Пресс-конференция

14 азарго дагъистанияс борхана хIеж

«Дагъистан» РИАялда тIобитIана хIежалъул компанияз хIалтIул хIасил гьабураб данделъи

Журналистазул суалазе жавабал кьуна республикаялъул Диниял идарабазулгун бухьенал гьариялъул комитеталъул председателасул заместитель Расул ХIажиевас ва «Марва-тур» ОООялъул генералияв директор Булат Къурбановас.
Исана, квотаялда рекъон, хIеж борхана 9600 дагъистанияс. ГIаммаб къагIидаялда босани — 14 азарго чияс. ХIежалде гIадамал ине байбихьана 1 августалда, тIадруссун рачIана 8 сентябралда. Амма цо-цояз жидеего гьарулел захIмалъабазул хIакъалъулъги бицана гьез.
— Масала, цIикIкIараб ригьалъул хараби унел руго хирияб ракьалда хвезейилан. Яги лъимаде ругел руччаби унел руго хирияб ракьалда лъимер гьабизейилан. Щай бичIчIулареб гьезда жидецаго жидеего гIакъуба кьолеб букIин, — ан абуна гьез.
Исана хIежалда цо гIолохъанчиги хун вуго. Гьев вукъун вуго Маккаялда.
Гьединго данделъиялда бицана хIажизаби-налъулазул, коммуналиял хъулухъазухъ, яги налогал, ялъуни алиментал кьечIого таразул хIакъалъулъги.
— ЛъикIаб букIинаан гьединазул хIакъалъулъ, хIежалде роржине заман щвараб мехалда гуреб, цо моцIалъгIаги цебе лъазабулебани, — ян абуна данделъиялъул гIахьалчагIаз.