Хасавюрталда: цоял рохула хиса-басияздаса, цогидаз хIаракат бахъула гьел рихьунгутIизе

«Хасавюрт» шагьаралъул бетIер Зайнудин Охъмазовасулгун гара-чIвари.

 

Шагьаралъул бетIерасул хъулухъалде вачIиналде дур букIана комсомолалъул, партиялъул идарабазда хIалтIиялъул, Афгъанистаналда хъулухъ гьабиялъул кIудияб гIумруялъул хIалбихьи. Гьеб букIанадай цIияб хъулухъалде вищиялъе гIиллалъун?

 

 

-Лъаларо. БукIун батизеги бегьула. Дир кандидатура,цогидазда цадахъго,бихьизабуна Сайгидпаша ГIумахановас ва шагьаралъул Собраниялъул депутатаз гьелъул рахъ ккуна.

 

 

— Хасавюрталъулаз разиго къабул гьарулел руго гьенир кколел хиса-басиял. Щиб лъалеб,кватIичIого киналго шагьаралдаса чIухIулеб къо бачIине бегьула. Мун гьединаб пикруялда рази вугищ?

 

 

— Рази вуго! Абила, кколел хиса-басиял къокъаб заманалъулал гурин, гьез шагьаралъул гьумерги гIумруги жеги хисизабизе бугилан.

 

 

Жакъасеб шагьаралда бищунго кIвар бугеб суаллъун ккола рикIкIен гIемерал базаралгун дармил центразда сверухълъи, къватIал, шагьаралъул рагIаллъаби рищни-къулалъул гохIаздаса рацIцIад гьари. КьучIдасанго гьеб хисизабиялъе щиб гьабизе бугеб?

 

 

— Жидерго дармил идарабазда ва гьезда сверухълъиялда санитарияб гIадлу-низам букIинаби гьединал бакIазул бетIергьабазул иш буго. Гьез къотIи-къаял гьаризе ккола «Дагъэкосити» регионалияв операторасулгун. «Дагъэкосити» цолъи буго гьеб хIалтIи гьабиялъе тIадал чагIи, гьел ниже мукIурал чагIи гуро. Гьелъие инкар гьабулел раккани, операторас судалде гIарза хъвазе ккола.

Шагьаралъул рагIаллъабазда, рази вуго, рищни-къулалъул гохIал рукIана ва гьанжеги рихьизеги бегьула. Муниципалиял идарабаз гьеб хIалтIи тIубалеб заманалда ахIвал-хIал батIияб букIана. Разилъизе ккола рукIа-рахъиналъул хутIелал нилъехъе рехизе батIиял планетабаздаса гIадамал рачIунареблъиялда. Гьеб сверухълъиялда гIумру гьабулел гIадамазул кIвар гьечIолъиялъул, гьезул культураялъул даража бихьизабулеб хIужалъун хутIулеб буго.

Гьедин бугониги, абила, ахираб заманалда ахIвал-хIал хисулеб бугилан. Калам гьечIого, гьеб рахъалъ гIадлу букIине буго.

 

 

— Хасавюрталъул гIумру хисизабиялъе гьабизе кколеб хIалтIи гIемераб буго. ТIоцебесеб иргаялда,тIубазе кколеб суаллъун хутIулеб буго, ракьалда гъоркьан лъурал басралъарал коммуникациял хисиялъул суал. Гьеб рахъалъ гIагараб заманалда хиса-басиязде хьул лъезе бегьиладай?

 

 

— БитIараб буго. Шагьаралда жанисел коммуникациязул 70-75 % хисизе ккола. Гьаниб-доба лъадамухъал къачIаялъ ахIвал-хIал хисизабуларо. ГIицIго «Горводоканал» цолъиялъул диспетчерас къоялда жаниб 20-30 ахIи къабул гьабулеб буго авариял карал бакIаздасан.

Суал тIубаялъе кумек нижеца республикаялъул бетIер Владимир Васильевасдасан гьарана. Гьесул рахъалъан Россиялъул хIукуматалде гьабураб хитIабалъулги хIасил кколеб буго: бакIал раялъул ва регионалияб цебетIеялъул рахъал хIукуматалъул бетIерасул заместитель Виталий Муткоца гьеб суал тIубазабизе рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишаталъул ва бакIал раялъул министрасда тIадкъан буго.

Республикаялъул бетIерасул финансазулаб рахъкквеялдалъун хIадур гьарулел руго проекталъулалгун сметаялъулал документал. Гьезда рекъон цIигьабизе буго Сулахъалда бугеб насосазулаб станция, гьенисан «Ахъташ» лъим босулеб станциялде щвезегIан бачине буго биргъабазул кIиабилеб мухъ.

Жибго «Ахъташ» станцияги, цадахъго лъим бацIцIад гьабулеб бакIги балаго, цIигьабизе буго. ЦIияб биргъабазул мухъ бачине буго гьединго,цIигьабизе хIисабалде босараб «Бешбулахъ» станциялдасаги. ХIалтIаби гьаризе руго шагьаралда жанисел мухъаздаги.

 

 

— Кин унеб бугеб республикаялъулаб «БакIалъул кIваралъул автомобилазул нухал къачIай» программа ва гьеб проект гIумруялде бахъинаби?

 

 

— Рехсарал ва цогидал программабигун проектал тIураялъул иш графикалдаса кьуричIого унеб буго. Гьел хъинтIулел руго шагьаралъул I2 къватIалда, рукIа-рахъиналъул I7 объекталда, маххул нухда гъоркьан унеб тоннелалда. Нижер щибаб къойилаб хIаракаталдалъун хIасилалда нухаздагун къватIазда ва минабазда сверухъ хIалтIаби унел руго.

2020 соналъул авалалдасанго нахъеги республикаялъулал ва бакIалъулал программабигун проектал шагьаралда гIумруялде рахъинариялда тIад хIалтIизе руго. Амма,абила,гьеб рахъ гIадамаз коммуналиял хъулухъазухъ гIарац ва рихьизарурал налогал кьеялда бараб букIинилан.

Жидеда тIад бецIичIеб налъи хутIулел гIадамаз яшав гьабулел къватIал программаялде гъорлъе рачине гьечIо.

Гьанжеялдего тIурарал хIалтIабазул бицани, «I50 школа» программаялъул хIисабалда къачIана 8 лъай кьеялъул идара, унеб буго №3 школалъул мина гIатIид гьабиялъул хIалтIи, № I9 школалда байбихьун буго спорткомплекс базе.

 

 

— Рехсаралъ шагьаралъулал хIалтIудалъун хьезариялъе квербакъи гьабулеб бугищ?

 

 

— Киналго бакIазда 60-ялдаса цIикIкIарав чиясе хIалтIи щвезабуна, гьезулгун хъван руго захIматалъулал къотIи-къаялги. Амма гьездасан цIикIкIунисел шагьаралъулаллъун кколаро. Хасавюрталъулал,щаялиго,гьединал хIалтIабазде лъугьине гIедегIулел гьечIо.

РакIалде ккола хадусанги батIи-батIиял программабазда ва проектазда гIахьаллъиялъ хIалтIудалъун хьезариялъул рахъалъ хиса-басиял рукIинилан.

 

 

— II-абилеб нухалъ шагьаралда тIоритIана эркенаб гугариялъул рахъалъ Континентазда гьоркьосеб кубокалъе гIоло къецал. Гьелде хIадурлъиялъул, хIинкъи гьечIолъи букIинабиялъул, жалго къецазул кIвар кинаблъун дуда бихьулеб?

 

 

— ФИЛАялъул къайимлъиялда тIоритIулел гьел къецал Россиялда бищунго кIвар бугездасан цоял ккола. Исана гьенире I0-ялдаса цIикIкIун пачалихъалдаса гугарухъаби рачIана. Къецал,кидаго гIадин,тIадегIанаб даражаялда ана. Гьеб ккола хIадурлъиялъул заманалда, кигIан гьитIинабги суал кIваралдаса биччачIолъиялъул хIасил.

 

 

— Дир лъимерлъиялъул заманалда хIалтIулел рукIана батIи-батIияб рахъалъул кружокал, творчествоялъулал станциял, нижеца бакIарулаан гъурараб махх, кагътал, жамгIияталъе пайдаяб хIалтIи гьабулаан. Гьанже гьеб рахъалъ кинаб хIалбугеб?

 

 

— Рази вуго. Гьеб букIана камилаб пачалихъалъулаб программа. ДодигIанго гIатIидго гьечIониги, гьанжеги гьеб рахъалъ гIураб чIаголъи бихьизе бегьула. Мисалалъе гIицIго «Спартак» маданияб кIалгIа ва гьенир хIалтIулел кружокалгун студиял рачаниги гIела.

ЖамгIияталъе пайдаяб хIалтIул бицани, дида гьениб чанго нухалда лъагIалида жанир лъимал ва гIолилал жалго цIалулел, яшав гьабулеб бакIазда сверухъ рацIцIалъи гьабизе рахъиналъулъ квешаб щибниги бихьуларо. Гьезулъ гьединал ишаз жавабчилъи, цIуна-къай гуреб батIияб щибго куцаларо. Лъай кьеялъул идарабазги гьеб рахъ берзукьа борчIизе биччазе теларин ккола.

 

 

 

— Хъулухъалда бараб 4 соналъ бокьанищ дуе Хасавюрт? БукIанищ гьаниве вачIиналдаса рекIекълъи ва гьабизе кIваралъун сундаса чIухIулев?

 

 

— Дие гьанже гуро шагьар бокьараб, доб рикIкIадаб лъимерлъиялдаго, гьанив яшав гьабулев ва №4 школалда цIалулеб заманалдагойин. Разилъи гьечIолъи бижула ракIалда букIараб кинабго тIубазе рес гIолеб гьечIолъиялдаса. Вохула Хасавюрталда республикаялда бищунго цебетIураб лъай кьеялъул къагIида гIуцIизе бажариялдаса,гIолилазул политикаялъул, спорталъул, социалияб рахъалъ ккараб цебетIеялдаса.

Хиса-басиял гIадамаз батIа-батIайиса къабул гьарула: цоял гьездаса рохула, цогидаз гьеб бихьичIого хутIизе хIаракат бахъула.

 

 

Цойги нухалда абуни, дунго вохула шагьаралда кколел киналго лъикIал хиса-басияздаса.

Божаравги вуго шагьаралъул гIадамазул гIаммаб гIахьаллъиялдалъун Хасавюрт шагьар тIегьазе букIиналда.