Данделъи

Халкъазда гьоркьосеб гьудуллъиялъул алат

 

ГIурус мацI малъиялъул рахъалъ ругел
масъалабазул хIакъалъулъ бицана

Анкьабилеб ноябралда МахIачхъалаялда, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана гIурус мацIалъул учительзабазул конференция. Гьелда гIахьаллъана тахшагьаралъул вузаздаса гIалимзабиги, студенталги, школазул учительзабиги.
ГIурус ва Дагъистаналъул мацIазул бухьеназулги гьелъул пайдаял рахъазулги хIакъалъулъ бицана РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул директор МухIамад МухIамадовас. Республикаялда лъайкьей цебетIезабиялъеги дунялалъулго адабияталъулгун лъай-хъвай гьабиялъеги кIвар бугеб алатлъун рехсана гьес гIурус мацI.
ГIурус мацI школалда малъиялъул къагIидабазул хIакъалъулъ бицана №38 гимназиялъул завуч Светлана Новодворскаялъ. ЦIалдохъабазул гIисинал къокъабиги гIуцIун, дидактикиял хIаялги тIоритIун дарс кьуни, мацI лъазабиялъеги кIалзулаб калам камиллъизабиялъеги рес букIунин абуна гьелъ.
Конференциялда тIобитIана гургинаб столги, кьуна мисалиял дарсалги.