Миллаталъул бечелъи ясбер гIадин цIунила

Инсанас гIумру гьабула гIицIго жамгIияталда, гIаламалда гьоркьоб. Гьединлъидал инсан кидаго вукIуна цогидал гIадамазулгун гьоркьоблъиялда. Жидерго пикраби, анищал, рекIел асарал цоцазе баян гьаризе, гIадамаз кидаго хIалтIизабулеб алатлъун ккола мацI.
 

МацI щулаго бухьараб буго жамгIияталдаги гIадамазул гIакълуялдаги. МацIалъ кумек гьабула жамгIият, гIелму, техника ва маданият церетIезариялъе. ГIадамазда гьоркьосеб бухьен бихьизабулеб алат хIисабалда мацI щулаго бухьараб букIуна гьеб бицунеб халкъалъул гIумруялда. Халкъалъул гIумруялъулъ хиса-басиял ккани, гьеб мацIалъулъги ккечIого хутIуларо.
Дунялалда буго анкьазарго-гIанасеб мацI, амма щивав чиясда лъазе кколеблъунги бищунго къиматаблъунги ккола рахьдал мацI. Рахьдал мацIалъ нилъее кумек гьабула дуниял ва гьелъул лъугьа-бахъинал, гIадамазул гIумру ва рукIа-рахъин, гIакълу-лъай цоцахъе кьезе, халкъалъул гIадатгун тарих лъазабизе.
Умумуз абулаан, «гIараб мацI пасихIабин, парс мацI берцинабин» абун. Амма ХъахIабросулъа МахIмудица бихьизабуна «гIараб мацIалъул пасихIлъиги парс мацIалъул берцинлъиги» магIарул мацIалъулъги бугеблъи.
Дица гIажаиблъи гьабула, рахьдал мацIалда кIалъалаго, гIуpyc мацIалъул рагIабиги гъорлъе журан кIалъалел гIадамазда. Дида ракIалде ккола нилъ кIалъазе кколин берцинаб, пасихIаб магIарул мацIалда. Гьелъ кумек гьабула рахьдал мацIалъул бечелъи цIунизе ва гьеб хадусеб наслуялъухъе кьезе.
Щибаб миллаталъул букIуна жибго бетIергьанаб мацI. Гьеб ккола миллаталъул бечелъи. МацI бечедаб бугебгIан, миллатги бечедаб букIуна. Гьелда гъорлъ ратула синонималги, омонималги, антонималги, берцинал рагIабазул сокIелалги.
Щивав чиясда тIадаб буго жиндирго мацIалда кIалъазеги хъвазеги лъазабизе. Литературияб мацIалда битIун кIалъазеги хъвазеги лъалеб бугони, гьеб ккола тIадегIанаб даражаялда рахьдал мацI лъалеб букIин.
Рахьдал мацI цIуниги гьеб цебетIезабиги гьанжесеб нилъер гIумруялда Жаниб кIвар бугеб суал ккола, щайгурелъул инсанияталда гьоркьоб лъугьунеб иш мацI бициналдалъун лъугьуна. МацI цебетIечIони, церетIоларо гIелмуги, техникаги, маданиятги. Гьединлъидал нилъее бокьизе ккола нилъерго мацIги, ВатIанги, маданиятги. Гьеб бокьизе ккани, цIализе ккола ЦIадаса ХIамзатилги, Расул ХIамзатовасулги, Фазу ГIалиевалъулги, цогидазулги
асарал.
Цо-цо гIадамаз, рахьдал мацI бицунаго, хIалтIизарула кигIан хIажат гьечIониги, батIияб мацIалъул, хасго гlypyc мацIалъул рагIаби. КъваригIелго гьечIого хIалтIизарурал чияр мацIалъул рагIабаз рахьдал мацI хвезабула. Хасго гьеб тIибитIун буго гIолохъанаб гIелалда гьоркьоб. ДандчIвала жидерго рахьдал мацIалъул хIурмат гьабуларел, рахьдал мацIги rlypyc мацIги жуба-гъубазабун бицунел дагъистаниялги. РачIа нилъеца нилъерго мацIги маданиятги, ясбер гIадин, цIунизин!
«РФялда лъайкьеялъул хIакъа-лъулъ» абураб къануналда рекъон, аслияб масъала ккола гIемермиллатазул мацIги, маданиятги, гIадаталги цIуни. Багьа цIикIкIараллъун ккола нилъер халкъалъул ва умумузул гIадаталги, махщелчагIазул тIагIелалги, халкъалъул кIалзул гьунаралъул асаралги.
БачIунеб гIелалъухъе ирсалъе кьезе кколеб бищун аслияб хазина ккола мацI. Щайгурелъул рахьдал мацIалъ бихьизабула миллаталъул маданият, мацIалъулъ загьирлъула халкъалъул ургъелал, гIамал-хасият. Гьеб кинабго цIунизе ккани, цIунизе ккола рахьдал мацIги гьелъул цебетIейги.
Расул ХIамзатовасул творчествоялда жаниб аслияб бакI ккола мацI ва халкъалъул маданият цIунизе ккеялъул бицунел асараз. Гьеб ра-хъалъ мисаллъун ккола шагIирасул «Авар мацI» абураб кечIги. Гьеб ккола миллаталъе гьечIого гIолареб нахърател, нахъарукъ, гьансито.
 
«Амма гьал кьурабалъ
улкаялъ тарал
Мактабазда гьеб мацI
малъизе ккела.
Гьеб рекъараб буго
нилъер халкъалда,
Черхалда борчараб
рачел киниги», — ян хъвана шагIирас.
Рахьдал мацI бацIцIадго бицине лъалеб бугони, нилъеда лъала пасихIго кIалъазе, кучIдул цIализе, харбал рицине, кицаби тIамизе, бицанкIаби чIвазе.
Нилъер мацIалъул гъварилъуде раккани, нилъергIан пасихIаб мацI батиларо.
Гьанжесеб гIелалъул цо-цо гIадамаз бацIцIадго бицунаро магIарул мацI. Гьез жигар бахъуларо я рокъоб, я школалда гьеб лъазабизе. Гьел кIалъала рекIинчIеб гIащтIиялъ цIул бичIулел чагIи гIадин.
 
«Щай дие къваригIун
бугеб Дагъистан,
Дир гьаракь бахъани
дир лъималахъа?
Щай дий магIаруллъи,
магIарул чагIаз
Чияр мацI бицунеб
жидерго гъасда?»
(Р.ХIамзатов)
 
Вай, дир пасихIаб авар мацI! Мун гьечIони, рахьи кин балеб, зигара кин гьабилеб, гьоболлъухъ кин рещтIинев, кечI кин ахIилеб?
ШагIирзабаз ва хъвадарухъабаз тараб авар адабият лъица цIалилеб? МацI лъалеб гьечIони, нилъер «ХIакъикъат» газета лъица цIалилеб? Расулица абун буго: «Нужеца мацIги цIарги кIочене тани, лъица цIализе ругел къватIире риччарал дир тIахьал?» — ан.
Миллаталги мацIалги гIемер-лъиялъ берцин гьабула Дагъистан, хIатта Россиягицин. МацIал батIи-батIиял рукIаниги, дагъистаниязул анищалги хьулалги цохIо руго. МацIазул гIемерлъиги гIадамазул цолъиги – гьеб букIана Россиялъул аслияб чIухIиги, тIадегIанлъиги, борхалъиги.
ГIакълу дагьал цо-цо гIадамаз абулеб буго, рахьдал мацI лъачIониги тIубалин абун. Гьеб мехалъ тIагIуна халкъалъул адабги, гIаданлъиги, цоцазул гьабулеб хIурматги, умумузул бахIарчилъиги. Гьединал гIадамаз нилъер мацIалдаги миллаталдаги тIад роржанхъизарулел руго чIегIерал накIкIал. Гьез бицунеб буго, лъималазе бокьани гурони, рахьдал мацIал малъизе кколарин абураб загIипаб хабар. Бахъуге халкъалъухъа ТIадегIанас кьураб рахIмат! Биччанте школазда рахьдал мацI малъи тIадаблъун гьабизе! Гьеб мацI нилъехъа бахъани, букIине гьечIо нилъер адабиятги маданиятги. Батиладай хадусел наслабазда нилъер гъасда эбелалъулаб хинлъиги инсулаб тIалабги?
Нилъер бахIарчиял умумуз нилъехъе кьураб бищун хирияб хазина буго рахьдал мацI. Гьеб нилъехъа бахъани, тIагIуна миллат.