Расул ХIамзатов гьавуралдаса — 95 сон

ЦIадастаналде сапар

 

Дида бихьула цIа дир инсул гъасда…

Сапаразде руссун руго дир сонал.
Сверулев вуго дун гьаб дунялалда.
Амма кив кканиги, кидаго даим
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда.

Ругъун щвараб керен кколебщинахъе-
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда,
Гьеб цIа сун хадуса свине вуго дун,
Дир сапар лъугIила, кучIдул къотIила…
Расул ХIамзатов

ШагIирасул рекIел даимаб ахIи

Амма свинчIо гьеб. Дагьабги гьелегьана шагIирасул инсул гъасда цIа. Жакъаги сапаразда вуго халкъияв шагIир. Гьелъие нугIлъи гьабула санайил гьесухъе гьоболлъухъ щолел хъахIал къункърабаз.
Шагьаралдаса магIарухъе унелъул, дун цо лахIзаталъ лъалхъана жиндирго цIар кьураб къотIноб шагIирасе бараб памятникалда цее. Бокьула дие гьение щвезе ва хвелгьечIел асаразе чIаголъи кьурав шагIиргун гаргадизе. Гьаб нухалда шагIирас бицунеб букIана вижараб росдалги, росулъ бугеб инсул минаялъулги, гьениб гъанситохъ бакун тараб цIадулги:

ЦIорорал мугIрузде вахунев вуго —
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда.
Ралъдал полопалъухъ балагьун вуго —
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда

НакIкIал, хьухьал хъвалхьун, воржунев вуго —
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда.
Щибаб магIил горо гиранщинахъе —
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда…

Дирги ракIцIана ЦIадабе, шагIирасул асараз тIоцебесеб роржен гьабураб ЦIадастаналде.

ШагIирасул гьаракь рагIулеб буго

Дир гIагараб ТIануси росдал рагIалдасан бихьула жиндего тIаде бегараб кьурул ахалъуда рещтIун бугеб ЦIада росу. Нижер росаби цолъизарун руго мугIрул сухъмахъаз. Ва борхалъудасан сухъмахъазде галаби тIамулагоги, рагIулеб бугин ккола инсул гъасда бакараб цIадухъ даим урхъарав шагIирасул гьаракь:

Ругъун щвараб керен кколебщинахъе —
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда…
Жакъа къацандана, къварилъахъдана-
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда…
ГIедегIулей йиго гьеб цIадухъе, цIидасанги шагIирасул асараз хинлъизайиялде хьулгун.
Сухъмахънухалккун уней йиго шагIирасе шагьарлъун хутIараб гьитIинабго ЦIада росулъе. Гьале Расулил ЦIадастан. Гьанже гурел гьанже тIаде рортун рачIинин ккарал росдада тIад цурал гьадал кьурабалъан чанги хархадун ватила гьитIинав Расул. Гьел кьурабазул тIогьив гIодовги чIун, чанги хIикмалъун ватила гьев, хунздерил тIалъиялъул берцинлъи бихьун. Гьеле гьеб мехалда рещтIунеб букIун батила гIолохъанав шагIирасул пикрабазулъе шавкъги. Щиб лъалеб, гьенисан, дунялалда рагIиледухъ ахIун батила гьес цин Дагъан, цингиги Дагъистанилан.

Лъабго памятник

Росу бакьулъ буго лъабго памятник — цояб инсуе, ЦIадаса ХIамзатие, кIигояб — вацал Расулиеги ХIажиясеги. ГьитIинабго росдал лъабго кIудияб цIар, цIва, тIадегIанлъи, борхалъи, чIухIи.
Гьале Расулил лъимерлъи жаниб араб мина. Гьелда берчIвайдал, черхго цIунцIрахинабуна. Гьале гьаб минаялъул кавудахъан лъуна шагIирас дунялалъул адабияталде тIоцересел галаби. Гьаниб инсул гъасда бакараб цIадуца цIумазул борхалъуда лъуна гьев. Гьеб цIагун цадахъ ана гьев сапаразде, гьебгун вуссана сапараздаса. Гьеб цIадухъ гIодовги кIусун, гьикъана гьес гIагараб ватIаналда:

— Бице, эбел ВатIан, бице, Дагъистан,
МустахIикъав вугищ дун дур цIаралъе, — йилан.

Гьаб берцинлъиялъул хIакъалъулъ гурищ Расулица ахIараб:
Яги:

— Киналго лъаразул бусаби гьанир-
Гьекъела, ганчIазда наку чIван, иццал,
БитIахъе ботIрода тIад цIваби гьанир-
ЦIавуцIун квер бегье, кквезецин щвела…,

Гьанир дур гъуждузда цIумал рещтIуна,
Дуца чагъана хъван, чундул кьурдула…
Гьанир хIелхIедула гIицIго хIанчIазе,
ХIилла гьабуларо чундузегицин…,- илан.

Гьаниб бижана шагIирасул тIоцебесеб кечI

Гьале минаялъул тIоцебесеб тIала. Гьале гьаниб бакараб цIаялъ гвангъизарун ратула Расулил шигIрабазул нухал. Гьеб цIаялъ веэдана, гьелъ къвалакье вачана, гIумруялъул бецIал кьеразе кунчIи кьуна, кунчIарал цIунана хIилла-рекIкIалдаса.
Гьанже гьеб мина ккола ЦIадаса ХIамзатилги ХIамзатил Расулилги гIумруялъул ва махщелчилъиялъул хIакъалъулъ бицунеб музей-миналъун, адабияталъул рукълъун. Гьеб гIуцIаралдасаги исана тIубана 45 сон. Гьелгощинал соназ чан батIияв гьоболдай рещтIарав гьеб минаялъув. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ дие бицана гIемерал соназ музеялъул директорлъун хIалтIулей йигей, Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан
ГIайшат ПатахIовалъ. Гьединго ГIайшат хIалтIулей йиго ГIарани росдал гьоркьохъеб школалда учительлъунги. Дунги гьейги чанго соналъ цадахъ хIалтIана ТIануси гьоркьохъеб школалда. Доб мехалдаго загьирлъун букIана дие гьелъулъ бугеб махщел — гIенеккаразул ракI тIадецIаледухъ лъалаан гьелда хабар бицине. Абуларищха физикал лирикал ругилан. ГIайшатида рекIехъе лъала цохIо Расулил гурелги кучIдул. Гьелдасан лъана дида шагIирасул хIакъалъулъ цIияб хабарги. Лъаларо, хIурматиял цIалдолел, нужеда рагIун букIарабищали, амма дида тIоцебе гьале гьанже ГIайшатидаса рагIулеб буго гьаб:
— ХIамзатил минаялъул кIиабилеб тIала балел рукIун руго КIахъ росулъа ГIабдусаламил лъимал. Живго ГIабдусаламица бан буго ЦIада росулъ мажгитги. Гьезда сверун лъугьун вукIарав щуго сон барав Расулица абун руго гьал рагIаби:

— ГIабдусаламил лъимал,
Лъай бугел устарзаби,
Дун гьавураб сон хъвараб
Хъарщи хвезе гьабуге, — йилан.

Гьеб къо ккола Расулил кечI бижараб къоги. Гьеб букIана халатаб нухлул байбихьи. 90 соналъ бижараб гьеб кочIол каналъ кунчIараб магIарул адабияталда жанибги жиндирго улка рагьана шагIирас. Гьеб цIа жакъаги бакахъе буго Расулил лъимерлъиялъул лъалкIазул цIураб музеялда.
Гьале музеялъул кIиабилеб тIала. Ункъабго бокIнилъан гьалбадерихъ ралагьун ругел эменги васги. Ва гьезул пагьмуялъе бутIрул къулулел цIалдолел. Музеялъул ва гьелъул директор ГIайшатил хIакъалъулъ гьенире рачIараз хъвараб цIалидал, рохелги пашманлъиги цадахъ гьулчун рачIунел рукIана рекIелъа къватIире.
Музеялъулгун къолъикI гьабулеб буго

Дун нухарегIулей йикIанин кколеб букIана ХIамзатил Расулил хIайранал сариназ:

— Дун вачIунеб мехалъ кьурул свераби
Кьурун руссинадай, диде мугъ рехун?

Амма кьурабаз бутIрул къулана кIудияв шагIирасда цере, жидер хIакъалъулъ дунялалъего бицаралъухъ. ТIануси росу рагIалде щведал, дун цIидасанги нахъюссана… Ва дие цIидасанги асар гьабуна дунялалъул адабияталъе Расул сайгъат гьавураб, тIад цураб кьуруялъ жиндирго кваркьидакье бачун цIунун бугеб, шагIирасул гIумруялъул къунареб иццлъун хутIараб, гьесул лъимерлъиялъ рокьул мугьру чIвараб, гьалбал хирияб мина…

Бице, эбел ВатIан, бице, Дагъистан,
Дилъ эбелалъ лъураб ракI хутIун бугищ?
Хирияб магIарул гIамал-хасият,
Нухда бортичIого, дилъ батарабищ?…

Шамай Хъазанбиева