Миллаталъул цолъи

Гьудуллъиялъул кьалбал

Дагъистанияз гуребги, къабул гьабула лезгинка

Санкт-Петербургалдаги буго Дагъистана­лъул халкъазул кьурдул ансамбль «Гьудуллъи». Гьелъие нух­малъи гьабулеб буго ДРя­лъул культураялъул мус­тах­Iикъав хIалтIухъан Ашра­ффудин Мехтиевас. 13 со­налъ па­­на гьарулел руго «Гьу­дул­лъиялъ» Россиялъу­л ша­гьа­разул ва къватIисел па­чалихъазул гIадамал. Ансамбль гIахьаллъула санайил тIо­битIулеб шагьаралъул фестивалалда. Исана ансамбль мустахIикълъана тIоцебесеб бакIалъе.
«Гьудуллъиялда» кьурдулел руго цохIо дагъистаниял гурелги. Гьеб берцин гьабун буго Россиялъул батIи-батIиял миллатазул гIисинал вакилзабаз. Гьенир кьурдулезда гьоркьор руго Санкт-Петербург, Компино, Пушкин шагьараздаса 60 лъимер. Ансамбль щвана Китаялде, Алжиралде. Гьелъ гьединго цересел бакIал ккуна батIи-батIиял фестивалазда. Масала, «ЦIвабзазул кунчIи», «ЦохIо зодикь», «Цоцазул кве­рал кквелин, гьудулзаби», «Кавказалъул халкъазул фестиваль» ва цогидалги.
Санкт-Петербургалда вугев Дагъистана­лъул вакил ХIасан ХIасановас абуна:
— Ансамблялъ гIагар гьарулел руго Россиялъул миллатал. Балагьаразе лъикIаб асар гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъазул кьурдабаз. Гьадинал церерахъиназ бицуна цогидазе Дагъистаналъул гIадатазулги, культураялъулги, гIадамазулги хIакъалъулъ. Ашраффудин вуго жиндир­го хIалтIуе ракIги кьун хIал­тIулев чи. Гьединаз бицуна дунялалъе гIагараб ракьалъул хIакъалъулъ. Жеги гIемераб хIалтIи гьабизе ракIалда буго гьесда,- ян.
Гьарула Ашраффудиние­ги гьесул гIисинал гьу­нар­чагIазеги дагьабги маш­гьур­лъиги гьунаралъе цIу­байги. Жеги гIемерал саназ ро­хизареги нилъ ансамблялъул церерахъиназ.