Хабар

ГIажаибал гъудул

 

Цо нухалъ дир гордазда гъоркь гъудузул гIасияб ахIи-хIур бахъана. Къвагъ-къвагъ-къвагъан ахIдолеб букIана цо лъебергониги гъеду. Гьел, цадахъ роржун рачIун, цин гIодорегIан роржун, цинги цодагьал эхедегIан роржун, хъудун, гьез ахIи-хIур багъаризабуна къотIноб. ГIадамал гIажаиблъун, гордалги рагьун, гьезухъ ралагьун, жого бичIчIуларого рукIана. Гъудул хъудулаго тIасан роржунел ругеб гъотIода гъоркь бегун цо чIегIераб гьойги бугоан. Гьойца гъудузул ахIиялъул ургъелги гьабулеб гьечIоан, гьеб паракъат къанщун бералгун кьижун бугоан. Цинги цо кIудияб гIадаб гъеду гьойдаса цодагьаб рикIкIад гIодоб рещтIана, цо-кIиго гъеду кIудияб гъотIол бищун гIодобегIан бугеб гIаркьалида рещтIана, цогидал гъудул тIасан кIудияб тIел гьабун роржунел рукIана. Цо заманалдасан гIодоб рещтIараб гъеду, тIамулаго жиндирго галабигун, бегун бугеб гьойда аскIобе ана, гьелъул бетIералда гозоги кIутIун, боржун цо гIаркьалида чIана. Кьижараб гьой хIинкъун тIаде борхун бачIана, цинги гъудул цIидасан къвагъ-къвагъги бачунаго, гьойда тIасан роржун ана. ХIинкъараб гьой лъутун ана. ХIинкъараб гьой лъутун ана, цинги цо гъеду, боржунги бачIун, гьой бегун букIараб бакIалдаса цо дагьалъ добегIан харилъ букIараб тIинчIги гозоялъ ккун, боржун ана. Гьеб бихьизегIан гIадамазда бичIчIичIо я бихьичIо бусадаса харилъеги бортун, боржинеги лъаларого букIараб гъадил тIинчI. Эбелаб гъадица тIинчI нахъе бачун индал, нижеда бичIчIана, киналго гъудул кумекалъе ракIарун рукIараблъи. АскIобегIан бугеб гьойда гьеб тIинчI бихьизе гурилан гьезул букIараб хIинкъи, гьез гьабулеб букIарабщинаб ахIи-хIур. ЦIакъ берцин бихьана гъудузул гьудуллъи, гьезул цолъи, цоцазе кумекалъе ба-хъулеб жигар. ГIадамазгицин босизе бегьила гьединал хIанчIаздаса мисал.