибе бакIарун. Цо КамАЗ чабхил цIезе ккани, 13 азарго гъурущ къваригIуна. ЦохIо техникаялъе хIажатаб цIатари босизе харж гьабуна 200 000 гъурущ гIарац.
«Безопасные и качественные федеральные дороги» абураб программа хIалтIизе лъугьана гъоркьиса республикаялда. Гьелда гъорлъ гIахьаллъи гьабизе хIалбихьичIищ нужецаян гьикъидал, ИсмагIил ГъазимухIамадовас квер хьвагIана, гьелда жаниб кIудияб сиясат бугин хIалтIулебиланги абун.
— Къануналда рекъон балагьани, Шава росдал хъутан бугеб бакI ккола, аслияб куцалда, гочинабураб гIи-боцIуе бетIербахъиялъе бихьизабураб бакI. Ва гьезул тIалаб-агъаз гьабулел гIухьбуз яшав гьабун гурони, тIубараб росдаего гIумру тIамизе изну рагIуларо гьениб. Гьебги ракIалде щвезабун, нуж гьаниса тIуранго нахъе рахъинаризе кколин бичIчIизабуна нижеда тIадчагIаз. Гьаниса нахъеги гочинарун, гIумру гьабизе нижее санагIатаб бакI бугищха гьез хIадурун? РакIчIун абизе кIола гьечIилан. Доле Чачаналдаса нахъеги рахъинарун, ГIавухъ росдал гIадамал цIияб бакIалде гочинариялъул суалцин буго лъагIалабаз халат бахъунеб, — ан бицана И. ГъазимухIамадовас.
Бабаюрталъул ДЭПалъ къачIан буго росу бихьулеб бакIалде щвезегIан бугеб нухлул цо бутIа. ХутIараб 13 километралда машинаби хьвадун бажарулеб хIал гьечIо гьабсагIат.

ЖамагIаталъ бакIарараб гIарац гIечIо нухлуе, ДЭПги буцIцIун чIана

Шава росдал бегавул ХIа­жи­мухIамадов ГъазимухIа­ма­дица ба­­­чIи­нахъего байбихьана Ба­ба­юр­­та­лъул ДЭПалде гIайиб гIун­тIи­за­­би­зе.
— Дица гьезда цебего абун букIана, хасел тIаде гIунтIидал, гIазугун цIад халатбахъани, нухазул иш лъугIулин. РачIа хех гьабун, тадбир гьабизе бугин нухал къачIазе. Киса, гIинтIамичIо! 2017 соналда дирго хIаракаталдалъун 390 азарго гъурущги бакIарун къачIан букIана нух. 2018 соналъги бакIарун букIана 120000 гъурущ. 2019 соналъги бакIарана 200000-гIан гъурущ. Дица гьезда абулеб буго гIарац дица кьелин, баче техникаги, байбихье хIалтIудейин. Гьелъухъги гьез гIинтIамичIо. Араб кIиябго соналда жаниб гьез щибниги хIалтIи гьабичIо росулъе жанибе бугеб нух къачIаялъе, — ян бицана ГъазимухIамадица.
Шава хъутаналда гъорлъе унеб буго кинабниги микьго росу. ГIаммаб куцалда гьениб гIумру гьабулеб буго 3000-гIанасеб цIаракиялъ. Гьениб буго кIиго школа, чанго ясли-ах, больница ва цогидалги идараби. Микьабго росдал гIадамал жакъа хутIун руго нухлул рагIалда эхетун, къваригIелалъ МахIачхъалаялде ва цогидал бакIазде ине ресги гьечIого.
Федералияб шагьранухдаса Ша­ва хъутаналде буго 36 километр. 24-абилеб километралде щвезегIан къачIан букIун буго Бабаюрталъул нухазул идараялъ шагьранухлул цо бутIа. «Дирги гьезулги къотIи букIана 29 километралде щвезегIан гьезги къачIан, хутIараб анкьго километр дицаго къачIан лъугIизабизе. Амма гьебги гьез тIубазабичIо. Дица балагьараб чабахги буго гъунал гьарун нухде чIехьон. ХIарщуца гъанкъараб шагьранухги буго», — ян бицана хадубги ГъазимухIамад ХIажимухIамадовас.

Амма ДЭП гIайибалъе мукIурлъичIо

Бабаюрт мухъалда бугеб ДЭПа­лъул нухмалъулесул заместитель АрслангIали ГIумаровас инкар гьабичIо ГъазимухIамад ХIажи­му­хIамадовас жидедасан гIарз бахъулеб букIиналде. Нухал хIакъикъаталдаги чIунтун ругин абуна гьес. ГIицIго гьев разилъичIо жидеца щибниги хIалтIи гьабичIин ахираб кIиго соналда жанибилан Шаваялъул бегавулас жидеде гьабураб гIайиб-гъвелалда.
— Гьел нухал тIубан тIаса квер босун танин нижецаян абураб баяналда дун разилъиларо. Гьаб моцIрол байбихьуда, январалъул анкьабилеб къоялъги букIана нижер техника гьениб хIалтIулеб. Амма нижер хIалтIул лъикIаб хIасил кколеб гьечIо, гьенибе биччалеб гIарац дагьаб букIиналъ. Мисалалъе, гъоркьиса гьенибе бихьизабун букIана 300-400 азарго гъурущ гIарац. Гьеб гIарцухъ букIине кколеб даражаялда нух къачIан бажаруларо, — ян бицана нухазул идараялъул вакилас.
Къокъаб хIасил, АрслангIали ГIумаровас бицунелда рекъон, аслияб куцалда гьеб нух къачIазе ккани, хIажалъулеб буго гIисинаб чабах. Гьеб чабхил цIураб цо КамАЗ машина абуни гIолеб гьечIо нухлул цо километралде базецин.
Исана соналда гьениб лъазабун буго тендер. Гьеб бергьани нух къачIан лъугIизабизе кIвеялде хьулги буго ГIумаровасул.

ХадубрагIи

Шавадерилго гIадин, чIунтарал нухал ругел росаби гIемер руго жеги республикаялда. Хасго ЦIун­тIа, ЦIумада ва гьелго гIадал, ри­кIкIадал ругел районазда гьел гIузраби анцI-анцI соназ руго ха­латрахъунел. Техникаялъцин гу­реб, нанотехнологияз щулаго квелъ ккураб гьаб заманалда, нухал къачIалел гьечIо. Гьелъие бергьун гIемерал сурсаталги, бажари бу­геб пачалихъ нилъер бугониги.
«ХIакъикъат» газеталъ хадубккунги кIвар кьезе буго гьединал масъалабазде.