2019 соналда 13000 хIаким тамихIалде цIан вуго республикаялда. 2018 соналде дандеккун, 3000 чиясдалъун цIикIкIанин гьеб сияхIин абураб баян кьуна республикаялъул прокурор Алексей Ежовас информалатазе.
Гьеб гуребги, прокуратураялъухъа бажарун буго хIалтIухъабазе кьезе кколеб букIараб 80 млн гъурщил налъи лъугIизабизеги.
13000 хIакимасе гIадлу гьабун батани, кIудияб къагIида ккун бугилан абила газета цIалулез. Амма щибха гьелъ кьураб?
ХутIарал хIакимзаби, гьеб дарсги бичIчIун, лъикI хIалтIизейищ лъугьарал?
Гьеб щакаб иш бугин бицана «ХIакъикъаталъе» жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас:
«10 ватаниги, 13000 ватаниги, хIаким гIадлуялде цIанин абураб жоялъ хисизе жо бихьуларо дида. ТIоцебесеб иргаялда абуни, бичIчIулеб гьечIо гIадлуялде цIан ругин абураб жоялъул магIна. ГIакIайищ гьезде къотIараб, жамагIаталъул хIалтIудейищ ритIарал яги жанирищ тIамурал?
КIиабизе, гьаб жанисеб система хисичIого, цониги хIакимги кантIизе гьечIо. Киналго гьел руго чванта киндай бечед гьабилаян пикруялда», — ян абуна жамгIияв хIаракатчияс.
Гьелдаго релълъараб пикру буго «Черновик» газеталъул политикияв обозреватель МухIамад МухIамадовасулги:
«Чамалиго хIаким тамихIалде цIанин абураб хабар цо макъалаялъул бетIер берцинлъиялъул мурадалда къватIибе кьей гурони, гьелъ гьабин абун кьезе цIияб жо дида бихьулеб гьечIо. ТамихIги букIуна батIи-батIияб. ЧIванкъотIун бичIчIулеб гьечIо кинаб тамихI гьезие гьабурабали. Гьединго цониги гIайиб ккарав хIакимчиясул цIарги рехсон гьечIо гьениб. Цогидал хIакимзабазе дарслъун букIинищ гьебилан гьикъани, букIинин абизе кIоларо».