ЦIияб къагIида

Добго хурив довго… чи

РощногохIаз ханлъи гьабурал ракьал хвасар гьарун бажариладай?

15 январалда, Дагъистаналъу­л бетIер Владимир Васильевасул нух­малъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда бицана, рищни ба­кIа­риялъул ва баччиялъул рахъалъ тIоцебесеб январалдаса нахъе цIиял къагIидаби хIалтIизарулел рукIин. Муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулез рихьизаризе ккола рищниялъул гIадлу-низам гьабизе кколел регионалиял операторазе хIалтIизе бакIалъул (площадки) схема. Данделъиялда бицана, Дагъистаналда рищниялъул гIадлу гьабулеб ва гьелдаса цогидаб къайи гьабулеб анкьго завод базе бугин. Исана заводал разе ракIалда буго МахIачхъала, Дербент, Каспийск, Хасавюрт шагьаразда.
Россиялъул ТIабигIиял нахърателазул ва экологиялъул министерствогун къотIи-къай гьабулеб буго рищнидул цогидаб къайи гьабия­лъул завод баялъе гIарац биччаян абун. Данделъиялда бицухъе, гIаммаб къа­гIидаялда, республикаялда базе ракIалда буго ункъо полигон, рищни батIа гьабулеб микьго комплекс ва рищнидул цогидаб къайи гьабулеб завод. 20 февралалде республикаялде бачIине буго рищни ба­ччулеб 20 хасаб машина. МахIачхъалаял­да рищни баччизе хIалтIизаризе руго гьел.

«Рощнол» закон

Рищни-къулалъул хIакъалъулъ ха­саб за­кон къабул гьабун букIана 2017 соналъул 31 декабралдаго. Гьелда рекъон, доб заманалдаго гIадамал ругьунлъизе кколаан рищни-къул батIа гьабиялъул цIияб къагIидаялде. Амма закон гIумруялде бахъинабун бажаричIо тIубараб лъагIалида жаниб. Гьединлъидал, цIиял тIадежураялгун, рищни-къул батIа гьабиялъул закон билълъанхъизабулеб буго 2019 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе. Гьеб масъалаялъулъ реформа гьабиялъе гIиллалъунги ккана щибаб лъагIалида жаниб рищниялъул 70 миллион тонна бакIарулеб букIин ва гьеб базе бакI гьечIолъи.
Рищни-къул батIа гьабиялъул му­радалда къабул гьабураб закон хIадурун бу­кIана улкаялъул экологияб рахъ лъикI­лъизабиялъул мурадалда. БатIа гьабураб рищни хIалтIизабизе кколаан цогидаб ма­териал гьабизелъун. Гьелъие гIоло ра­зе кколаан заводалги. Гьелин абуни Рос­сия­лъул цо-цо регионазда гурони гьечIо.
Рищни батIа гьабизе ккани, хIажалъулел руго хасал къалал (контейнерал), щибалда тIадги хъван букIине ккола щиб ва кинаб къолонибе базе бегьулебали. Гьелдалъунги гьеб иш лъугIуларо, рищни батIа гьабураб гIоларелъул, гьелъул щибалъул тайпа батIа-батIаго баччизе ккола заводазде ва гьединго букъизе ккола ракьулъ. Гьединлъидал чан батIияб тайпаялъул рищни батаниги, батIа-батIаго баччизе кколеб буго гьеб рищни баччулеб машинаялъ. Гьеб хIалтIи гIумруялде бахъинабизе ккани, щибаб азбаралда ругел рощнол къалазул гIадлу-низам гьабизе ккола, кинаб къолонибе кинаб тайпаялъул рищни базе кколебали баянги хъван. Жиндир заманалда рищни нахъе баччун бажаруларел компанияз гьебщинаб хIалтIи гьабиладай? Шагьаралъул къва­тIазда ругел рищнидул хварал къалалцин, гIадамаз ахIи бахъинабун гурони хисулареб мехалда, гьеб хIалтIи гьабиялда щаклъизе бачIуна.
Январь моцI бащалъаниги, Дагъис­та­налъул шагьараздаги хисараб жого би­хьулеб гьечIо. Республикаялда заводал разе ругин бицунелдаса гIезегIан сонал ана. Гье­динлъидал кинго бичIчIуларо кин гьеб закон гIумруялде бахъинабизе бугебали. Гьеб­щинаб хIалтIиги гьабизе заводалги разе кисадай гIарац балагьизе бугеб? Гьел­да сверухъ гIемераб ахIи-хIур буго Интер­неталдаги.
ЦIиял къагIидаби

Рищни-къул батIа гьабиялъу­л рефор­ма­ялда рекъон, заводазде гьеб баччизе кко­ла ГЛОНАСС абураб спутникалъулаб къагIи­да жидеда рекъезабурал хасал машина­баз. Гьелъ кумек гьабула машина кибе унеб бугебали балагьизе. Гьеб закон гIумруялде бахъинабизе байбихьун буго Астрахань областалда, Мордовиялда, Карелиялда ва цо-цо регионаздаги. Дагь-дагьккун Рос­сиялъул киналго субъектаздаги гьеб билълъанхъизабизе бугин рагIи кьолеб буго хIукуматалъул нухмалъулесги.
РФялъул щибаб субъекталда тIаса­ви­щу­ла, рищни нахъе баччиялъул жаваб кьо­лев ­ва гьелъул цогидаб материал гьа­булев опе­ра­тор. Цебе рищниялда ТБО (рукъалъул ру­­­кIа-рахъиналъул ху­тIелал) абулеб букIун ба­та­ни, гьанже ТКОян (коммуналиял хутIе­лал) абу­ла. Рищни баччи цебе рукъалъул­гун ру­кIа-рахъиналъул хъулухълъун бу­кIун ба­­тани, гьеб гьанжеялдаса нахъе ко­­мму­налияб хъулухълъун ккола. РукIа-ра­­хъи­налъул хъулухъазухъ багьа нух­ма­­лъулеб компаниялъ (УК) чIезабизе бе­­гьу­ла, коммуналиял хъулухъазухъин абу­­ни ба­гьаби пачалихъияб даражаялда ре­­къезарула. Гьанжеялдаса нахъе рищни (ТКО) баччаралъухъ гIарац кьезе кколеб бу­го газалъухъ, тока­лъухъ ва лъехъ кьолеб къагIидаялда рекъон. ГIумру гьабулеб ба­кIалда ремонт гьабия­лъухъ багьа дагьабго учуз­лъизе буго, щайгурелъул гьелда гьор­кьоса рищни-къулалъул хъулухъ нахъе бо­сун бугелъул.
Дагъистаналдаги, ТIабигIиял нахърате­лазул ва экологиялъул министерствоялда тIобитIараб тендералъул хIасилалда, тIаса­рищана рищни баччизе ва гьеб къачIазе регионалиял операторал. Рищниялдаса бакIал рацIцIад гьариялъул схемаялда ре­къон, республикаялда бищунго рищни гIемераблъун рикIкIунеб МахIачхъала шагьар централияб мухъалде (зона) гъорлъе ккола. 10 соналъ тахшагьар ва централияб мухъалде гьоркьоре кколел шагьаралгун районал (Каспийск, Буйнакск, Гъизилюрт шагьарал ва районал, Унсоколо ва Хъумторхъала районал) рищниялдаса рацIцIад гьаризе республикаялъ къотIи-къай гьабуна «Лидер» УКялъулгун. Гьединго северияб мухъалда хIалтIи гьабизе буго «Дагэкосити» — 1, ОООялъ, Югалъулаб мухъалда – «Экологика» ОООялъ, мугIрузул мухъалда – «Даг-Эко-Дом» ОООялъ.
Гьел компанияз рищни баччизе ккола гьеб рехулел хасал бакIазде, гьединго рищни хIалтIизабизе ккола цогидаб материал гьабизелъунги. Республикаялъул анлъго мухъалда гIуцIизе руго официалиял полигоналги.
Республикаялъул шагьараздагун рай­о­наз­да рищни-къул баччиялъул рахъалъ гьарулел хъулухъал рикьана ункъо батIияб фирмаялда гьоркьор. Рищни баччиялъул хъулухъал гьарулел бакIазда гьоркьор руго республикаялъул киналго районалги. Шагьаразда ва чIахIиял росабалъ рищни-къул гIемер букIине рес буго, амма рищни-къул жидецаго батIа гьабулел ва тIагIинабулел росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазухъаги гIарац бакIари битIараб букIинадайха?

ЦIиял тамихIал

ДРялъул ТIабигIиял нахърателазул ва экологиялъул министерствоялъул баяназда рекъон, экологиялъулин лъазабун букIараб 2017 соналда, Дагъистаналда тIагIинабизе кIвана ихтияр гьечIого гIадамаз рищни бараб 200 бакI. Рищниялдаса бацIцIад гьабуна 50 гектар ракьул. 2017 соналда тIатинабун букIана ихтияр гьечIого рищни балеб 300 бакI.
Ихтияр гьечIого рищни бан бугел ра­кьазул бетIергьабаз жаваб кьезе буго гье­нибе бан бугеб чороклъиялъул. Пуланав чиясул бетIергьанлъиялда гъоркь бу­геб ракьалда ихтияр гьечIого рищни бан батани, регионалиял оператораз гье­лъу­л хIакъалъулъ лъазабула ракьул бе­тIергьанасда. Ракьул бетIергьанас, жиндирго гIарацги хвезабун, бацIцIад гьабизе ккола гьеб бакI рищни-къулалдаса. Нагагь ракьул бетIергьанчи гьечIони, ихтияр гьечIого рищни бараб бакI бацIцIад гьабизе тIалъула муниципалитеталда.
Рищни-къул баччаралъухъ гIарац кьечIо­го тезеги рес гьечIин лъазабулеб буго ре­форма гIуцIараз. Гьеб хъулухъалъухъ гIа­рац кьечIого таразде 2000 гъуруш гIакIа къо­тIизе буго.

ПатIимат СултIанмухIамадова