Ислам-дин цIунараб цIар араб ВатIан, ЦIунаги Аллагьас абадиялъго

ХирамухIамадова ГIайшат гьаюна 1977 соналда Шамил районалъул ГIурада росулъ.

Байбихьул классазда цIалана ГIурада росдал гьоркьохъеб школалда, хадуй — Лъахъ росдал школалда.

ЛъикIал къиматазда школаги лъугIизабун, цIализе ана Буйнакскиялъул педагогикияб колледжалде. 2000 со­налъ, багIараб дипломалда гьебги лъугIизабун, тIад юссана гIагараб росулъе.

Росулъ хIалтIиги щвечIого, ана Хучада росулъе. ХIалтIана лъабго соналъ гьений, хадуй — Лъахъ росдал школалдаги магIарул мацIалъул мугIалимлъун.

2014 соналдаса нахъе хIалтIулей йиго МахIачхъалаялда, сакъатал лъимал дистанционнияб къагIидаялда цIализариялъул республикалъулаб централда мугIалимлъун.

Заочно цIалулей йиго ДГПУялдаги.

КучIдул хъвазе гьитIинаб мехалдасаго нахъе бокьулаан ГIайшатие.

Цо-цо кучIдул, макъалаби рахъулаан «ХIакъикъат»газеталдаги.

ГIайшатил кучIдул ахIула цIар рагIарал кочIохъабаз, гьединго назмаби ахIула батIи-батIиял къокъабаз.

 

 

Гьале доб ахир заман

ГIалимзаби какулеб, капурзаби реццулеб,

Рецц-бакъ цIогьазе кьолеб,

                                          цIукIа чIухIун хьвадулеб,

ХIалихьалъи цIикIкIараб,

                                        ритIухълъи малакь ккураб,

Кепкихъ ияхI бичулеб, гьале доб ахир заман.

РишватчагIазул цIарал цIвабзалъ рекъезарулеб,

ЦIаруй гIоло намус-нич чороклъизе гьабулеб,

ГIадлу бокьанщиназул мугъал рекун рехулеб,

Каранлъ иман дагьлъараб,

                                        гьале доб ахир заман.

ЗулмучагIазул зулму къо анагIан цIикIкIунеб,

ЦIоб гьечIого гьайбатал васал

                                           чIван гIодор ралел,

Бидул цIурал чорокал кверал кир регьаниги,

Гьезие нух рагьулеб, гьале доб ахир заман.

Дин-исламалъул нухда данде балъго хIалтIулел,

ХIалихьалъи бергьараб агьлуй

                                             бергьенлъи кьолеб,

Гьидаяталъул нухал хира гьарун цIуничIел,

Амру-нагью рехараб, гьале доб ахир заман.

АхIмадица бицараб, тIахьазда гIемер хъвараб,

Халкъул гIалам къосараб,

                                           Къуръаналде мугъ кьураб,

Кьуралде щукру гьабун щулаго иман кквечIеб,

ЩайтIаналъул напс ккураб, гьале доб ахир заман.

ГIалимзабазухъе ун, лъалареб гьикъулареб,

Гьидаят тIалаб гьабун битIараб нух кколареб,

ТIагьал варисазухъе вирд босизе унареб,

Адаб чорхолъа араб, гьале доб ахир заман.

Зина-хатIаялдаса цIуни жидер дагьлъараб,

Дуй кумек гьабурасда босун туманкI речIчIулеб,

Ралъдалъ лъел къатIрагIанги

                                      мунагь гIемер гьабулеб,

Гьале бачIана тIаде, ТIагьа пашманаб заман.

 

Гьидалъ

Чармил кьурабаца жаниб бачараб,

КъвакIарал васаца чIухIизабураб,

Авар гIурухъ гIин бан гIодой биччараб,

Бечедаб, беричаб гьидерил улка.

 

МагIарул чилъиги, чорхол ияхIги,

ХIурудахъ биччачIел бахIарзал гьанир,

Гьунараз дунялго хIайран гьабурал,

ХIинкъи чорхолъ гьечIел гъалбацIал гьанир.

 

 

ЦIиял наслабазе мисаллъун ругел,

ЯхIалъулъ лъедарал генералзаби,

Танкаев, ГIонжолов — нуж нижер чIухIи,

ЧIухIдае хутIила хвел гьечIел цIарал.

 

Халкъул тIалабалда тIолабго гIумру

ТIамурав, Суракъат, си дуе бала,

Сунареб чирахълъун къадруяб дур цIар,

ХутIила тIолабго Дагъистаналъе.

 

 

Гьидалъ тарихалда цIар жиндир хъварав,

ЦIар арав профессор ХIамидил АхIматI,

ТIад-ГIурада гIурав жавгьарул хIуби,

ХIалае ватана унтанщиназе.

 

Багьадурлъиялъ халкъ пана гьабурав,

Ханасда цебеги бетIер къуличIев,

КъвекIаб цIумалъул тIинчI — Гьидалъа Хочбар,

Халкъалъ дур къисаби къойил цIалула.

 

 

Нужер къиматаб цIар цIвабилъун рикIун,

РекIелъ цIунун руго хираб якъутлъун,

Хвел жидее гьечIел нужер тарихал,

Махлукъаталъ кьела цереса цере.

 

Ислам-дин цIунараб цIар араб ВатIан,

ЦIунаги Аллагьас абадиялъго,

Лъиего къуркьичIеб къиматаб дир халкъ,

Халатаб гIумру кьун таги ракьалда.

 

 

Эбелалде

ТIугьдузул релъеназ, рекIел къалмаца,

КъачIан кьела сарин дуй сайгъаталъе,

Сабурал дир рекIелъ ругел пикраби,

Кагътида сокIкIина къиматаб хIалалъ.

 

КIудияй гIезегIан накабазда лъун,

ГIужде яхинегIан гъажалда яччун,

Гьаб гIумруялде дун яхинаюрай,

Хирияй эбел, дуй, накаби чIвала.

 

 

Мун йигеб рукъалъул нуцIил кIалтIе дун,

ТIогьоде най гIадин гIедегIун щола,

ГIадлу-адаб цIунун, нуцIида кIутIун,

Изну тIалаб гьабун жаний лъугьуна.

 

РекIелъ къварилъигун аскIое щвани,

КъотI-къотIун босун гьеб къватIиб рехула,

Хинлъи кьун, рохел кьун, ракI бохизабун,

Хирияй эбелалъ нухда регIула.

 

 

Дуда къочун къватIий къокъараб къоялъ,

Къварилъи щибали дида лъаларо,

Нух битIагийилан дугIа гьабуни,

Дир мугъзада куркьбал рижун рачIуна.

 

Эбел, мун дир дарман, дир рекIел сабаб,

Рохел дие кьолеб, кьер меседил хIинчI,

Эбел дие алжан, жаниб нур бараб,

Жаниса баракат гIорлъун чвахулеб.

 

 

Чанги къварилъаби къвалцIун къулчIарай,

Къандалъо магIица гIорлъун лъалъарай,

Лъимаде гIумру кьун, кьогIлъи хIехьарай,

ХIеренай дир эбел, дуй налъулай дун.

 

Дунялгун ахират дуе битIаги,

ТIагьа разилъун дуй даража щваги,

Щивав чи гIащикъаб Пирдавус алжан,

БетIергьанас дуе сайгъат гьабеги.

 

 

Инсуде

Инсухъе гьоболлъухъ ина хабаде,

ГIодой чIела гьений, инсуда аскIой,

Зонодеги къулун щурила дица,

Гьале, эмен, духъе щванин ясилан.

 

Сородулел кверал эхеде рорхун,

Гьабила дуй дугIа гIодулеб ракIалъ,

Дунялалда дие бугеб къварилъи,

Къваридго бицина цохIо течIого.

 

 

МагIу тIун гIодила, гIорода къвал бан,

Къваридаб рекIее бигьалъи ккезе,

Керен чIарбида чIван гьарила дица,

Адаб тун батани, тIаса лъугьаян.

 

Замана арабгIан ругънал сахлъулин,

Сахал умумузул батана аби.

Щайзе сахлъулареб дир каранлъ ругъун,

Щай сонал аралгIан унти цIикIкIунеб?

 

 

Хирияв, гурхIулев, БетIергьан Аллагь!

Хьул дуде гурони лъидего гьечIо,

Дуниял кIочараб ахиратги кьун,

Алжан насиб гьабе нижер инсуе.

 

Мунагьал дагь гьарун, мун тIаса лъугьа,

Лъим Кавсаралъул кьун къеч буссинабе,

БецIаб хабалъ нур бан хоб гIатIид гьабе,

ТIагьал кьерда бакI кьун вохизе гьаве.

 

 

МахIшаралда хIисаб-суал дагь гьабе,

СиратI бахъунеб къо бигьаяб гьабе,

Кинабго рахъалъан вохизе гьавун,

Гьайбатаб Пирдавус насиблъун гьабе.

 

 

 

Сахлъи кьун таги нуж, нижер хараби

ХIалтIуца свакарал меседил кверал,

Кинабго хIехьарал хIеренал ракIал,

РекIей хIалхьи щвечIел хIурулгIинзаби,

Ассалам гIалайкум, нижер хараби.

 

Нужеда бер чIвайдал чIаголъи щола,

ЧIухIун басандула ургьиб гьинал ракI,

ЧIалде бекерулеб барти гIадинан,

ГIедегIун рещтIуна нуж ругеб кIалтIа.

 

 

Нуж ругеб сверуда нур бан букIуна,

Бахьинаб гьурмалъан баркат берола,

ТалихI-рохелалъул лъаралъги чвердон,

Чорхой рахIатги щун аскIоса уна.

 

ГIакълу-лъай гъваридал, адаб бессарал,

Бицунеб рагIидулъ магIна бегIерал,

ГIаламат-тамаша, нужер гьайбатлъи,

Гьайбатаб Пирдавус нужее кьеял.

 

 

Къварилъи-захIмалъи мугъалъ баччарал,

Чорхой рахIат гьабун минут тIамичIел,

ТIагьал нухдаса бох таризе течIел,

ЧIухIула, кIудиял, ниж нужедаса.

 

БецIаб сардилъ нижей паркъолел цIваби,

ЦIунаги Аллагьас сахлъи, сонал кьун,

Ракьалда мисаллъун ругел жавгьарал,

Жаннаталда бакI кьун рази гьареги.

 

 

Наку чIван квер босун кIодо гьарила,

Каранде къан къочун къимат гьабила,

ХIеренал, хIалимал, баркат цIикIкIарал,

Херал нужер адаб рехун теларо.

 

Хирияв Аллагьас алжанул нуцIби,

ЦIер гIадин микьабго нужей рагьаги,

Гьаниб дунялалда бихьичIеб рахIат,

Бихьаги нужеда доб ГIаднуялда.