Лъугьа-бахъин

Квандайищ «гIайиб», лъедайищ?

Ленинаулалда ккараб ишалда бан хIалтIудаса махIрумлъана райбольницаялъул бетIерав тохтур

ЦIияб соналъул байрамкъоял чехь-бакьазул унтигун тIамизе ккана Казбек районалъул Ленинаул росулъа 77 чияс, гьездаго гьоркьоб 56 лъимералъги. СахлъицIуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, чехь-бакьазул унтигун Казбек районалъул больницаялъул инфекциялъулаб отделениялда вегизавуна 22 чи, гьезда гьоркьоб 14 лъимер. Жакъа къоялда гьел киналго больницаялдаса рокъоре риччан руго.
15 январалда, ДРялъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда ДРялъул сахлъицIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимовас бицана 11 январалдаса хадуб Ленинаул росулъ чехь-бакь унтиялъул хIужаби ккечIин.
ДРялда бугеб Роспотребнадзора­лъул управлениялъул баяналда рекъон, гьеб росдал гIадамазул чехь-бакь унтиялъул гIиллалъун ккана чорокаб лъим гьекъей. Росулъ цойиде бачараб лъим гьечIелъул, гIемерисел гIадамаз жидецаго гьарурал гъуяздаса пайда босулеб буго. Росулъ гIадамаз пайда босулеб лъел ункъо бутIа гьабун цо бутIа гьекъезе лъикIаб гьечIин лъазабулеб буго ДРялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъги.
ДРялъул бетIерас тIобитIараб дан­делъиялда ДРялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъул нухмалъулей Элеонора ГIумариевалъ бицана, Ленинаулалда ккараб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ лъарабго, гьеб лъим къотIизабунин.
«Росдал гIадамазе бацIцIадаб лъим баччулеб буго Хасавюрт шагьаралдаса. Инфекция баккараб бакI бацIцIад ва гъуязулгун дренажалъул мухъазе дезинфекция гьабулеб буго. 17 сон бачIел лъималазе гепатит А-ялде ва риххелалде данде прививкаби гьарулел руго», — ян бицана Э. ГIумариевалъ. СахлъицIуниялъул министерствоялъул баяназда ре­къон, гепатиталде данде прививка гьабизе 1360 вакцина щвезабун буго Ленинаул росулъе.
ДРялъул сахлъицIуниялъул ми­нистрас бицана чехь-бакь унтия­лъул инфекция тIибитIун букIиналъул хIа­къалъулъ лъазабунин Дагъистаналъул МВДялъул хIалтIухъабаз. Гье­динал лъугьа-бахъиназул хIа­къа­лъулъ хехаб къагIидаялъ, тIо­це­бесеб иргаялда, лъазабизе кко­лаан районалъул централия­б боль­ни­цаялъул нухмалъиялъ. Гьа­рурал цIех-рехаздаса хадуб, ДР­ялъул Сах­лъицIуниялъул министерствоя­лъул буюрухъалдалъун хъулухъалдаса ва­хъана Казбек райбольницаялъу­л бетIерав тохтур МухIамадрасул Ла­тIипов.
«Нижеца гIуцIизе буго битIараб жавабчилъи бугеб нухмалъиялъул къагIида, щивасда лъазе ккола жидеца сундул ва кинал ишазул жаваб кьезе кколебали», — ян лъазабуна Васильевасги.
Роспотребнадзоралъул баянал

Ленинаул росулъ ккаралъул хIа­къикъат цIехон нижеца гара-чIва­ри гьабуна Роспотребнадзора­лъул пресс-хъулухъалъул хIал­тIу­хъаналъулгун, Ленинаул росдал бетIерасулгун ва цIияб соналъул байрамазда унтун больницаялде ккаразул цо-цоязулгун.
Роспотребнадзоралъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъаналъ бицана:
«Исана риидалги, санитария­л къагIидабазде дандекколареб лъе­далъун гIадамал хьезарулеб бу­кIиналда бан, ДРялъул Роспотребнадзоралъул Гъизилюрт шагьаралда бугеб управлениялъул отделалъул хитIабалдалъун, Казбек районалъул Ленинаул росдал администрациялда тIад административияб дело гьабун букIана. Гьанжеги Роспотребнадзоралъ Казбек районалъул прокуратураялде баян битIана санитариял нормаби хвезариялда бан административияб дело рагьеян абун.
ДРялъул Ралел бакIазул ва ЖКХялъул министерствоялъ ва ДРя­­лъул МЧСалъ халгьабулеб буго ва рацIцIад гьарулел руго лъим бача­рал мухъал, къватIир рарал хIа­жат­ханаби».

Кванида бараб бугодай?

Гьекъолеб лъел хIакъалъулъ ва лъим чороклъиялъе гIилла щиб ккарабилан цIехон ниж кIалъана Ленин­аул росдал бегавул Малик Батилгереевасухъе.
«Жакъа къоялда росулъ ругел лъел мухъазда дезинфекция гьабулеб буго. Росулъе щибаб къойил цогидал росабалъа баччун бачIуна бацIцIадаб лъим. 11 январалдаса нахъе цогIаги унтарав чиги ккечIо. Росулъ гIумру гьабулеб буго анцIазарго чияс, гIадамал лъедалъун хьезаризе 1200 хIавузги буго росулъ. Гьел хIавузазухъе биччараб лъимги кидаго хIалтIизабулаан нижеца», — ян бицана Малик Батилгереевас.
Ленинаул росулъа чехь-ба­кьа­лъул (ОКИ) унтигун больницаялде ине ккарал гIадамазулгун гара-чIва­риги гьабуна нижеца.
Зулпат Шамирзаева, 80 сон: «Доб къоялъ къадеквандаса хадуб мандариналги кванан рукIана дица. Кванан хадуб цо бащдаб сагIат гурони ун букIинчIо, чехь унтизе лъугьана. Гьеб къоялъго дун больницаялдеги щвезаюна. Анкьго къо бана дица больницаялда. Нижеца кидаго лъим хIавузалъуса хIалтIизабула, гьанжелъизегIан лъеца унтизавурав чиги вукIинчIо. Нижер минаялъуб гIумру гьабун ругел лъималазги гьезул лъималазги гьекъолеб буго гьебго лъим, амма гьел унтичIоха дун гIадин».
Шамай Ярагъиева: «Дун хIал­тIу­лей йиго Хасавюрталда. ХIалтIулеб бакIалда лъикI гьечIого лъугьиндал, рокъое ячIана. Рокъое щведал цIа-кан бахун лъугьана. Гьеб къоялъ батIияб кванараб жоги букIинчIо, хIалтIуда къадекванан гурони. Риххелги щвечIо, бетIер унтулеб ва цIа-кан бахун букIана. Гьеб сордоялъго больницаялде ана ва дару-сабаб гьабуна. КIиабилеб къоялдаго мадар лъугьун букIана дие, амма больницаялдаса нахъе йиччачIо, микьго къо базе ккана гьениб. Нижер рокъор ругезулги цогIаги чи унтичIо. Дун гIемерисеб мехалда Хасавюрталда хIалтIулей йигелъул, гьенийго кIодол бакIалда йикIуна гIумру гьабун. Доб къоялъги унтун йикIиналъ ячIун йикIана росулъе».
Ленинаулалдаса гIадамаз бицаралдаса хадубги нижеца бухьен ккуна ДРялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъулгун. Кванил нигIматаздалъун гIадамал унтия­лъул хIужа гьез нахъчIвалеб буго.
«ДРялда рацIцIалъиялъул ва эпидемиологиялъул центр» ФБУЗалъул лабораториялда халгьабуна Ленин­аул росдал гIадамаз гьекъолеб лъел ва чехь-бакь унтарал гIадамазул материалалъухъ. Гьел материалазул ва лъел анализ гьабидал гьезулъ дизентериялъул (риххалил) унти багъаризабулеб жо батана», — ян жаваб кьуна Роспотребнадзоралъул пресс-хъулухъалда.
Ленинаул росдал больницаялъул бетIерав тохтур Шамсудин Жамалдиновас бицана жакъа къоялда чехь-бакьалъул (ОКИ) унтабигун больницаялда цогIаги чи гьечIин.
«Больницаялде рачIаразул захI­матаб хIал букIинчIо. Больницаялде рачIанщиназул анализал росана. «ДРялда рацIцIалъиялъул ва эпидемиологиялъул центр» ФБУЗал­де ун рукIана анализал гьаризе гIадамазул биоматериалал росун. 77 чиясда гьоркьоб щуго чиясул батана дизентерия, хутIаразулин абуни бигьаял ОКИял (чехь-бакьалъул) ратана. Гьел ккола гIумруялъе хIинкъи гьечIел инфекциял. Роспотребнадзоралъул хIалтIухъабаз байбихьудаго халгьабулеб букIана квараб квандаса лъугьараб унти бугищали», — ян бицана Шамсудин Жамалдиновас.
Ленинаулалде лъим бачарал турбаби цIакъ басралъун, турун руго. Гьединлъидал, зама-заманалдаса гьел къачIазеги ккола. 2014 соналдаго байбихьун букIана росулъе цIиял мухъаздасан лъим бачине. Амма гьеб жеги бачун лъугIун гьечIо.
Росулъе лъим биччала анкьида жаниб цо нухалда, ай рузманкъоялъ. Росулъе лъим биччан букIана ункъабилеб январалда ва гьеб къоялъ гIадамаз жидерго хIавузалги цIезарула, цинги гьенисан рокъобеги насосаз кьабула. ТIоцере унтарал гIадамалин абуни больницаялде рачIун руго кIиабилеб январалда. Гьединлъидал хIакъикъаталдаги гIа­дамал унтия­лъе гIилла щиб бу­кIарабали мухIканго абизе кIоларо.
Ленинаулалда ккараб лъугьа-бахъиналда бан тIобитIараб данделъиялда кIалъалаго гьадин абу­на Казбек районалъул бетIер ХIажимурад Мусаевас: «Лъел мухъалъул жанисеб хIалтIи Ленинаулалда гьабун букIана «Росабазул ракьазул чIара-хьараб цебетIей» абураб федералияб программаялда рекъон. Амма объект тIубанго бан бахъун гьечIо жеги. ХIадурун гьечIо гьелъул техникияб экспертиза ва биччан гьечIо лъимги. Гьабун гьечIо лъел мухъазул хIалбихьиги, рорцун гьечIо рогIороялъул роценалги гьеб битIизабун лъун бугищалиги», — ян.
ПатIимат СултIанмухIамадова,
Избодин МухIамадов