Унтарал разияб хъулухъ

Республикаялда урологиялъул центр гIуцIаралдаса 25 сон ана

 

— Унтидал гурони, чиясда сахлъиялъул къимат лъаларин абула. Амма унтудаса хадуб сахлъи тIадбуссиналъул рохалиде данде кколеб жо букIунебго батиларо, — ян абуна, республикаялъул урологиялъул централъул кавудахъ дандчIварав Къакъашураса Атаев Анварица.
Ургьисалабазда ккарал ганчIаз гIезегIан гIазаб-гIакъуба кьурав Анвар, гьеб централда сахги гьавун, рокъове унев вугоан. Бицана гьес щибго жинда унти лъачIого, цIиял технологиязда рекъон, гьабураб операциялъулги, унтараздехун тохтурзабазул бугеб ракIунтараб бербалагьиялъулги, гьениб бугеб рацIцIа-ракъалъиялъулги, щибаб ригьалда кьолеб тIагIамаб квен-тIехалъулги хIакъалъулъ. ЦIакъ рази вугоан гьев урологиялъул централда унтаразул гьабулеб тIалаб-агъазалдасаги.
Ниж гьенире унел рукIана гьал къоязда жиб гIуцIаралдаса 25 сон тIубалеб урологиялъул централъул, заманалъухъ балагьун гIемерго кIудияб гьечIониги, тарих лъазабизе, гьел соназда гьенир ккарал хиса-басиязул хIакъалъулъ централъул бетIерав тохтур, медицинаялъул гIелмабазул кандидат, тIадегIанаб категориялъул тохтур ХIажиев Дибирилгун гара-чIвари гьабизе.
Дибирги данделъиялда ватун, гьев лъугIизегIан унтаразулгун гара-чIварун хутIана ниж.
— Дир бащдаб гIумру больницабазда анин абизе бегьула, — ян бицана ЧIикIаса ГIабдулаца. – Анлъго нухалъ гьаруна батIи-батIиял операциялги. ГIемерисел больницабазда дицаго росизе кколаан дарабиги къваригIараб-тарабги. Гьаниб кинабго дару-сабабги чIобого гьабулеб буго, унтараздехун тохтурзабазул бербалагьиги лъималаздехун эбел-инсул гIадаб буго.
— Нижер, чачаназул, аби буго, эмен лъикIалъуб лъималги лъикIал лъугьунилан, — ин абуна Гудермесалдаса Идиев Вахаца. – Цо къоялъ жанахIалъув дандчIвайдал, бетIерав тохтурасда дица абуна духъе къваригIел бугин, дун къабул гьавизе кида мун регIилевилан. Мун дидаса кIудияв вихьулин, дунго духъе палатаялде вачIинин абуна Дибир Пазлуевичас. ВачIана гьев бащдаб сагIатгIанасеб заманалдасан ва, дир ракI гIодобе биччазабун, ургъел бигьа гьабуна бетIерав тохтурас. Киналго унтараздехунги гьединабго адаб-хIурматгун балагьулев вугоан гьев.
— Чанго сон букIана дир, захIматаб унтиги хIехьон. Чанго больницаялде ккана, амма лъугьунеб мадар букIинчIо. Гьаниб, бачIинахъего битIараб диагнозги лъун, гьабуна операция. Метер рокъове виччазе вугин абуна тохтурас. Дун гIадин рази гьареги Аллагьас, цIидасан гIумруялде дилъ божилъи бижизабурал гьанир ругел тохтурзаби, — илан тIаде жубана Буйнакскалда гIумру гьабулев ЦIумада районалдаса МухIамадов СайгидхIусеницаги.
Гьедин, унтаралгун ниж гара-чIварулаго, данделъиги лъугIун, тIаде вачIана бетIерав тохтур. Централъул юбилей Дибирида баркиялдаса байбихьана гьесул кабинеталда нижер гара-чIвари.
— Баркала. Киданиги больница бихьизе кколареб сахлъи кьеги нужееги, нуж рокьаразеги, нужее рокьаразеги, — ян гьара-рахьи гьабуна Дибирицаги.
— Дибир, мун вуго гьаб центр рагьараб къоялдаса нахъе гьанив хIалтIулев. Бокьилаан центр гIуцIиялъе рукIарал гIиллабазулги жакъа къоялде щвезегIан нахъа тараб нухалъулги хIакъалъулъ бицине.
— Республикаялъул урологиялъул центр гIуцIана 1993 соналъул хасалихъе, доб мехалда Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министрлъун вукIарав Ибрагьимов Ибрагьимил хIукмуялдалъун. ГIиллаги гьелъие букIана, киса-кибего гIадин, Дагъистаналдаги ургьисалабаздаги кIварщул мухъаздаги ганчIал лъугьарал ва гьединалго урологиялъулал унтаби ругел гIадамал гIемерлъулел рукIин.
Гьеб заманалда центр гIуцIаниги, хадусеб соналъул ихдал гурони гIадамал къабул гьарун бажарулеб хIал букIинчIо. Гьаб букIана поликлиникаялъе бараб мина. Операциязеги рентгеналъеги, цогидал унтаразе хIажалъулел кабинетазеги цIидасан кьачIазе ккана рукъзалги гьединго унтарал регизе палатабиги. Гьелдаса хадуб лъуна доб заманалъул ресазда рекъараб медицинаялъул къайи-цIаги. Гьеб гуребги, доб хаселги букIана цIакъ гIазуги гIемераб, квачараб. Рокъоса, Редукторазул поселокалдаса, транспорт хьвадулеб букIинчIолъиялъ, гIемерисеб мехалъ лъелго вачIунаан дун.
— Байбихьудасагойищ мун бетIерав тохтурлъун вукIарав?
— Байбихьуда дун отделениялъул заведующийлъун вукIана. 1995 соналъул ноябралда Ибрагьимица дун жиндихъего ахIана. Абуна урологиялъул централъул бетIерав тохтурасул хIалтIи тIаде босизе кколин дуцаян. ЦIар гурони, бицинегIанасеб сурсат букIинчIо гьаниб больницаялъул. ТIоцебесеб тIалаялда лъим букIана жанир къуркъби лъедолеб. ГанчIалги лъун, гьезда тIасан
хьвадизе кколаан гIадамал. БукIинчIо жанибе лъугьунеб бакIалда сах-саламатаб нуцIагицин. Доб заманги нилъедаго лъаларищха кинаб букIарабали. Къаси-къаси рачIун, кина-киналги гIоркьилаз гъалмагъирал гьа-рулаан, кьвагьдолаан. Гьел кквезе рахараб-къараб каву букIинчIелъулха гьаниб. Гьеб кинабго рукIалиде бачине пачалихъалъ биччалеб гIарацги букIинчIо доб мехалда. Дирго гIагарлъиялъ, гьудул-гьалмагъзабаз, лъалел-хъвалез, бажарарас бажарараб кумек гьабун, кколелъур маххул нуцIби лъун, цогидал хIалтIабиги гьарун, дагь-дагьккун бачине кIвана гьаб жакъа нилъеда бихьулеб хIалалде урологиялъул централъул мина.
Гьеб гуребги, цоги дару-сабабалъулни бицинарин, унтарасул ругъун бухьине катанги гьелда релълъанщинабги гIолеб букIинчIо. Гьел киналго захIмалъабазул хIакъалъулъ бицун, хадув вачIарав сахлъицIуниялъул министр Мамаев Илясихъе ана дун. Гьес бакIал раялъул отделалъул начальник витIун вачIана киналъухъго халгьабизе. Гьезул хIалтIухъабаз киса-кирего хIалтIабиги гьа-руна. Гьез кколеб куцалъ къачIана къабул гьарулеб рукъ, реанимациялъулаб ва операциял гьарулеб отделениял. Министрас кьуна централъе къваригIунеб медицинаялъулаб къайи-цIаги. Гьедин рухI речIчIанаха урологиялъул централда.
— Чан унтарасе бакI бугеб гьабсагIат централда?
— Байбихьуда 80 бакI букIана, гьанже нусго чиясе бакI буго. Гьелде тIадеги ункъо чиясе бакI реанимациялъулаб отделениялдаги буго.
— Отделение чан бугеб?
— Щуго. Урологиялъул кIиго отделение, цIиял къагIидаби хIалтIизарулеб – эндо-урологиялъулаб, рентгеналъулаб ва реанимациялъулаб.
— Унтарал сахгьариялъе кинал ресалха ругел?
— Гьанжесел шартIазда рекъон, больницабаздаги цоги бокьарал бакIазда ругездаса захIматалги операциял гьаризе кIола нижер гьанир. МагIарулазда бичIчIулеб къагIидаялъ абила, ургьисалабаздаги цогидалги кIварщул мухъаздаги би баккичIого операциял гьаризе нижеца тIоцебе байбихьана Северияб Кавказалдаго. Гьеб рахъалъ Россиялдаго тIоцересезда гьоркьор рукIана ниж. Гьелъул хIасилалги лъикIал ккана, къоялдаса къоялде тохтурзабазул махщелги камиллъана. Масала, захIматго унтарав чи вачIани, бачIинахъе диагнозги лъун, кIиго-лъабго сагIаталда жаниб гьесие кумек гьабун бажарула нижехъа.
Цоги, гьанибго абила, нилъер гIадамал больницабазде рачIуна, унтуца цIакъго хIал гьабураб мехалда. Гьединаб мехалда кумек гьабизе бигьаго букIунаро. Нижеца хIалтIизе биччан буго «Сахлъи ва халатаб гIумру» абураб программа. Гьелъул магIна ккола унти цебеккунго лъазаби. Буго нижер гьеб программаялъе хаслъизабураб, кинабго хIажатаб медицинаялъул къайи-цIа жаниб бугеб машинаги. Гьебгун цадахъ уна нижер тохтурзабиги. Гьеб программаялда рекъон, гьанжелъизегIан нижеца хIалтIи гьабуна Болъихъ, Хунзахъ, Шамил, Табасаран районазда. Хадубккун дагь-дагьккун тIолабго республикаялда билълъанхъизабизе буго «Сахлъи ва халатаб гIумру» абураб программа. Масала, тIолабго Россиялда лъагIалида жаниб 4 миллион лъимер гьабулел хъизамал ругин бихьизабулеб буго. Дагъистаналда гьединазул 17 азарго хъизан бугин рикIкIуна. Гьезие кумек гьабиги буго гьеб программаялъул мурад.
Советияб заманалда ругьунаб къагIида букIана цебеккунго унтаби тIатинари. Доб улка биххаралдаса гьеб лъугIана. Гьанже Куба, Финляндия, Швейцария ва цогидалги пачалихъал медицинаялъул хъулухъ гьабиялъул советияб къагIидаялде рачIунел руго. Гьениб гIадамазул гьоркьохъеб ригь 77 сон буго. Россиялда бихьиназул — 65, руччабазул — 73 сон рикIкIуна гьоркьохъеб ригьлъун.
— Дуца абуна гIемерго захIматалги операциял гьарулин централдайилан. Махщел бугел тохтурзаби кин нужеца тIасарищулел?
— Тохтурзаби, хIакъикъаталдаги, нижер гьанир жидерго иш лъикI лъалел, махщел бугел руго. Дунги цоги чанго чиги хутIизегIан гIемерисел руго гIолохъанал. Гьел нижеца тIасарищула гьадинаб къагIидаялъ. Гьаниб буго Дагъмедакадемиялъул урологиялъул кафедра. Гьенир кIиго соналъ клиникияб ординатураялда цIалула рукIинесел тохтурзаби. Гьезул лъаялъухъги, бажариялъухъги, махщалиде бугеб рокьиялъухъги балагьун, тIасарищула хадурккун нижер
гьанир хIалтIизе гъира бугел тохтурзаби. Гьеб кафедраялда студентазе дарсал кьола лъикIаздаса лъикIал урологаз: профессор Арбулиев МухIамадица, гьесулго вас, доцент Арбулиев Камилица, ХIамзатов Анварица.
Нижер цIакъ лъикIаб бухьен буго Россиялъул урологиялъул институталъулгун. ТIадегIанаб технологиялъул операциял гьаризе гьенире ритIула гьелде хIажалъи бугел гIадамал. Дозги нилъер чагIи квалквал гьечIого къабул гьарула.
— Дагъистаналдаса гурелги, цоги бакIаздаса рачIунищ нужехъе сахгьаризе гIадамал?
— РачIуна, Чачан, Ингушетия ва Северияб Кавказалъул цогидалги республикабаздаса гIадамал. Гьездасан нижер центрги, гьаниб унтаразул гьабулеб тIалаб-агъазги лъаялъ батила, къобахъанагIан цIикIкIунел руго гьедин рачIунелги.
— Балъго гьабизесеб жо гуро, нилъер гьаниб гIемерисел больницабазда жалго унтараз росизе кколел руго дараби. Нужер гьаниб гьеб рахъалъ кинаб хIал бугеб?
— Нижер унтараз кинабгIаги дару бичун босизе кколаро. Унтарасе хIажалъулел дарабиги гьанир руго, щибаб ригьалъ тIагIамаб квенги букIуна, рацIцIа-ракъалъиялда хадуб къойилаб мухIканаб халкквейги букIуна. Унтарал разияб хъулухъ гьаби буго нижер тIолабго коллективалъул налъи. Ва, аммаха, нижееги жалго унтаразеги бокьухъе дунялалъулго медицинаялда цIар рагIараб аппаратура щвезе рес гьечIо. Дотациялда бугеб нилъер республикаялъул гьеб босизе санагIалъиги рекъолеб гьечIо. ИншаАллагь, бачIинеб батила гьединабги заман. Гьеб мехалда нилъер урологиялъул централъулги цIар киса-кибего рехсолеб бакIалде бахина. Гьелъие гIураб лъайги, бажариги, тавакалги нижер тохтурзабазул буго.
Урологиялъул централъулги гьениб бугеб ахIвал-хIалалъулги хIакъалъулъ пикру жалго тохтурзабаздасанги рагIизелъун, ниж гIенеккана эндоскопиялъулаб урологиялъул рентгеналъул отделениялъул заведующий Биларов Гъайирбегихъги.
— Нижер отделение рагьана 2011 соналда. Гьелъие хIажатаб аппарат, министрасухъеги
ун, тIалаб гьабуна бетIерав тохтурас. Цебе гIадин гуреб, гьитIинаб каратIги гьабун, бажарула гьанже ургьисалабаздаги цогидалги урологиялъулал операциял гьаризе гьаб
отделениялда.
Дибирицаги централъул щивав хIалтIухъанасе къваригIараб-тараб лъазабула, гIоларел рахъазухъ балагьула, гьел тIуразарула. Хадуб букIине кколеб къагIидаялъ нижедаса хIалтIиги тIалаб гьабула. Гьесул хIаракаталдалъун гIуцIараб, гьаб жакъасеб даражаялде бахараб буго урологиялъул центрги.
МахIмуд-Апанди МухIамадов