ЕГЭ — 2018

Бербалагьи хисун буго

 

Экзаменал кьолелъул гIадлу хвезабуразе гьабизе буго кьварараб тамихI

23 маялда Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас ва лъайкьеялдаги гIелмуялдаги хадуб халкколеб федералияб хъулухъалъул нухмалъулесул замес­титель Анзор Мусаевас тIобитIараб данделъиялда бицана ГИАялде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ.
Республикаялда ЕГЭ кьеялда хадуб халкколеб буго Рособрнадзоралъул, РФялъул УФСБялъул, прокуратураялъул, МВДялъул хIалтIухъабаз, Халкъияб Собраниялъул депутатаз. Жакъа нилъеда бихьулеб буго цIалдохъабазулги гьезул эбел-инсулги ЕГЭялдехун бугеб бербалагьи хисун букIин. 2014 соналда, масала, гIурус мацIалъул экзамен кьезе кIвечIо яги цIакъго гIодерегIанал баллал щвана цIалдохъабазул 66 проценталъе, гъоркьисалайин абуни, гьединазул къадар дагьлъана 36,6 проценталде щвезегIан. 2017 соналда экзаменазе нусго балл щвана 16 выпускникасе.
Исана Дагъистаналдаса лъабго цIалдохъан вахъана ТIолгороссиялъул олимпиадабазул призераллъун. 2017 соналда экзаменал кьолаго, гьезул низам хвезабураб 526 хIужа ккана республикаялда. Гьелдеги цIикIкIараб кIвар кьезе ккелин Лъайкьеялъул министерствоялъилан абуна республикаялъул нухмалъулес. Гьединго гьес районазул ва шагьаразул бутIрузда тIадкъана экзаменал гIуцIадго иналда хадуб халкквезе.
Анзор Мусаевас бицана, экзаменал тIоритIулеб куцалда хадуб хал­кквезе, жамгIиял халкколел хIисабалда, Дагъистаналде улкаялъул цогидал регионаздаса 12 студент вачIине вукIиналъул.