АхIмадил бакъназул асирлъуда

МагIарул музыкалияб азбукаялда жиндирго лъалкI бугев

 

Гьес гьениб бакараб цIадухъ рещтIарал кьолола гIолиллъиялъул гIанчIлъиялъги, анищаллъун хутIарал хьулазги, къисматалъухъе нух къосараб рокьуцаги, рокьуца хасаб берцинлъиялъул гугьар жидее сайгъат гьабураб гIумруялъул сверабазги. Гьебго горсверулъ нилъ дандчIвала бакъназул хIеренлъи-недегьлъигунги.

 

Ансадерил кьурабиги гIанлъулаго, гьелъул тIадегIанал мугIрузда тIавапги гьабулаго, гьел журан уна АваргIурул карачелабалъе. Цин гьулчун, цинги сихIкъотIун карачелалгун расандулаго, гьел рещтIуна миллияб кечI-бакъаналъул къимат лъалел магIарулазул ракIазулъ. Ва щивасул рекIел гъварилъудасан бухIигун, ахIигун, рохелгун, пашманлъигун, релъигун, гIодигун загьирлъун рачIунел АхIмадил бакъназ гIажаибго берцинаб асар гьабула тIабигIаталъегицин.
300-гIан бакъаналъул автор, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи, магIарул халкъалъ къабул гьавурав бакъназул устар АхIмад ГIамирханов «ХIакъикъат» газеталде гьоболлъухъ вачIун вукIана араб анкьалда. Жакъасеб миллиб музыкалияб дунялалда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ гьесулгун гара-чIвари гьабуна газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиевалъ. ГIумруялъул ва творчествоялъул хIакъалъулъ.

ТIоцересел галаби

АхIмад ГIамирханов гьавуна 1955 соналъул 26 февралалда Унсоколо районалъул Унсоколо росулъ. ГьитIинаб мехалдаса нахъего гьесие кIудияб асар гьабулаан кечIалъ. Гьес хIаракат бахъулаан кидаго кинаб концерт росулъе бачIаниги, гьелъухъ валагьизе ва гIенеккизе. Школалда цIалулагоги, АхIмадица хIаракат бахъулаан художествияб хIаракатчилъиялъулъ гIахьаллъизе. Гьезул «ГIанчилал» абураб тухумго рикIкIуна росулъ бищунго музыкалияблъун. Инсул вац ХIайбулагьица махщалида рачунел рукIун руго аргъаналда накаби, ва буго росулъ тIибитIараб ГIанчил бакъанилан абулеб бакъанги. АхIмадил вацгIал Мусаги мугIрузул районаздацин машгьурав музыкант вукIана. Гьес берцинго рачунел бакъназ гIадамазул ракIал хIайран гьарулаан. АхIмадил МухIамадгIалиеги цIакъ рокьулаан магIарул халкъиял бакъназда ахIулел кучIдул. Эбел ПатIиматицаги ахIулаан халкъиял бакъназда кучIдул. Гьелъухъа щвараб батила АхIмадиеги магIарул кечI-бакъаналде рокьи.
ИчIабилеб классалда цIалулеб мехалда, гьесул гIумруялъулъ ккана ракIалда букIинчIеб лъугьа-бахъин. Школалда тIобитIулеб художествияб хIаракатчилъиялъул репетициялде ахIун вачIун вуго ГIашилтIаса МухIамаднур Расулов. Гьев хIалтIулев вукIун вуго Унсоколо районалъул Культураялъул рокъов.
— Гьес баян бачунеб мехалда, дир рекIее лъугьана кIудияб асар, дида ракIалде ккана дицаги, гьесго гIадин, аргъан хъвазе лъазабилилан яги кверал къотIун рехилин. ХIакъикъаталдаги дир кIудияб рокьи ккана магIарул кечI-бакъаналде, гьеб рокьуца дун ахIана дирго махщалида тIад хIалтIизе. 1973 соналда школаги лъугIизабун, дун хIалтIизе лъугьана Унсоколо районалъул культураялъул рокъов. Гьениб дие рес щвана Расулов МухIамаднургун цадахъ баян хъвазе ругьунлъизе, гьесги дие гьелъул киналго балъголъаби рагьана. Дун щибаб къоялъ гIенеккулаан гьес хIасратго рачунел бакъназухъ. 1974 соналда дун ахIана Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе. РакI-
бацIцIадго тIадаб налъиги тIубан, дун тIадвуссана гIагараб росулъе. 1977 соналда дун цIализе лъугьана Дагъистаналъул педагогияб институталъул музыкалияб факультеталде, гьенир дида дандчIвана гьунар тIокIал мугIалимзаби. Гьез дие кIудияб кумек гьабуна музыкалияб Азбука тIадчIун лъазабизе. Гьезда гьоркьор рехсечIого гIоларо музыкаялъул ва кечI ахIиялъул кафедраялъул нухмалъулев Абусупян ГIалихъараев, баян малъулев Карпов Виктор, Панюкова Г.Ф. ва гь.ц. Хадувго дандчIвана композитор Ибрагьим Ибрагьимовгун, гьесги дие гIемерал къиматал малъа-хъваял гьарулаан,- илан ракIалдещвезабуна АхIмадица.
Факультеталда цIалулаго, историялъул дарсал кьолев махщел тIокIав гитарист Абусупян ГIумаровасда бихьана АхIмадица баян хъвалеб къагIида. Гьес АхIмад жиндихъего гьоболлъухъе ахIула. Сордо рогьинегIан гьес гIолохъанав АхIмадие махщалида рачана магIарул бакъназдаса байбихьун Амадей Моцартиде гIунтIун цо чанго хIикматаб бакъан. АхIмадги нухарегIулаго, Абусупяница насихIат гьабуна гьесие бакънал ургъиялда тIад хIалтIизе хIаракат бахъеян. Амма АхIмадида лъалел рукIинчIо бакъан ургъизе кколел къагIидаби, гьес гьаруна гIемерал хIалбихьиял, кIвар кьун гIенеккана машгьурал композиторазул асаразухъ, ракIалдещвезаруна нилъерго умумуз ургъарал бакъналги.
Лъабабилеб курсалде вахъарабго, АхIмадица байбихьана бакънал ургъиялда тIад хIалтIизе. Кинабго гуро битIун кколеб букIараб.
— Дица тIоцебесеб бакъан хъвана «Солдатасул кагъат» абураб кечIалъе, ва тIоцебе гьеб радиоялдасан ахIана доб мехалда музыкалияб факультеталда цадахъ цIалулев вукIарав Къурбан МухIамадовас. Хадубго хъвана Р. ХIамзатовасул «Марям» ва ГIадалло ГIалиевасул рагIабазда «Сордо щай рукIкIунеб» абурал кучIдузе бакънал. Гьел махщалида ахIана МухIамад-ТIамир Синдикъовас. Дида кватIичIого бичIчIана Абусупянил анищ дихъа рагIалде бахъинабун бажаризехъин букIин,- ан бицана АхIмадица.

Манаршахъ гьоболлъухъ

— Цо пуланаб къоялъ дир лъай-хъвай ккана Дагъистаналъул халкъияй артистка Манарша Дибировалъулгун. Дун намусго вукIана гьелда дицаги бакънал хъвалин абизе. Амма кин букIаниги, дица гьелъие дицаго ургъараб цо чанго бакъан бачана. Гьелъие гьел рекIее гIуна. Хадубго Манаршаца дие цо чанго кечI ахIана, гьелъул хIикматаб гьаракьалъ дун битIахъе хIайран гьавун вукIана. Гьелдаса хадуб инчIо гIемераб заман, дица хIаракат бахъана Манаршае дандекколеб къагIидаялъул цо- кIиго бакъан ургъизе, ва, гьел бакъналги росун, дун гIедегIана Манаршахъе. Гьей бакъназухъ гIенеккана, ва гьелъ гьел жиндирго концерталъул репертуаралде росана.ТIоцебесеб кечI букIана Р. ХIамзатовасул «Хъваге дихъе кагъат» абураб кечI. Манаршаца гьеб ахIараб мехалда, дир рохалие гIурхъи букIинчIо, щайгурелъул доб мехалда худсоветалъ къабул гьабичIеб кечI сценаялде биччалароан. Дирги Манаршалги лъикIаб гьудуллъи ккана. Бертабалъги концертаздаги ниж гIезегIан соназ цадахъ церерахъана. Хадурго гьелъ дир цо чанго бакъан гIадамазухъе щвезабуна, масала, Р. ХIамзатовасул «Камалил Башир», З. МухIамадрасуловалъул «ЦохIо диде бугеб рокьи батани» рагIабазда ахIарал кучIдул.
Цо къоялъ Манаршахъе гьоболлъухъе щварав дун, гьенив рокъов гIодовги чIун аргъан хъвалаго, дирго цIияб бакъан ахIулев вукIана. Дида бичIчIана гьей, дие квалквал ккеларедухъ, дида аскIое гIагарлъулей йикIин. Дицаги, щибго рагIичIеб ххвел гьабун, кечI рагIалде щвезабуна. Манаршаца гьарана гьеб кечI нахъеги такрар гьабеян,- дида бихьана гьелъие кечIалъ асар гьабураблъи, щайгурелъул гьелъул беразда магIу кенчIолеб букIана.
КечIалъ Манаршае гьабураб асар бихьидал, дида бичIчIана гьелда жиндирго эбел ракIалдещварайлъи. Щибаб цIияб бахъараб бакъанги босун, дун щолаан Манаршахъе, гьелда бакъаналъул рахъалъ пикру цIехезе, ва гьелъги дир бакъназе мустахIикъаб къимат кьолаан, — илан гъира-шавкъалда бицана АхIмадица.

Творчество цIубалеб гIужалда

— Цо-цо композитораз хIал гьабун тIамула кочIохъаби жидерго бакънал ахIизе, амма дида гьеб сурун бихьулеб букIана, щайгурелъул бакъан лъикIаб лъугьани, гьеб лъиданиги ахIеян гьаризе кколаро, кочIохъабаз гьеб, нилъедаги гьикъичIого, жидецаго ахIулелъул. РакI-ракIалъ ахIулеб гьечIони, гьелъул кечI лъугьунаро,- янги абун, цIидасанги харбиде жувана АхIмад.
Институт лъугIун хадув гьев хIалтIана Унсоколо № 2 гьоркьохъеб школалда, хадув тIамуна Унсоколо районалъул искусствабазул школалъул нухмалъулевлъун.ТIубана АхIмадил аслияб мурад — гIагараб росдал лъималазе музыкалияб тарбия кьезе щвей.
Унсоколо хIалтIулел соназда АхIмадица жиндирго бакънал малъулаан Дагъис-таналъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан, районалъул Культураялъул рукъалъул художествияб хIаракатчилъиялъул нухмалъулей ПатIимат Магаевалда. ПатIиматица жиндирго репертуаралде росун рукIана гьал хадур рехсарал кучIдул: Р. ХIамзатовасул «Эбелалъул ракI», «Эбелалде», ГI. Шахтамановасул «Хирияв, бачIунге дие сайгъат», «Эбелалде», С. Гьудибировасул «АхIе, Манарша»,
И. Кусалаевасул «Мун йихьичIони» ва гь.ц.
ПатIимат Магаевалъ дир бакъаналда ахIана лъебергоялдаса цIикIкIун кечI.
Унсоколо цоги йикIана гIажаибаб гьунаралъул кочIохъан, ПатIимат МухIамадова, гьелъул репертуаралдаги рукIана АхIмадил бакъназда ахIулел гьал хадур рехсарал кучIдул: М. Гунашевасул «Рокьи хутIаги нужер», АхIмадил «Дир росу», Р. ХIамзатовасул «Рокьул кечI» ва цогидалги.
ПатIимат МухIамадовалъги хIаракат бахъулаан АхIмадил кучIдул гIадамазул рекIелъе рортуледухъ ахIизе. ПатIиматил эбел-эменги рукIана кутакалда ихтилат-кеп бокьулел гIадамал. Гьелъул эмен ГIабдурахIманил МухIамад «къанцIа» кьурдизе махщел бугев чи вукIана, гьесул лъималазеги щвана гьединабго гьунарги махщелги.

АхIмадил сариназул роржен

1984 соналъул 18 апрелалда Унсоколо тIобитIана АхIмад ГIамирхановасул бакъназул тIоцебесеб сордо. Гьенире рачIун рукIана гьунар тIокIал кочIохъаби, Дагъфилармониялъул артистал Манарша Дибирова, Пазилат ГIабдулаева, АхIмад ГIамиров, МухIамад-ТIамир Синдикъов, ХIабиб ГIумаров ва цогидалги.
Бакънал хъваялда гIей гьабичIого, АхIмадица хъвала кучIдулги, гьел рахъана Болъихъ ва Унсоколо районазул газетаздаги. Гьединаздасан ккола «ПатIимат», «Улбузул хIакъалъулъ кечI», «Питнаялде данде рахъа», «ТIоцебесеб рокьи», «Гьукъе рагъ» абурал ва цогидалги кучIдул.
— Цо чанго соналъ росулъги хIалтIун, хIакимзабазул мекъаб бералда вихьараб къагIида, къвалакь аргъанги ккун, АхIмадица МахIачхъалаялде сапар бухьана. Цо-кIиго соналъ хIалтIана Дагъфилармониялда. Хадув гьев восана МагIарул театралде музыкантлъун. Мехго балалде театралъул директор ХIабиб ХIажиевас гьев тIамуна театралъул музыкалияб бутIаялъул нухмалъулевлъун. КватIичIого театралъул режиссераз гьесда тIадкъана спектаклязе дандекколел бакънал ургъизе. Цо чанго спектаклялъе хъвана музыка. Театралда хIалтIулагоги, АхIмадида бичIчIана гьениса жиндие харж тун батIияб жо щолареб-лъи. ХIалтIизе лъугьана Шамхал-Термен росдал клубалде художествияв нухмалъулевлъун.
— Ва гьале цIидасанги МагIарул театралда батана дида дирго хIалтIудаса щолеб рохелги разилъиги. Дихъе кIалъан вачIана МагIарул театралъул директор МухIамадрасул МухIамадрасулов ва ахIана жиндихъего. Кабинеталдеги вачун, гьес дида бицана дица гьабизе кколеб хIалтIул хIакъалъулъ, ва театралъе дир кумек хIажат букIин бичIчIизабуна. Спектаклялъе музыка хъвай гуребги, гьенир ругел кочIохъабазда данде аргъанги хъвала дица, театралда тIобитIулеб щибаб тадбиралдаги жигараб гIахьаллъи гьабула, — ян тIадеги жубана АхIмадица.
Гьенив хIалтIулаго, цIалун лъугIизабуна ДГУялъул филологияб факультет. Жакъаги сценаялдасан гIемер рагIула АхIмадил бакъназда ахIулел кучIдул. Лъабго-ункъо батIияб тIехьги къватIибе биччана АхIмадица. Гьесул ахираб тIехьалъ кIудияб асар гьабуна магIарул кечI-бакъан бокьулел магIарулазе. Жиндирго иргадулаб тIехь гьес сайгъат гьабун буго магIарул булбул Генуса Ума НурмухIамадовалъе. АхIмадица гьединго байбихьун буго ГьаракIуниса ГIайшатил хIакъалъулъ тIехь хъвазеги. Гьесда ракIалда буго Дагъистаналъул халкъиял артистал ПатIимат Нуцаловалъул ва ТIагьир Къурачевасул хIакъалъулъ
тIехь хъвазеги. Жакъасеб къоялъ миллияб мацIалъулги гьеб мацIалда ахIулеб кечI-бакъаналъулги хIакъалъулъ гьикъидал, угьун биччана АхIмадица.

Чияраб берцин бихьулеб буго

— МацI лъугIулеб бугилан ахIделел руго киналго. АхIдолагоги, бицунеб буго батIияб мацI. БатIияб мацIалъ тарбия кьуразда лъазе гьечIо миллияб тарих, гьезие гьединго ургъелгицин букIине гьечIо ахIулеб кочIолги. Рахьдал мацIалда ахIулеб кочIоца гIадаб асар сунцаниги гьабуларо. Кинаб ахIвал-хIал бугеб жакъасеб кочIол сценаялда. АхIулел гьечIо магIарул бакънал. КъватIиса пачалихъазул бакъназде дандеккун хъварал магIна гьечIел, чIорогоял кучIдуз куцалел руго жакъасел гIолилал. АхIулел рагIабазулги гьечIо магIна, чIвалеб хъатилгицин гьечIо низам. Къваридаб, пашманаб кечI ахIулелъулги, цIцIани магIарде рахарал гIолилал кьурдизе лъугьунел руго. Гьеле гьедин букIуна, рагIабазухъ гIенеккизе лъалеб гьечIони. Культураялъул жаваб кьезе тарал хIакимзабазеги ургъелгицин гьечIо кочIода сверун лъугьунеб бугеб ахIвал-хIалалъул. Инсуца васасухъе кьун, эбелалъ ясалъухъе кьун, мадиро гьабун, инсул ирс бикьулел ругел гIадин, кьолел руго цоцазухъе хъулухъал. Кьунигицин щиб букIараб, маданият щиб жояли бичIчIулел хIакимзабигIаги нухмалъиялде кколел ругелани. Лъай-хъваяздалъун тахбакIазда ругезе щибго ургъел гьечIо миллияб маданияталъул, ай кечI-бакъаналъул. Гьединго миллияб театралъулгиха. Щай чIобого букIунеб зал. Щай цогIаги нухалда гьенире рачIине бегьуларел маданияталъул моцIу кIалдиб бугел хIакимзаби. Тату хола дир, гIумруялъ дицаго гьабулеб бугеб хIалтIи дида малъизе цIияв хIаким лъугьиндал. Малъаниги щиб гьебги букIараб, жиндагогIаги лъалеб букIарабани. Бищунго квеш ккараб жо буго, жинди-жиндир бакIалда щивав чи гьечIолъи, — ян ракIунтун абуна АхIмадица. Жеги рахIат хвезабун буго гьесул гьанжесел цо-цо кочIохъабаз сценаялдасан ахIулел ругел магIарул яхI-намусалъул махIгицин гьечIел кучIдузги.