ТалихIалъул рукъ цIеги

Гьалеха, хIурматиял цIалдолел, тарихалде ана миллияб маданияталъе ва адабияталъе сайгъат гьарурал гьурмал. Гьез нужее араб соналдаги бицана миллаталъул адабияталда ва маданияталда ккарал лъугьа-бахъиназулги, шагIирзаби-хъвадарухъабазулги, магIарул ко­чIолаб дунялалъулги.

Нужеца цIа­лана магIарул музыкалияб дунялалда цIвабилъун кенчIолел ругел МухIамад ГIабасовасулги, Абакар ГIумархIажиевасулги, ГIаб­дула МухIамадмирзоевасулги, Му­хIамадтIамир Синдикъовасулги, Му­хIамадтIагьир Къурачевасулги, Хадижат Жамалудиновалъулги, ХIамзалав ХIамзаловасулги, Зай­наб Махаевалъулги ва цогидалги магIарул кочIол къагIидаги ссиги цIунарал кочIохъабазул сариназул къиса. Гьездаго аскIор руго магIарул композиторазул цIа­ралги. Гьезул бакънал роржуна нилъехъе магIаруллъиялъул рогьелги гьогьенги босун. Гьел ккола магIарул бакъназул устарзаби ГIали Абакаров, Ибрагьим Ибрагьимов, АхI­мад ГIамирханов ва Каримула ГIаб­дулаев. Гьезул кечI кидаго буго халкъгун. Бицана нужее ракIунтун гьеб дунялалде жанире лъугьине хIаракат бахъулел ругел цо-цоязул концертазул хIакъалъулъги. Гьенир ахIулел чIорогоял кучIдуз щибго кеп кьолеб гьечIин дида кколеб букIараб батаниги, гьездасан гIурабго пайда босана, рагIабазухъги гIинтIамичIого, кьурди-хъатги ахIи-хIурги бокьулел гIоркьилазги.
Гьединго хъвана росабазул, шагьаразул библиотекабазул ва музеязул хIакъалъулъги. Газеталдаго цадахъ миллияб театрги ккола магIарулазул гIумруялъул матIулъун. ХIаракат бахъана гьелъул артистазулги, рихьизарулел спектаклязулги хIакъалъулъ нужее бицине . Хасгьабун бицана театралда жидерго кунчIарал лъалкIал тарал артистал ГIабдурахIман Магаевасул, Басир Инусиловасул, Муса ГIабасовасул, ГIайшат Къурбановалъул, Зайнаб Набиевалъул ва цогидазулги хIакъалъулъ.
«Кин йигей, магIарулай?» рубрикаялда бицана магIарул гIадатиял руччабазул хIакъалъулъ. Хъвана гье­зул къисматалъулги хIалтIи-пиша­ялъулги хIакъалъулъ.
Гьединго бицана цIалдолезе ма­гIарул адбияталда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъги.
ТIоритIана шагIирзабазулгун га­ра-чIвариял, газеталда рахъана гьезул асарал ва гьезие къимат кьурал макъалаби.
Хъвана магIарул мацIалда къва­тIире рачIарал цIиял тIахьазул хIа­къалъулъги, бицана санайил Дагъистаналда тIобитIулеб адабияталъул байрамлъун кколеб «ХъахIал къункърабазул» къоязул хIакъалъулъги. ДандчIвана шагIирзабигун. АхIана гьел школалде цIалдохъабигун данд­чIвазеги. Гьединго щвана Нурадин Юсуповасул ва Расул ХIамзатовасул цIаразда ругел библиотекабазда маданияталъе ва адабияталъе сайгъат гьарун, тIоритIулел тадбиразде.
Амма ракIбакъвачIого хутIуларо, цо-цо «шагIирзабазул» кучIдул цIалараб мехалдаги. ШигIрияб улкаялда чIобоголъиялъе бакI букIине бегьуларо, гьениб ханлъун чIагояб гьунар букIине ккола. ШигIруялъ тарбия кьезе ккола инсанасе.
РакIалда буго исанаги цIикIкIараб кIвар кьезе росабалъ лъугьа-бахъунелдеги. Нужер кумекалдалъунха, хIурматиял цIалдолел! СанагIалъи ккаралъуре, нужеца ахIани рачIина, нагагь рачIине бажарулеб гьечIони, хъванги битIизе бегьула. Нижехъе гьоболлъухъе рачIани, цIакъго рохизеги рохилаан. Щайгурелъул аслияб къагIидаялда газеталъул гьудулзаби магIарухълъидалха ругел.
Исана дун щвана ЧIарада, Хунзахъ, Казбек районазде, Хасавюрт, Буйнакск, Гъизилюрт, Гъизляр шагьаразде ва цогидалги бакIазде. Ана магIарул мацIалъул учительзабазул дарсазде, бицана магIарул мацI лъазабизе ва цIунизе ккеялъул хIакъалъулъ.
Гьале тIаде щвана цIияб сон. Биччанте гьеб букIине талихIаблъун, лъималазулги гьезулги лъималазулги бадисан нужее гьимизе талихI.
Риччанте бакъул чIораз берцин гьабизе нужер къисмат. РекIел мурадалги тIурайги, цIиял анищалги тIирщаги, лъагIалил ахиралде тIегьанги рачIаги гьел.