Лъай гьечIони, хIасил кколаро

 

   ДГМУялъул ректорлъун Висимпаша Ханалиев тIамуралдаса анкьго моцI гурони гьечIо. Гьев ккола жиндир заманалда гьеб тIадегIанаб цIалул идара лъугIарав ва гIемерал бакIазда хIалтIун хIалбихьи щварав тохтурги гIуцIарухъанги. Къокъабго заманалда жаниб щибха бажарараб?

   ТIоцебесеб иргаялда, цIияв ректорасда кIвана гъункараб, церечIарал масъалаби тIуразаризе кIолеб коллектив гIуцIизе, медуниверситеталда ришватчилъиялъе бакI букIине гьечIин абураб пикру киназдаго рагIизабизе. Медуниверситеталда преподавателазул ва студентазул цIалудехун бугеб бербалагьи дагьдагьккун лъикIаб рахъалдехун сверулеб букIин бихьизабулел гIемерал хIужабазул цояблъун рикIкIине бегьула тIоцебесеб июналда гьениб тIобитIараб тадбирги.

   Ректорасулгун ва деканазулгун букIараб данделъиялде ахIун рукIана цIалул хIасилал цIакъго загIипал студентал ва гьезул эбел-эмен. Гьениб ректорас бицана цIалул рахъалъ бугеб ахIвалхIалалъул хIакъалъулъ, студентал ахIана къваригIел гьечIел ва хIасил кколарел хиялалги тун, тIахьалги росун, цIалуда тIадчIезе. Эбел-ин- судаги гьес гьарана, гIарцудалъун ялъуни лъил бугониги рагIудалъун тIуралин ккарал чIорогоял хьулалги тун, лъималазда хIакъикъат бичIчIизабеян. Гьебго пикру загьир гьабуна кIалъазе рахъарал батIибатIиял факультетазул деканазги.

Гьаб цIакъ кIвар бугеб тема букIинги хIисабалде босун, редакциялъул хIукму ккана цоги нухалда гьелде тIадруссине ва гIатIидго гьелъул хIакъалъулъ хъвазе.

 ГI. ГIабашилов