Щуго хъаз

(Байбихьи 5-абилеб 
номералда)
 
— Хъаз бикьаралъухъ гьаб дие букIине ккола! – ян абунила гьес. 
Ханасда гьесда абизе жо лъачIила. Рокъове унелъу­л гьесие къали цIун бугIа кьейилан лъазабунила. 
Анила заман. Гьеб лъугьа-бахъин рагIа­нила мискинчиясул сихIирав ва бечедав мадугьаласда. Гьесдаги ракIалде кканила ханасдасан къиматаб сайгъат щвелародаян. 
Хъунила гьес щуго кьарияб хъаз, режанила. Цинги гьел росун, ханасул кIал­гIаялде къокъанила. 
 
Ханасе цIакъ рекIее гIу­нила бечедав чияс рачIарал хъазал ва абунила гьесда:
— Дуда гьел хъазал ращад гьарун дир хъизаналъе рикьизе кIвани, дица дуе квер цIалтараб сайгъат кьела, — ян. 
Ургъанила бечедав чи, ургъанила, киндай щуго хъаз ханасул анлъго чи вугеб хъизаналъе бащад гьабун бикьилаян ургъанила. КигIан ургъаниги, ургъун вахъинчIила. 
АхIанила гьес кумекалъе мискинчи. 
Гьес босун цо хъаз ханасдаги гьесул чIужуялдаги цебе лъунила. 
— Гьанже нуж лъабгоял ккана, — ян абунила.
 
КIиабилеб хъаз ханасул кIиявго васасда цебе лъунила:
— Гьанже нужги лъабгоял ккана, — ян абунила.
Лъабабилеб хъаз мискинчияс ханасул кIияйго ясалда цебе лъунила:
— Лъабгоял нужги ккана, — ян абунила.
ХутIараб бищун лъикIаб кIиго хъаз мискинчияс къвалакь ккунила ва  абунила:
— Гьанже нижги лъабгоял ккана, — ян.
 
БатичIила ханасда гьесда абизе рагIи. Виччан танила мискинчи рокъове. Ханасухъа къиматаб сайгъат щвезе ракIалда букIарав бечедав чиясул хьулги хIорлъанила. 
 
                                                                                   
 
                                                                                              Историялъул дарсида
Пашманго школалдаса вуссарав васасда эбелалъ гьикъана:
— Жакъаги история­лъул дарсида кIийилаб ккун ра­гIулагури дуе. Гьедин бегьилищ, дир вас? – ан.
— Дида гIайиб щиб, баба, учителас дун гьавилалдего ккараб жо бицине тIамураб мехалъ, — ан жаваб кьуна васас.
* * *
Рахьдал мацIалъул дарсида.
Дица гьумер-кIал чурана. Дос гьумер чурулеб буго. Дуца гьумер чуризе буго, — ян лъабго предложение доскаялда хъвана учителас. 
— Кинаб заман щибаб предложениялъ бихьизабулеб бугеб? – ан лъималаздехун вуссана гьев.
— ГьатIан къо батила гьениб, — ан абуна, анкьида жа­ниб цо нухалъ гурони гьу­мер-кIал чуруларев васас.
 
 
                                                                                                ЦIумур бараб кету
 
Катица гIункIкIазул цIакъ рахIат хвезабун букIана. Щибаб къоялъ кIиго-лъабго жо къулчIулеб букIана. Цо нухалъ гIункIкIал катидаса цIунулеб куц дандбазе ракIаранила. Ургъанила, ургъанила – щибго ургъун бажаричIила. 
Цо гIонкIкIотIинчIалъ абу­на:
— Дица бицина нужеда катидаса цIунизе бегьулеб куц. Нилъ хвеялъе гIилла буго нилъеда кету бачIунеб букIин лъангутIи. Катил горбода цIумур базе ккола. Кету бачIунаго, цIумур зваргъела, нилъги тIурила.
— Гьеб цIакъ лъикI ургъун буго, — ян абуна цо хераб гIункIкIалъ, — амма лъица бугониги катил горбода цIумур базе ккела. Дуца гьеб бани, нижеца дуе баркалаги кьела.