Фазул адабияталъул баракат

 

 

    Машгьурай шагIир Фазу ГIалиева гьаюралдаса 90 сон тIубаялъул хIурматалда тIоритIулел данделъабазде хьвадун ругьунай дун гьаб нухалда ккана Шамхал поселокалъул № 45 школалде.

     Нижеда, ай гьалбадерида дандчIвай гьабуна школалъул директор Валиев МухIамаддибирица. Школалъул жанахIалъуре лъугьиндал бер биххараб, ракI гъураб асар ккана, миллияб парталги ретIун, гьимиялъги чIаголъиялъги гвангъарал школалъул мугIалимзабаз, руччаби-ясаз къачIан ругел жиде-жидер миллаталъул богогьанлъиялъул тепсияз бечед гьарурал столал рихьидал. МагIарулазул, гIурусазул, лъарагIазул, лезгиязул, даргиязул, тумазул кванил хIал бихьизе, директоргун цадахъ, щвана щибаб столалда аскIоре.

    Гьелдаса хадур данделъана школалъул залалда. ГIурусгун магIарул мацIазда Ф. ГIалиевалъул шигIраби цIали гуребги, гьелъул прозаялдасан рихьизаруна гIолохъанаб гIелалъе насихIатиял бутIаби. ЦIакъ рекIелъе бортуледухъ шагIиралъе хирияв ГIумар-дадал роль хIана тарихалъул мугIалим Тинтинов Мурадица. Залалъул къадазда рарал Фазу ГIалиевалъул гвангъарал, чIахIиял суратазги, гьелъул адабияталъул хIакъалъулъ бицунел баннеразги, миллияб форма ретIарал гIахьалчагIазул кьурди-кечIалъги кутакаб асар гьабуна. Школалъул мугIалимзабигун цIалдохъаби гIахьаллъараб церерахъин букIиналъги батIияб берцинлъи кьолеб букIана тадбиралъе.

    Эбелалъул хIакъалъулъ Фазул кечI цIалана школалъул директорасул заместитель ГIабдулаева Хадижатица, «Эбелалъул насихIатал», аскIой яхъун чIарай цIалдохъаналъе, эбелалъ ясалъе гIадин, цIакъ ракI хIайранлъуледухъ цIалана гIурус мацIалъул мугIалим МухIамадова Шахсаламица.

    РехсечIого гIоларо гьеб байрам гIуцIаразул цIаралги. Гьелги ккола тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместитель Кахруманова ГIатикат, рахьдал мацIалъул мугIалимзаби Шамсудинова Алита, МухIамадова Алипат ва Шапиева Марьям.

    ЦIакъ рекIее гIуна байрамалда гIахьаллъизе МахIачхъалаялъул цоцо школазул директорзаби рачIун рукIинги. Гьелги ккола: Фазу ГIалиевалъул цIар кьураб № 61 школалъул директор Дибиров Хъайтмаз, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб № 50 школалъул директор Изиев МахIач, № 29 школалъул директор Халитов МухIамад, бесдал лъимал цIалулеб школа-интернаталъул директор ХIажиев Малик, № 29 школалъул директорасул заместитель ХIасанов Аскер, № 58 школалъул директорасул заместителал: МухIамадова Муслимат, ГIумарова Назиля, № 47 школалъул директорасул заместитель МухIамадова Сайгибат, МахIачхъалаялъул лъай кьеялъул управлениялъул рахьдал мацIазул методист ГIумархIажиева Рукъият.

      Гьалбадерида гьоркьой йикIана Фазу ГIалиевалъул творчествоялда тIад хIалтIулей, ахирал соназ гьелда цадахъ йикIарай, ИЯЛИялъул гIелмияй хIалтIухъан МухIамадова Маризаги, «Горянка» этноцентралъул блогер ПатIимат ГIабдурахIмановаги, дидоязул НКАялъул президент АсхIабов МухIамадрасулги.

    КIалъазе рахъараз бицана Фазул борхалъиялъулги, гьелъул гIамалхасияталъулги, гьелда рекъон букIараб магIарулалъе хасиятаб цо бихьинчилъиялъулги, дунялалъул 69 батIияб мацIалда цIалулел гьелъул асаразулги, магIарул шагIиралъ дунялалъул чанго пачалихъалда тараб Дагъистаналъул чIужугIаданалъул рагIиялъулги ва гIемераб цогидалъулги хIакъалъулъ. Улкаялъул президент В. Путиница пачалихъалъул бищун тIадегIанаб шапакъат – Андрей Первозванныясул орден каранда барай, Дагъистаналъул цIар дунялалдаго рагIизабурай Фазу ГIалиева магIарулай йикIиналдаса чIухIараб даимаб асаргун къо-лъикI гьабуна нижеца иргадулаб тадбиралъулгун.

ТубхIат ЗУРГЬАЛОВА