ШагIир гьавуралдаса 95 сон тIубаялде

Расул ХIамзатовасул асаразулъ чIужугIаданалъул сипат

 

Мун азаргоясе йокьун ятани, гьезда гьоркьов вуго ХIамзатил Расул…

Расул ХIамзатовасул асаразулъ хасаб, бищунго гвангъараб бакI ккола, чIужугIадан кIодо гьаюн, гьелде бугеб хIикматаб рокьул цIа рекIун хъварал кучIдуз. Гьаб гьитIинабго макъалаялда бицун хIалкIвеларо кIудияв шагIирасул гIишкъудал гьелегьиналъул, амма бокьун буго, гьев гьавураб хаслихълъиялъул къоги тIаде щолеб бугелъул, цо-цо кучIдуз диего гьабулеб асаралъул хIакъалъулъ бицине. Къойил, хIалтIуде-нахъе унелъул, дун лъалхъула жиндирго цIар кьураб тахшагьаралъул къотIноб шагIирасе бараб памятникалда цее. Бокьула гьесулгун гара-чIвари гьабизе. Цо-цо нухалда «чIагояв» шагIирасде ургъел бикьулейги ятула…
Зама-заманалдасан ракIалде щола Расулил магIарухъ тIоцебе бижараб кочIол къиса. Гьеб рекIехъе лъалаан дида цадахъ пединституталда цIалулел батIиял миллатазул ясаздаги. Ва киназго цадахъги ахIулаан гьеб кечI. Гьанжеги нижерго дандчIваял нижеца байбихьула гьеле гьеб кочIодалъун. АхIула гьеб дир гьудулзаби — агулай Людацаги табасаранай Гюлмирацаги. БитIун бицани, гьел рагIаби Расулил рукIин нижеда хадуб гурони лъачIо. Исана, 28 апрелалдаги, кIалъан ячIана Люда жинца гьеб кечI Мамедхъалаялда магIарул мацIалда ахIанила шагIирасул юбилеялде сайгъат гьабураб тадбиралда йилан. Гьеб гурищ кIудияв шагIирасул шигIрабазул къуват — гIадамал цолъизари. Долдаса нахъе ана 34 сон. Жакъаги гьеб кочIоца гIагар гьарун хутIун руго ниж. МухIамадтIамир Синдикъовас гьеб кечI ахIулелъул, цере рачIуна студентлъиялъул талихIал сонал.

— ВукIун вуго цо мискин, цо цIцIеялъул бетIергьан,
Цо гъветIалъул ахихъан, цо ханжар-ярагъ бугев.
ТалихI къосарав гьасул цохIо талихI букIана,-
Цо ракIалъе йокьарай яс щвезе бугеб мурад.

Хасел ана, их щвана, их ана, рии щвана.
ТIегьачIо васасул гъветI, бижичIо гъветIалда пихъ…
ГьетI-гьетIараб гъветIалъул къотIун пандур гьабуна,
Гьелда дагIнил бакьалъул бахъун кIиго чIва бана.

Гьедин бижун рагIула тIоцебе магIарухъ кечI,-
Каранзул рекIел тIанхалъ бищун цебесеб дахIа…

КечIги рокьиги. Рокьиги ЧIужугIаданги. ЧIужугIаданги шагIирги. ШагIирги гIишкъуги. ГIишкъуги шигIруги. Гьеб киналъего буго гIаммаб цIар — чIужугIаданалде бугеб рокьи. Гьеб рокьул къисаялъ каранлъ цIа бакичIев чиго, гьеб кочIол асирлъуде ккечIев инсанго ватиларо ракьалда. Гьеб асаралъ сири базабурав шагIирасул рекIел ахIилъун кколарищ гьал хадусел рагIабиги:

— Мун нусго васае йокьун ятани,
гьезда гьоркьов вуго ХIамзатил Расул.
Цинги анцIгоясе йокьун ятани,
гьезда гьоркьов вуго ХIамзатил Расул.
Ахир мун цоясе йокьун ятани,
цохIо гьев дун вуго — ХIамзатил Расул.
Мун цонигиясе йокьун гьечIони,
ракьулъ вукъун вуго ХIамзатил Расул.
Рокьи гьечIони, гьечIо шагIирасул гIумруги гIумрудул магIнаги. Гьесул рокьуца еэдарай чIужугIадан йиго бищунго берцинайги, къуватайги, недегьайги, хIеренайги, хIалкIолейги… Къокъ гьабун абуни, шагIирасе ракьалдаго алжан сайгъат гьабурай хIурулгIин. Гьал пикрабаздаго цадахъ цебе бачIунеб буго хIикматаб берцинлъиялъул сипатги:
Расулги гьесул ПатIиматги. Ва магIарул буртина. Буртинадулъги цолъун, дунялалъего жидерго талихIалъул бицунел хIикматав шагIирги гьесул шигIрабазде гьоцIо тIинкIарай чIужугIаданги. ТалихIалъулъ лъедолеб бугеб кIиго микки. Гьезул гъургъуралъ хIайран гьабураб сверухълъи. Сундухъ кьелеб шагIирасда хьолбохъ йигей талихIай ПатIиматил гьеб гьими. Сунда бащалъилеб гьеб лахIзаталъ гIишкъул асирлъуда вугев шагIирасул рекIел хIал?!
ЦIидасанги Расул кIалъалев вуго:

ГIумру цадахъ арай дир гьудулалъул
Гьурмахъ балагьула, лъимахъ киниги.
«Сордо лъикI»,- гьеб рагIи дидаса хадуб,
Хирияй, лъицаго абуге дуда…

Гьаб хадусеб кочIолъги бугебщинаб хинлъиги, талихIги, рокьиги. Гьале доб бацIцIадаб гIишкъул дунялалда рижарал жугьаби. ЦохIо кIиязего гурони гIахьалал гьечIел. ЦохIо кIиязулго балъголъабазул рукъ:

Буго дурги дирги цо гьитIинаб рукъ,
Гьалбал риччалареб, нилъго гурони.
Буго кIиязулго кIул лъолеб цо бакI,
РекIел талихIалъул нуцIа рагьулеб.

ХIамзатил Расулил кучIдузулъ аслияб бакI ккун буго мугIрул чIужугIаданалъ. МагIарулай — гьеле гьесул асаразул къиралги, къадруги, талихIги, тамихIги, яхI-намусги, берцинлъиги.

МугIрул чIужугIадан, гIемерал соназ
ГIодана поэтал, нужехъ ралагьун.
Нужер къварилъиги нужер къисматги
Къалмикье босана, угьдилаго гьез…

ШагIир кидаго вукIана магIарулалъул къисмата-лъул ургъалида. Гьес гьей лъуна бищунго рорхатал мугIрузул тIогьийги, релълъинаюна бищунго берцинаб тIогьодаги, тIугьдуз бусен лъолеб гIидраялдаги, гIидраялъеги гIумруялъеги кунчIи кьолеб хIикматаб жавгьаралдаги. Гьесул асаразул магIарулай йиго яцIцIадай, мугIрузул законазе ритIухъай, мукIурай, росдадаго нур базабулей бакълъун. Росдал руччабаз кIигъеж гьабун баччун буго дунялалъул сипаталъ хIайран гьавулев вуго шагIир:

Унел руго руччаби, раччулаго магьалгун…
Унел руго рогьалилъ, унел руго сардида,
Унел руго санаца, гъежда дуниялги лъун.
БакIаб ургъалил гьирал, унтараб гIишкъул гьирал,
Унел руго руччаби, раччулаго магьалгун…

МагIарулай тIадагIанайлъун хутIулей хIакъикъат-лъун Расулица рикIкIунеб буго магIарул намус:

Амма бищунго цIакъ магIарул намус
МагIарул ясазда гьеб цIакъ рекъола…, — ян ахIулеб буго шагIирасул ракIалъ.

Гьале жакъаги шагIирасул памятникалда цее эхетун йиго. Гьале тIугьдулги рачIун руго гьасие. Щаяли лъаларо, шагIирасухъ ялагьидал, пашманал пикрабазул асирлъуде ккола дун. Унго, гьев камун вугеб куцха гIагараб миллаталъе. Дир пикраби цIаларал кинниги, риххизарун гьелгун, кIалъалев вуго шагIир:

Америкалъ — леди, турказулъ — ханум.
Хирияй синьора, дир магIарулай,
Дун ЦIада росулъа мистер ХIамзатов,
Мунгун вуго даим дунял сверулев…

Шамай Хъазанбиева