«Дир магIарул рагIи…»

8 февралалда Болъихъ районалъул РахатIа росдал школалда тIобитIана тIолгодунялалъул рахьдал мацIазул къоялда хурхун байрам. Гьелда гIахьаллъи гьабуна школалъул мугIалимзабазгун цIалдохъабазги, тIолабго росдал жамагIаталъги.
ТIаде рачIун рукIана гьалбалги: Тахо-Годил цIаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан ХIайбула Вакилов, авар мацIалъул мугIалимзабазул цолъиялъул нухмалъулей ва «МагIарулай» журналалъул редактор Баху МухIидинова ва Хатимат МухIамадовалъул нухмалъиялда гъоркь телевидениялъул къокъа.
КIудияб асар гьабуна гьеб тадбиралда гIахьаллъанщиназе гIумруги лъалел гIемераб лъикIаб-квешабги бихьарал харабазул каламалъ. Гьезул цо-цоязда нилъер шагIирзабазул тIубарал поэмабицин рекIехъе лъалел ругоан. Харабазул рекIелъан чвахун бачIунеб букIана магIарул маданияталдеги, адабияталдеги, тарихалдеги бугеб рокьи, гьеб гIолеб гIелалъ гIодобе рехилилан бугеб хIинкъи. Гьаб гIел цебеса араб мехалда кигIан цIакъдай нилъ мискинлъилаян бачIана
пикру.
2017 соналда цIа ккун школаги бухIун, буртаби гьарулеб артелалъул минаялъуб дарсал кьолел хутIун ругониги, школлъималазеги щибго камураб жо тун гьечIо РахатIа росдал школалда. Бахиллъизе бачIана гьезул педагогазул коллективалда. Щиб гьабулеб бугониги, цадахъ, цо хъизан гIадин бокьараб иш тIубазе хIадурал ругоан гьел.
Гьале гьаб нухалъги, авар мацIалъул мугIалим ПатIимат ПатхIулаевналъул нухмалъи-ялда гъоркь, тIобитIана рахьдал мацIалъул байрам. Роржине къачIарал хъахIмакказда релълъун ругоан рахатIисезул ясалги. Гьез гьабураб адаб-хIурматалъулги, хIадурун ратарал умумузул нигIматазулги бицун пайда гьечIо, бихьун гурони. КIарчанал ясли-ахалъул лъималазги хIайран гьаруна байрамалде рачIанщинал.
Киназулго рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркала кьезе бокьун буго гьеб байрам гIуцIарал, хIадурарал ва нухда бачине кумек гьабурал, МухIамадзагьидова ПатIиматидаса байбихьун, щивасе.
Цоги нухалда бихьизабуна нилъеца магIарул мацIалъулги, кечIалъулги, кьурдулги, гормендаби чIварал ясазулги, хъубухъун бухари тIагъур лъурал васазулги бер-цинлъи.