Гьаваялда — гьунар, ракьалда — лъалкI

МагIарул мацI лъаларин абизе нечезе ккеларищ магIарулав

 

Россиялъул бищун тIадегIанаб пачалихъияб шапакъатлъун кколеб «Россиялъул БахIарчи» абураб цIар кьеялъул буюрухъалда гъоркь улкаялъул президентас гъолбасана 1992 соналъул 20 марталда. ТIоцебе гьеб хIурматияб ва тIадегIанаб цIаралъе мустахIикълъана ингушав, летчик Суламбек Осканов (11 апрель, 1992 сон). ТIолабго Россиялда, жакъа къоялде щвезегIан, гьеб цIар щвана 1100 чиясе, гьездаго гьоркьоб 35 дагъистаниясеги. Гьезул мухъилъ руго вацал МухIамад ва ТIайиб ТIолбоевалги. Гьал къоязда Дагъистаналда вугев ТIайиб (гьев ккола Улан-Удэялда бугеб авиациялъулаб заводалъул летчик-испытатель) вачIун вукIана редакциялде гьоболлъухъ ва гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гьаниб.

— ТIайиб, баркула дуда тIаде щвараб ЦIияб сонги. Дагъистаналде гIемер щолищ, гьал къоязда ватIаналде вачIиналъул мурад щиб букIараб?
— Баркала, дицаги баркула киналго дагъистаниязда, магIарулазда ЦIияб сон. Араб соналда тун батаги нилъе­ца кинабго захIматаб, пашманаб ва баракатаблъун батаги исанасеб, Аллагьас квербакъаги нилъер лъикIал мурадал тIураялъе.
БокьичIого букIинищха Дагъистаналде щвезе, амма дун аскариязул хъулухъалда вугелъул, кидаго гуро гьединаб рес кколеб, яхI бахъу­ла щибаб соналъ вачIине. Бищунго бокьула нилъер хараби, гIагарлъи, гьудулзаби рихьизе, гьеб мурадгун вачIун вукIана гьаб нухалдаги. МагIарухъеги щвана, хIангун чедги квана, цIорораб лъимги гьекъана. Ва гьелдаса цIакъаб жоги дида лъаларо.
— Ахираб заманалда Дагъистаналда кколел хиса-басиял кин дуда рихьулел?
— Цебехун букIараб ана, араб жо ун тезе ккола. Амма кида ба­чIунги бачIуна гIадлу-низам би­лълъанхъизабичIого тIубалареб за­манги. Гьедин ккана нилъер гьанибги, Васильевас гIемераб жоялде нилъер берал рагьанин абуни, мекъи ккеларо. Нилъеда вичIчIизе ккола Васильев, ричIчIизе ккола гьесул ишал. ГIаммаб куцалда, дида ритIараллъун рихьула гьарулел ругел хиса-басиял, ракIчIола гьезул хIасилаз пайда кьезе букIиналдаги.
— Цо хъизамалда кIиго вац — Россиялъул БахIарзал, Россиялъул мустахIикъал летчикал-испытателал. ТIолабго Россиялда гьечIо гьединаб цоги мисал. Сундулъха бугеб балъголъи?
— Эбел-инсул (ГIумар ва Жавгьарат) мисал, тарбия, учительзабазул квербакъи ва нижеца бахъараб яхI, бихьизабураб жигарчилъи — гьеле аслу, кьучI. Кире кканиги, нижеца тIубана тIадаб борч, гьелда цадахъ бихьараб захIматалъулги, хIехьезе ккараб къоялъулги, дандчIвалел рукIарал масъалабазулги хIакъалъулъ гIемер бицинего ккелищха. Жакъа къоялде щвезегIан дица хIалбихьун буго самолетазул ва вертолетазул 60 тайпаялъул. Гьанжего гьанже хIалбихьана, цIияб тайпаялъулаблъун кколеб 171 А-2 самолеталъул. Гье­лъухъ валагьизе нижехъе вачIине вуго Сергей Шойгуги. Бигьаяб масъала гуро Россиялъул мустахIикъав летчик-испытатель абураб цIар щвейги (гьеб кьола президентасул указалда рекъон) ва, гьеб щвезе ккани, хIалбихьизе ккола бищун дагь 10 цIияб тайпая­лъул самолеталъул, къватIибе биччазе ккола щугониги гIелмияб хIалтIи. Северияб Кавказалъул республикабазда цониги гьечIо гьеб цIар щварав летчикги.
— КIудияв вацасул, МухIамадил кумек, мисал кинаб букIараб дуе?
— КIиясулго хIалтIи цого-цо бугониги, досул хIалтIул программа, хасго «Буран» планалда хурхараб, букIана гIатIидаб ва гъваридаб. Нижер анищ букIана кIиявго цо истребителалда рекIун роржине, амма хъулухъ бугелъул хаслъи бугеб, ккечIо гьединаб рес. МухIамад вуго Россиялъул бищун лъикIав 10 летчикасул мухъилъ, гьединаб даражая­лъул летчикал жеги рукIина ни­лъер, гьабсагIаталда гьел гIемер гьечIо. Диеги гьев вуго сундулъго мисаллъун.
— Дудаса дос мисал босизесеб жо гIемераб бугодай?
— Дов вуго кIудияв, досул хIал­бихьи буго тIадегIанаб, нилъе­р гIадат-гIамалалда рекъонги, гьитIи­насда тIадаб буго кIудиясухъ гIин­тIамизе.
— Дагъистаниял гIемер ругищ Бурятиялда, ратани, щиб хIалтIи-ишалда гьел ругел?
— Бурятия буго гIодобе биччараб, парахатаб, дагьаб цIорораб бакI букIин гурони, тIокIаб гIолареб рахъ гьечIеб республика. ГIадамалги руго гIадатиял, лъикIал, гIемеразда лъала Дагъистан, гьаниб бугеб ахIвал-хIал. Дагъистаниялги гIезегIан руго дора, аслияб куцалда гьел ккола аскариял, руго бизнесчагIи, тохтурзаби. Гьел киналгоги руго къваригIел ккедал ратулел, къадруялда ругел гIадамал. Бачина цо мисал. Гъуниб районалъу­л КIуяда росулъа Камил Къурбайлов, лъикIав инсан, магIишатчи, дагьав цеве гьев вищана Иркутскалъул Законодательнияб Собраниялъул депутатлъунги, гIемерал гIадамазе кумек гьабуна гьес, баркала гьесие. КIудияб баркала загьир гьабизе бокьилаан Бурятиялъул жанисел ишазул министр Олег Кудиновасеги. Гьесул хIаракаталдалъун, Дагъистаналъул жанисел ишазул органазда хIалтIулаго чIварал эбел-инсул лъимал хIухьбахъиялъе щибаб соналъ ахIула Байкал хIорида сверухъ ругел пансионатазде.
— Дур буго лъикIаб хъулухъ, руго гIемерал шапакъатал, мун кивго лъала. Амма дида ккола мун вугин цIакъго гIадатияв, гьаваялдасан воржаниги, ракьалда тIад хьвадулел ричIчIулев чи. Мекъи вугищ дун?
— Гьеб бакIалда мун мекъи гьечIо. Дида лъазего лъаларо чIухIи абураб жо, дир хасияталъулъ гьечIо гьединаб гIамал. Дида мухIканго лъала — нилъеца кидаго гьабизе ккола чIахIиязул адаб-хIурмат, киданиги кIочене бегьуларо гIураб ракь, ни­лъер ватIан, гIагарлъи, гьудул-гьалмагълъи. Гьаваялдасан воржунев вугониги, ракьалда тIад хьвадулев вугониги, кидаго цадахъ рукIине ккола гIадатлъиги гIаданлъиги. Гьедин бугони, хутIараб кинабго битIа-бишун ккола.
— Дуца бан буго 62 сон. Нужер хъулухъалда ригьалъул рахъалъ чIезабураб гIорхъи бугищ? Кинал ругел дур хадусел планал, Дагъис­таналде тIадвуссиналъул суалго борхулищ?
— ЧIванкъотIун бихьизабураб гIорхъи гьечIо, мисалалъе, МухIа­мадица бан буго 68 сон, гьев вор­жуна жакъа къоялъги. ГIемераб бараб букIуна сахлъиялда, руго гьеб рахъалъ чIезарурал нормаби, гьел цIунизе кIун хадуб цIикIкIараб къварилъи букIунаро — киналъего хIукму къотIула тохтурзабаз. ГьитIинаб ме­халда эбел-инсуца малъараб хIалтIуцаги, мархьи-колохъе хьвадиялъги лъураб кьучI жеги щулаго буго, Аллагьасе рецц ва эбел-инсуе баркала. ГьабсагIаталда дир буго лъикIаб сахлъи, дагьал цере тIурана тIадал нормабиги. Кин бугониги, Бичас биччани, 65 сон тIубарабго, телин ккола хIалтIи, гIела. Гьелдаса хадуб, гIумру батани Дагъистаналде вачIина гIемерго цIикIкIун, амма тIуванго вуссиналъул суал букIинин кколаро.
— Рагъулав полковник, хIалбихьи бугев летчик (воржунев вуго 45 соналъ) хIисабалда цо гьадинаб суалги — Россиялъул ва СШАялъул рагъулаб авиация данде босани, кинабдай ккела хIасил?
— РакIбацIцIадго абуни, хIасилалда щаклъи гьечIо — нилъ цере руго, хIинкъизе ккараб хIал гьечIо, хIинкъа абе дол.
— Дуца гIемераб заман бана Да­гъистан тун къватIиб. Амма ду­ца магIарул мацI бицунеб буго гIезегIан лъикI. Кин кIвараб гьеб цIунизе?
— Кин бегьулеб эбелалъул мацI кIочене, нечезе ккеларищ чи мацI лъаларин абизе. МагIарул мацI буго нилъер бечелъи, чIухIи, дир пикруялда, гьеб лъаларев магIарулав вукIине бегьуларо.
Гьанибго бокьилаан киналго магIарулазе гьаризе щулияб сахлъиги, рокъоб рохел-парахалъиги.
ГIабаш ГIабашилов.