Рокъоб цIали гьаби – цIакъ захIматаб иш

17 апрелалда тIобитIараб бри­фингалда РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовас бицана школазда лъай кьеялда бугеб ахIвал- хIалалъул хIакъалъулъ. ИчIго ва 11 класс лъугIарал цIалдохъабаз ОГЭ­гун ЕГЭ кьолеб заман чIезабизе буго маялъул байрамкъояздаса хадуб. Министрас абуна, гьеб заманалде­ниги улкаялда бугеб ахIвал-хIал лъикIлъиялде хьул бугин. «На­гагь экзаменал тIоритIиялдалъун цIалдохъабазул сахлъиялъе за­рал букIине бугеблъи загьирлъа­ни, гьел нахърахъизеги бегьула. ЧIванкъотIараб хIукму гьабизе буго маялъул байрамкъояздаса хадуб», — ан бицана Кравцовас.

 

«ТIолгороссиялъул халгьабиялъул хIалтIаби тIоритIизе руго сентя­бралда, цIияб цIалул сон байбихьараб мехалда. Амма гьел хIалтIабазухъ щварал къиматал рикIкIине ккола­ро цIалдохъабазул аттестация гьа­билъун», — ан бицана министрас.

 

Гьединаб хIукму къабул гьаби­ялъе кьучIлъун Сергей Кравцовас рехсана учительзабазулгун, регио­назулгун, лъай кьеялъул идарабазул вакилзабазулгун ва цIалдохъабазул эбел-инсулгун гIакълу дандбаялъул хIасил.

БукIине гьечIо ТIолгороссиялъул цIалдохъабазул олимпидабазул фи­налияб бутIаги. «Олимпиадаялъул ре­гионалияб бутIаялдаги гIахьаллъун, ТIолгороссиялъул бутIаялда, ай фи­налалда, гIахьаллъизе ихтияр кьо­леллъун РФялъул Лъай кьеялъул ми­нистерствоялъ чIезарурал баллал щварал 11 классалъул цIалдохъаби рикIкIине руго гьелъул призераллъун. Гьезие кьезе руго хасал дипломалги», — ян бицана С. Кравцовас.

 

РикIкIадасан лъай кьей, жакъасеб къоялъул хIакъикъат

Россиялъул Лъай кьеялъул ми­нистерство хIадурлъулеб буго рикIкIадасан лъай кьей тасдикъ гьа­биялъул хIакъалъулъ законалда тIад хIалтIизе.

Гьединаб законалдалъун рикIкIа- дасан лъай кьей тасдикъ гьабизе кколин абураб пикру загьир гьабун букIана РФялъул Федерациялъул Советалъул председатель Вален­тина Матвиенкоца. «Школалъул ругьунаб лъай кьеялдаса тIубанго инкар гьабун данде кколаро. Гьебго заманалда рикIкIадасан лъай кьей резервалъулаб, ай жакъа гIадинаб ахIвал-хIалалда яги заманалда хIалтIизабулеблъун букIине гьечIо», — ян бицун букIана гьелъ.

 

Федерациялъул Советалъул спи­кералъул пикруялда рекъон, ко­ронавирусалъул пандемиялъ рес кьуна гIадатияб лъай кьеялда ца­дахъго школалъулги вузалъулги цIалдохъабазе рикIкIадасан лъай кьеялъеги тарихазул технологи­яздаса гIатIидго пайда босизеги. «Лъай кьеялда гьединал къагIидаби хIалтIизари ккола букIинеселде бе­гьараб гали. Гьединлъидал, гIагараб заманалда гьеб къагIида тасдикъ гьабизе ккола, рекъонкколеб законгун правоялъул низамги къабул гьабун», — ан бицана В. Матвиенкоца.

Гьелъул пикруялъул рахъ ккуна РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовас. «Жакъа нилъ кка­раб ахIвал-хIалалъги рикIкIадасан лъай кьеялде хехго руссине ккеялъги тIалаб гьабулеб буго лъай кьеялъул хIакъалъулъ законодательствоялда хиса-басиял гьари. Нижеца тIубанго рахъ ккола Валентина Матвиенкол пикруялъул ва хIадур руго рехсараб масъала тIубазабиялъе квербакъ­улеб закон хIадур гьабиялда тIад хIалтIизе», — ян бицана гьес.

 

ЦIалдохъабазе захIмалъулеб буго

ГьабсагIаталда коронавирус сабаб­лъун байбихьараб рикIкIадасан лъай кьеялдаса рази гьечIо я цIалдохъаби, я гьезул эбел-эмен, я учительза­би. ГIаммаб Россиялъул халкъияб фронталъул «Лъималазе – ращадал ресал» абураб проекталда рекъон, улкаялда тIобитIана цIех-рех. Гьел­да гIахьаллъана улкаялъул батIи- батIиял регионаздаса 13-18 сон ба­рав 2695 цIалдохъан. ЦIех-рехалъул хIасилал рахъун руго «Российская газеталда».

ЦIалдохъабазул 75 проценталъ абуна, жидее аслияб къагIидаялда кьолин хъвавул хIалтIабиян абун. ТIадкъаялги тIуразарун, гьез рахъ­ула гьезул суратал ва ритIула учи­теласухъе халгьабиялъе. 56 про­центалъул жавабалда рекъон, жидецаго цIализе кколеб буго ада­бияталъул дарс. БатIи-батIиял ин­тернет-сайтаздасан цIалулел руго цIалдохъабазул 54 процент ва 50 проценталъ дарсал гьарулел руго онлайн-платформабазда.

 

ЦIех-рехалъул гIахьалчагIазул 77 проценталъ бицана рокъоре кьолел тIадкъаязул къадар лъала­го кIодолъанин абун. 49 процент мукIурлъана хехго свакаялъе ва 65 проценталъе дарсал лъазаризе гIемерго бигьаяб букIун буго шко­лалда, ай классалда учителас би­цараб дарсида. РикIкIадасан лъай босизе захIмалъулеб бугин абуна цIех-рехалъул гIахьалчагIазул щивав кIиабилев цIалдохъанас. АнцIгоясда гьоркьоса анлъгояс бицана классал­даго цIализе лъикI букIанин абун ва щивав лъабабилес загьир гьа­буна тIадкъаял тIуразаризе цIакъ захIмалъулин абураб пикру. Щивав щуабилев цIалдохъанас карантин рикIкIунеб буго каникулаллъун, ай щибго цIалулеб гьечIо.

Рехселин цIалдохъабазул цо-цо пикраби:

 

— Школалда цIали гIемерго интере­саб буго. Дарсида учителас бицараб жо лъикI ва бигьаго ракIалда чIолеб букIана. БичIчIичIеб жо учителас­да гьикъизе ресги букIана гьениб. Рокъоб дарсазда тIадчIезе захIма- лъулеб буго.

— Тартибалде бачине ккола цIалдохъабазе кьолеб тIадкъаялъул къадар. Учительзабаз кьурал киналго тIадкъаял тIуразаризе заман гIоларо. Нижее бихьизабун буго радал микь­го тIубаралдаса къад 12 тIубазегIан заман. Цо-цо мехалда тIадкъаял тIуразаризе ккола тIолабго къоялъ. Дир пикруялда, букIине ккола щи­вав учителас кьолел тIадкъаязул мухIканаб роцен ва гьеб цIунизе кко­ла учительзабаз.

 

Гьебго цIех-рехалда гIахьаллъана улбузул 2400 чиги. Гьезул 48 про­центалъ загьир гьабураб пикру­ялда рекъон, рокъосан лъимал цIализарулаго, гьезул уна гIемераб заманги къуватги. ГIемерисезухъа бажарулеб гьечIо лъимер дарс лъаза­бизе гIодоб чIезабунцин.

62 проценталъ абуна жидер лъи­малазул цIалул хIасил цIакъ квеш­лъулеб бугин абун.

РикIкIадасан лъай кьеялдалъун гIадатияб школа хисизабизе бегьу­ларин абураб пикруялъул рахъ ккуна цIалдохъабазул эбел-инсул 70 про­центалъ. Кидаго рокъосан цIалулел рукIине бокьиларин лъазабуна цIалдохъабазул 60 проценталъги.